Унгоха гьайбатлъи, инсанасе гӏоло Тӏадегӏанас бижараб тӏабигӏаталъул бечелъи.

Ччугӏие лъим, хӏанчӏие зоб, инсанасе ракь. Бичун босизе багьаябги ракь, тӏалабго гьабичӏого рехун тарабги ракь. Ракьал сабаблъун кколебщинаб питна хъизаналда ирс бикьулаго, хурул мадугьалзабаз галул манзилалъул бицун, росабазул мегъазда гӏорхъаби чӏезарулаго.

Хварай ункъачол пастӏан сабаблъун кьалде кколел руго кӏиго вацасул лъимал, эбелалъул ах гьоркьоб бикьун бажаричӏого тушманлъун руго яцал. Эбел-инсуца гьабун кьураб ах, гьениб жаниб бан кьураб минаги чӏунтизе тун шагьаралде гочарал васал цӏакъ гӏемер руго. Ахир, ирс бикьулаго, гьезул васал кьаллъизе руго инсуца чӏунталиде ккезе тараб рукъги ахги сабаблъун. Лъарагӏлъуда хьуцӏ бакъвазабурабги цо натӏ ракьул къиматаб, магӏарухъ тӏогьода босараб инсул ах кӏочон тей гьечӏищ гӏажаиблъи.

«Нижер ракьалдаса шагьра бахъуге, лъадал рогӏрал лъоге, нижер, дир, дие..» Ракьалъ кӏкӏунев инсанасе ракьалда тӏад бокьулебщинаб кверщел! Ахир чӏорого унел кверал, гьанибго толеб дунял.

Нагагьлъун цо чияс, букӏин гӏадамазда кӏочараб, щибго хайир босулареб ракьалъул анцӏго метралдаса пайда босизе, гьеб хӏалтӏизабизе лъугьани, кӏалъалелщинал кӏалал! Дов чияс ракьул бокӏон кӏкӏвине бугеб гӏадаб хӏисаб букӏуна. Гъоб анцӏго метралда сверухъ жеги анцӏгогӏан цӏикӏкӏун манзил халкъалъего санагӏаталда къачӏаниги гьезда халлъуларо, хъантӏиялъул кутакалъ.

Рохьал — гьез кьолебщинаб лъикӏлъи чӏагоябщиналъе! Гьезул гьабулареб къимат, тӏалаб. Жидеего хӏажаталъе цӏул хӏадурулаго гъурун гӏодобе бараб кьили-калалъ гӏадамасеги хӏайваналъеги гьабулеб квалквалалъул агъазги букӏунеб жого гуро. Эхедегӏан бакӏалда, цо рохьил рацӏалъуде рахиндал, бугоан росулъа эхеде баччун бараб рощнол гохӏ.

Гьайбатаб лъарал чваххи бихьизе кӏкӏалал рагӏаллъуда лъалхъани, батула ракӏгъанцӏулеб, памперсалгун пластикалъул тӏагӏел-алат жубараб рощнол «гӏор». Огь, гӏадамил лъимер, дур хъантӏи, гӏассилъи, нигӏматлъун кьураб ракьалъул гьабулареб къимат! Эркенлъи хӏалакиялъ, рикъзи гьарзалъиялъдай гьадигӏанго загӏиплана инсан?

Харабазул накъит — гӏумруялъул чваххи борцунеб роцен

«Цебе гьаниб хур букӏана, гьанже рохь гӏун буго, гьалъал гъугъдул руго бекьизе ракьул бокӏон ганчӏидаса бацӏцӏад гьабулаго гӏурал»- беразулъ пашманлъигун бицуна цӏикӏкӏарал чагӏаз. Цебесебги гьанжесебги борцунеб роценлъун лъугьуна, нухда дандчӏван анцӏго минуталъ лъалхъаниги, гьезулгун накъит.

— Магӏарухъ ракь къиматаб букӏана кидаго, росдада аскӏобегӏан рохьил гъутӏби гӏезеги толароан. Гьанже гьал рекьичӏел ракьазухъ, ракьал рацун росдада гӏагарлъухъе щварал рохьазухъ балагьун ракӏ унтула, — ян гӏарзахъдилей йиго, жиндирго хуриса юссуней ригь арай гӏадан. — Гӏака хьихьизе бокьулеб гьечӏо росулъ гӏумру гьабун ругел гӏемерисел руччабазе, гьитӏинлъун, лъугӏун унеб буго гӏачиязул рехьед. Кӏвахӏаллъиялъ ханлъи гьабун буго гӏолохъанаб гӏелалда. Дуцаго халгьабе, чӏобого буго цебе гӏи-боцӏул цӏун букӏараб мегӏер-гӏалах.

— Лъица щиб бицаниги, бихьинал тамахлъун руго сундулъго, -ян абулеб буго херав Гӏабдулагьица, гӏалхул хӏайванал рукъалда цере рачӏунеб хӏалалъ, ракьалъул хважаинлъи гьабулеб гьечӏо гӏолохъабаз. Пихъил ахал, гьацӏул тӏалаби толаро цияз, чакъалазул гӏавусди буго ахӏулеб щибаб какда данде. Цохӏо нижер росулъ 17 бече чӏвана араб соналъ чакъалаз, сверухъ росабалъги рукӏана гьелго гӏарзал. Канализациял рухъулел, унитазал лъолел руго гьал, чорхое, чохьое санагӏалъаби рекъезарулаго, азбаралъуб бугеб хӏажатханаялъуре рахъине захӏмалъун. Чӏухӏарал минаби рала, спорталъе майдаби гӏуцӏула. Чӏунтун руго ахал, чӏорого руго умумузул мегъал. Росулъ магӏишат гьаби — гьеле сахлъиги спортги гӏадамасе. Бегун хвараб къаркъала къо ккедал хьадарлъулаян абулаан умумуз. Хӏалтӏуларев кваналароянги букӏунаан колхозчагӏазе балеб ахӏи. Гьанже кваналел руго киналго. Тукада памперс батичӏилан, огь гьал ясазде кколеб къо! Лъимада гьебги бан телефоналде къулизе ккеларищха ал! Гӏезабулеб ах гуро, бегьулеб бахча гуро азул. Базе рогьо лъугӏараб заман буго бачӏун. Ракьал хӏалтӏизарулелги руго цо-цо хъизанал, гьездасаниги мисал босулебани цогидазги.

Мегӏер-гӏалах гӏи-боцӏуца берцин гьабула, росдал къватӏазе гӏумру кьола инсанасул хӏетӏ-квералъ, мегъал чӏаголъула гьелчолел тӏорщалил хурзаз — кинабго буго гӏадамазул кодоб.

Мичӏчӏица хӏанчӏулеб бугила

«Инаро, бокьун гьечӏо», — ян гӏодулев вас ясли-ахалде витӏизе хӏадурулей йиго эбел.

— Баба, дун жакъа унаро Мухӏамад садикалде вачун.

— Щай?

— Мичӏчӏица хӏанчӏулеб буго нижер гьурмадаги квераздаги. Гӏайшат йитӏе, гьей йорхатай йиго.

— Йо, дун бачал гъезе ине ккола. Мун квералги рахчун аха.

— Илъа, шагьранухалъ а, гьениб мичӏчӏ букӏунаро,- ян буюрана эбелалъ.

— Кверал эхеде ккун аниги, хӏанчӏулеб буго мичӏчӏица. Шагьраялдаги машинаби рукӏуна. Велосипедалгун васалги. Дун хӏинкъула, инаро, — ян гӏодана яс.

Шагьранухккун вацги ясли-ахалде щвезавун ячӏуней кӏудияй яс сагӏаталдасан щвана рокъое.

— Мун щай гьадигӏан кватӏарай, бакъ зоб бакьулъе щолеб буго, бачал гъезе кколарищ?- ан ясалде семулеб гьелъул гьаракь къотӏнобе рагӏулеб букӏана.

Гьеб ахӏи-хӏуралда тӏаде, жиндирго ахикьа микьирги босун ячӏана херай мадугьал.

— Баркаман, исана гӏемер бижун буго гьаб. Лъималазе босун йилълъана. Нужер гьабги бакъулаб рахъ буго, гъутӏби лъикӏ рижилаан.

— Ал сундасаго махӏрум гьаризе ккун руго жакъа, мекълъун руго радалго. Садикалде инарила, мичӏчӏица хӏанчӏулеб бугила жидеда..

— Дун гьитӏинаб мехалъ нилъер росулъ йикӏана Бика абулей гӏадан. Гьей гӏемер ятулаан къватӏахъ чӏахӏ бетӏулей. Хӏетӏ-квералда хъвалеб мичӏчӏ нижер авалалда кибниги букӏараб ракӏалда гьечӏо. Рацӏцӏадал къватӏал рукӏунаан. Кигӏан бакъбараб соналъги, гӏадамазул гьорал жеги чӏорогояб заманалъ Бикал чӏарал гӏуцӏцӏ гӏолаан. «Къватӏахъ гӏурччинлъи цӏикине толаро алъ»-ин абун гьелде рагӏи рехулелги камулароан. Гӏиндабакӏайги йикӏана, мунагьал чураяй. Хӏажатасе хурибе бачине оцги, бичизе нах-хӏанги кидаго камулароан гьелъул. Гьанже къватӏахъан мал бахъизе бегьулеб хӏалго гьечӏо. Гьанже лъалеб буго гьелъул къимат. Бикал авалги чӏунтана. Диргоги бажари гӏоларо къватӏал рацӏцӏине.

Гӏодое къулун гӏенеккана лъималазул баба херай мадугьалалъул харбихъ.

Къалъудаса хадуб, лъимал ясли-ахалдаса рачине заман щвелалде, хъатикь харицелгун къватӏал мичӏчӏидаса рацӏцӏине щвана гьей.

Патӏимат Гьитӏинова