Ахираб кӏиго соналда жаниб пандемия сабаблъун ругел гӏорхъичӏваяз къватӏисел улкабазде хӏухьбахъизе ине квекӏен ккеялъ, нилъер республикаялде ранго ран рачӏине байбихьана хӏатталдаса ун гӏемерал туристал. Цо-цояз гьелдасан жидеего хӏалкӏвараб пайда балагьулеб буго. Цогидазейин абуни рекӏее къабуллъулеб гьечӏо къватӏиса рачӏарал гьалбал нилъер гьанир гӏемерлъи. Гьеб суалалда тӏасан жамгӏиял гьиназдаги боркьарал бахӏсал унел руго нилъер ракьцоязда гьоркьор.
Гьелда бан нижер пикру ккана ракьцоязда гьоркьоб гьикъа-бакъи гьабизе:
Сагӏадула Хӏайбулаев, Хӏариколо росдал бегавул:
— Магӏарухъ гӏумру гьабун ругел гӏадамазе жидеего гӏарац, магӏишат гьабизе рес щвей гурого, щибго зарал дида бихьуларо. Масала, нижер Хӏариколо росулъ буго гьалбал къабул гьарулеб ункъогӏаги этно-рукъ. Цо чиясдаса сордо-къоялда жаниб, вегизавуралъухъги кваназавуралъухъги щола гӏага-шагарго кӏиазарго гъурущ. Гьелде тӏадеги, жидерго хӏан-нах, гьан, даруял хурдул, гьоцӏо, урба — гьединал жалги ричулелги руго гьезие. Гьединал рацӏцӏадал, гъорлъ химикат гьечӏел нигӏматал гьезие цӏакъ рокьула. Заралги пайдаги бараб буго нилъ гьелгун хӏалтӏиялда, нилъерго бугеб бербалагьиялда.
Дагъистаналъул тарих лъалел, лъай бугел гидалги дагь гурого гьечӏо. Дида чанги рихьана магӏна-гӏин гьечӏел жал рицунел гидал. Туристазул нилъералде данде кколареб хьвада-чӏвадиялъул гӏайибги, узухъда, гидазда буго. Нилъеца рокъове гьобол вачунеб мехалъ абула гури, масала, рокъоб жаниб хъалиян цӏазе бегьуларин. Нижер росулъе гьедин рачӏарал гӏадамал дида жеги рихьичӏо. Хӏариколоре рачӏунел туристазул къадарги къойидаса къойиде цӏикӏкӏунеб руго. Хунзахъе унаго нухдасан мугӏрузул каранда бекьун бугеб гӏадин, тӏаса гъоркье балагьараб нижер росуги бихьун, интерес ккун рачӏуна гӏемерисел гьанире. Гьез гӏажаиблъи гьабула, гьадинаб бакӏалда кин нужеца яшав гьабулебилан. Нижеца гьалбадерие гьенир гьарун руго сверун къарал хал гьабиялъул площадкаби, гӏодор чӏезе беседкаби. Гьабихъеги рачун хьон, гӏатӏ ххунеб къагӏида ва гьединго росдал гӏадат-гӏамал, фольклор бихьизабула. Гьеб киналъулго бицунев кӏиго гидги вуго росулъ. Рачӏуна батӏи-батӏиял блогерал. НТВялъул журналистас передачаги бахъун букӏана жакъасеб нижер росдал ва гьалбал къабул гьариялъул хӏакъалъулъ.
Мурад Багъилов, Къорода-Кьода гьоркьохъеб школалъул директор:
— Дагъистаналде туристал рачӏиналъулъ цӏикӏкӏунисеб къадаралъ пайда бугин тола дица. Магӏарухъ, хасго гьитӏинал росабалъ гӏумру гьабун ругел гӏадамазе рес щвана гьезие кваназе, рега-рахъине бакӏал гьарунниги, пихъ-мичӏ бичунниги жидеего бетӏербахъи гьабизе.
Дандекколел шартӏал чӏезарун гьечӏолъиялъ, цо-цо квалквалалги камулел гьечӏо. Машинаби гӏемерлъун руго ва гьел чӏезарулел хасал бакӏал гьечӏолъиялъ нухазда чӏезарун тезе кколел руго. Хасго нижер гьаниб Къорода Бецӏкъварилъухъ гьел гӏемерлъараб мехалъ квалквал, санагӏатбахъи букӏуна гьезул. Республикаялъул бюджеталъеги пайда букӏинарищха.
Ункъо-щуго соналъ цере рукӏаралдаса цере шартӏал гӏемерго лъикӏлъун руго. Амма гьел жеги щвалде щвезаризе ккола. Узухъда, Россиялъул цогидал шагьаразда, масала, Сочиялда, Анапаялда гӏадал шартӏал нилъер гьанир гьечӏо. Республикаялъул бетӏерасги районазул бутӏрузги гьелда тӏад хӏалтӏиги гьабулеб букӏин бихьулеб буго дида. Туристазе цо ккураб багьа чӏезабурал туризмалъул базаби дагь руго.
Дида кколаро, гьанире рачӏарал гӏадамазул ретӏа-къайги рукӏа-рахъинги берцинги бихьун, гьеб хадуб такрар гьабизе нилъер гӏун бачӏунеб гӏел лъугьинилан. Щайин абуни, нилъеца гьитӏинаб къоялдаса нахъе малъула ва мисал бихьизабула нилъер хьвада-чӏвадиялъул. Рокъор ругел эбел-инсудаса, чӏахӏияздаса гурони, цо къоялъ рихьулел, къватӏиса рачӏарал гӏадамаздаса мисал гьез босиларин кколаха дида. Лъабго-ункъо соналъ цебе гӏадин, аят гьечӏого, толо-гъолон рачӏунезул къадарги гӏемер дагьлъанин абизе бегьула. Цо-цо гьоркьо-гьоркьор, цадахъ гид гьечӏого рачӏарал, ялъуни цодагьав «бетӏер гьечӏев» гид цадахъ ккедал, камулел ратиларо гьединал хӏужаби.
Рукъият Асадулаева, Хасавюрт район, Цӏияб Ичичӏали росу:
— Туристал къабул гьаризе нилъ цодагьал гӏедегӏанин ккола. Гьелъие гъоркьбакӏ хӏадуризе, хӏухьбахъи гьабизе рачӏарал гӏадамазе рукӏа-рахъиналъе чара гьечӏого къваригӏунел шартӏал чӏезаризе кколаан цин. Хасго кӏвар бугеблъун ккола цӏуна-къай гьабиялъул ва рацӏцӏа-ракъалъиялъул суал. Масала, туристал рукӏуна лъикӏа-лъикӏал шартӏазде, ресазде ругьунал чагӏи. Жамгӏиял гьиназда чанги бихьана къватӏиса рачӏарал гӏадамаз рацӏцӏа-ракъалъи гьечӏолъиялъул рахъалъ бадирчӏваял гьарулел.
Камулел гьечӏо, дораса хъущтӏун, гьанисан рортун, туристазе нилъер ракьалда къадар ккарал хӏужабиги. Гьединлъидал, цӏуна-къаялъул суалги щвалде щвезабун, камил гьабуни, лъикӏ букӏинаан. Дагъистаналда хӏинкъи цӏикӏкӏараб хӏал бугинги абун, гьанире рачӏунел гьалбал нахъаса къотӏизеги рес буго.
Гьединго, нагагь нилъее гӏадатияб гуреб гьезул хьвада-чӏвадиги берцин бихьизе рес буго гӏолохъанаб гӏелалда. Щайин абуни, гьеб буго сунцаго кверде росизе бегьулеб ригь. Бетӏер бекилалде бухьине кколин абухъе, гьелде кӏвар кьезе ккола бищун цебе рокъоб эбел-инсуцаги, школалгун мадрасабазда мугӏалимзабазги, мажгитазда дибирзабазги. Лъикӏ букӏина Дагъистаналъул гӏорхъодаго гьезул ретӏа-къаялъул хал-шалги гьабун, нилъер гьаниб данде кколебги кколаребги жо гьезие баян гьабуни. Гьелъулгун лъай-хъвай гьабунин абун, гъулбасинабизе ккола. Нагагь гӏорхъичӏваял хвезаруни, гьабизе хасаб гӏадлу-тамихӏги ургъизе ккола.
Марьям Шафиева, этно-блогер:
— Дир пикруялда, Дагъистан жеги хӏадур гьечӏо гьединаб къадаралда туристал къабул гьаризе. Гьелдасан хайир щолел цо-цо гӏадамазе гурони, республикаялъе гьелъул щибниги пайдаги гьечӏо. Щолеб кепкил гурого ургъел гьечӏел цо-цо туризмалъул гӏуцӏабазул хӏалтӏухъабаз туристазул рукӏа-рахъиналда хадуб халкколеб гьечӏо, гьез тӏекъал жал гьарулел рихьараб мехалъгицин руцӏцӏухӏунги чӏолел руго, жидеего щолеб хайир къотӏичӏого букӏине. Гьелъ нилъер гӏун бачӏунеб гӏелалъе кӏудияб зарал гьабизеги рес буго.
Гӏолел гьечӏо профессионалиял гидал ва гьединалго туризмалъул гӏуцӏаби.
Дагъистаналъул гӏадат-гӏамалалде данде кколареб гьалбадерил рукӏа-рахъиналъ нилъер гӏун бачӏунеб гӏелалъе, хасго балугълъиялде рахинчӏел лъималазе лъикӏаб гьечӏеб мисал бихьизабулеб бугин рикӏкӏуна дица. Дирго гӏумруялда бищун квешаллъун дица рикӏкӏуна 1990-абилел сонал. Гьаб ахираб заманалда кинабго лъикӏаб рахъалдехун сверулеб буго. Гӏемерлъулел руго бахча-хьвараб ретӏа-къаялъул гӏолилал. Лъикӏаб рахъалдехун сверун унеб жо, квешаб рахъалдехун гьетӏилилан хӏинкъун йиго дун. Амма гьебги туристазул гӏайиб гуро. Киназдаго гуро лъалеб пуланаб бакӏалъул рукӏа-рахъиналъул низам. Руго киналъулго цӏех-рехги гьабун, гьебги гӏадахъ босун, турагентствабазул кумекалдалъун рачӏунел туристал. Амма жалго лъикӏал лъугьун рачӏунелги камулел гьечӏо.
Гъоркьиса ралъдал рагӏалдаса лъималгун тира-сверун рачӏунаго, толо-гъолорал рос-чӏужу рихьана нижеда. Тӏолабго черхалда татуировкабиги ругоан гьезул. Дир лъимал гӏажаблъун хутӏана гьел рихьидал. Аскӏоеги ун, бадибчӏвай гьабизехъин букӏана, амма дидасаги цеве цоги бихьинчи ккана. Рокъое щвейгун лъималазулгунги гара-чӏвари гьабуна.
Эркенаб заман бугинги абун, нилъеца гьелде квер хьвагӏун тезе бегьуларо. Дир пикруялда, гьеб иш мухъде бачине бегьула гьадинаб къагӏидаялда: республикаялъул даражаялда, рукӏа-рахъиналъул тӏалабал жанире рачараб законги, гьел рехсараб мажмугӏги бахъизе бегьула. Нагагь, гьалбадерица гӏадлу хвезабулеб бугони, гьезда тӏад гӏакӏаги къотӏизе. Гьелъ кумек гьабилаан гьеб суал рукӏалиде ккезабизе.
Ибрагьим Хӏасанов, гид, Шамил районалъул Гьоориб росу:
— Туристал цӏикӏкӏиналъулъ, узухъда, лъикӏал рахъал гӏемер руго. Нижер росулъ хӏалтӏи щоларого рукӏаразе хайир гьабизе рес щвана. Тӏадежоялъе нухалгун кьоялги къачӏалел руго. Лъабкъого соналда жаниб жамагӏаталда гьабизе кӏвечӏеб, 100 метралъул халалъиялъул, хӏинкъи бугеб, чанго чи гъоркье рехараб рагӏал, рачӏарал туристаз гӏарацги биччан сверун къана.
Гӏемерал хӏукуматал руго туризмалъ бечед гьарурал. Гьединго, нилъер республикаялъул цебетӏеялъеги гьелъул квербакъи гуреб жо гьечӏо. Щивав республикаялде вачӏарав туристас гьаниб тараб гъурущ буго нилъер бюджеталъеги халкъалъеги щолеб хайир.
Цо-цо росабазул жамагӏатазеги рекӏее къабуллъулеб гьечӏо туристал къабул гьаризе. Дида гьединалги ричӏчӏуларо. Нилъер ракьалда гьобол кидаго вукӏана бищунго къимат тӏадегӏанав чи. Р. Хӏамзатовасул «Дир Дагъистан» абураб тӏехьалдаса цӏалун букӏана дица гьадинаб лъугьа-бахъин. Цо херав вукӏун вуго нухлул рагӏалда гӏодовги чӏун гӏодулев. Мун щай гӏодулевин гьесда гьикъидал, гьес жаваб гьабун буго жиндие Бетӏергьанас тамихӏ гьабунилан. Щиб сабаблъунин гьикъидал, херас жаваб гьабун буго, щиб гӏилла бугебалиги лъаларин, амма жиндихъе лъабабилеб къоялъ гьобол вачӏунев гьечӏин. Гьединал гьобол-гьудул хириял наслабаз-нилъеца нилъер гьоболлъиялдаги, культураялдаги, некӏсиял бакӏаздаги рухӏдаллъун рачӏунел гӏадамал нахъчӏвазе бегьилищха. Щибаб миллаталъул букӏуна жидерго ретӏунеб ретӏелги хьвада-чӏвадиги. Гьезул доре щведал, жидер форма-хьит гурого ретӏунгеян нилъеде тӏаделъуларогури. Къойил нилъехъе рачӏунел туристаз гӏолилазе квешаб мисал бихьизабизе бегьулин абураб пикруялда дун разияв гьечӏо.
Мухӏамад Манапов