Гьудуллъиялъул куркьбалги хьвагӏулаго…
«Горцы» абураб халкъазда гьоркьосеб фольклорияб фестиваль тӏобитӏана Махӏачхъалаялда
Дагъистаналъул тахшагьаралда рещтӏен гьабуна дунялалъул батӏи-батӏиял улкабаздаса гӏадамал цолъун лъугьараб кӏудияб гьудуллъиялъ. Гьелда цадахъ тӏугьдузул берцинаб квацӏилъун Дагъистаналъул ракьалда щущана талихӏги. Гьудуллъиялдаса кӏудияб талихӏги щибха букӏинеб гьаб заманалда. Гьудуллъиялъул куркьбалги хьвагӏулаго, нилъехъе рачӏун руго Словакиялдаса, Польшаялдаса, Румыниялдаса, Азербайжаналдаса, Пенза, Ленинград, Липецк, Курск областаздаса, Ставрополь краялдаса, Удмуртиялдаса, Татарстаналдаса, Чачаналдаса, Кабардино-Балкариялдаса, Северияб Осетия-Аланиялдаса, Ингушетиялдаса, Гъарачай-Чергесалдаса гьалбал.
17 июнь
Байбихьана халкъазда гьоркьосеб микьабилеб фольклорияб фестиваль. Гьеб тӏобитӏула кӏиго лъагӏалида жаниб цо нухалъ. Фестиваль тӏобитӏула Россиялъулги Дагъистаналъулги Культураялъул министерствабазул кумекалда-лъун, ЮНЕСКОялъул ахӏиялда гъоркь.
Гьебго къоялъ республикаялда тӏоцебесеб нухалда рагьана «Устарзабазул Кавказ» абураб халкъиял махщелчагӏазул ярмарка-конкурс. Махӏачхъалаялда Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб миллияб библиотекаялда тӏобитӏулеб ярмаркаялда гӏахьаллъана Россиялъул батӏи-батӏиял регионаздаса ва Дагъистаналдаса устарзаби. Конкурс тӏобитӏана чанго батӏияб номинациялда: цӏулада накъишал гьари, хьухьари, угьари, рессари, ясикӏаби, гӏарцул ва меседил тӏагӏелал гьари ва цогидалги.
Расул Хӏамзатовасул къотӏноб бугеб аллеялда дагъистаниязда ва гьалбадерида жидерго пагьму-гьунар бихьизабуна республикаялъул фольклориял коллективаз. Миллиял кьурдабиги кечӏ-бакъанги, гьездаго гъорлъ цолъулеб гьалбадерил гьаракьги — гьеб киналъго байрамалде рачӏаразе гӏажаибго берцинаб асар гьабулеб букӏана. Киназего бокьун букӏана кьурдул сверулъе кӏанцӏизе.
Гӏурустеатралда рагьун букӏана «Дир Дагъистан — дир Россия» абураб суратазул выставка. Гьез бицунеб букӏана Россиялъул тарихалда Дагъис-таналъ кколеб бакӏалъул.
Гьенибго фестивалалъул хӏурматалда гьалбадерица ва Дагъистаналъул фольклориял коллективаз бихьизабуна концерт. Тадбиралъул байбихьуда дагъистаниязда ва гьалбадерида байрам баркана Дагъистаналъул хӏукуматалъул председателасул тӏоцевесев заместитель Анатолий Карибовас.
— Жакъа нилъ данде гьарун руго гьудуллъиялъ. Рекӏелъ кӏудияб рохел рещтӏун буго гьалбадерил разиял гьурмал рихьидал. Жакъасеб байрамалъ цоги нухалда ракӏалдещвезабулеб буго нилъер къуват гьудуллъиялъулъ ва цолъиялъулъ букӏин, — ан абуна гьес.
18 июнь
Р. Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб миллияб библиотекаялда гьеб къоялъ тӏобитӏана «Халкъазда гьркьосеб цадахъ рекъон хӏалтӏи–миллиял мацӏалги культураги цӏуниялъул аслу» абураб темаялда данделъи.
Магӏарул театралда цебе гьалбадерица бихьизабуна концертги. Дагъистанияз хъатчӏвана поляказеги, румыназеги, азербайжаназеги, гӏурусазеги, Словакиялдаса гьунарчагӏазеги.
Концерталъул ахиралда хӏасилал гьаруна ярмарка-конкурсалъулги.
Щибаб номинациялда бергьаразе ва призеразе кьуна дипломал ва ансадерил устарзабазул цӏулал тӏагӏелал-сувенирал. Конкурсалъул аслияб шапакъат, ай Гран-при щвана Краснодар краялдаса Татьяна Ткаченкое.
— Дие цӏакъ бокьана Дагъистан. Пана гьаюна дагъистаниязул гьалбадериде бугеб рокьиялъ. Биччанте миллатал гӏемераб Дагъистаналда талихӏалъул бакъ даим гвангъухъе букӏине, — ян абуна гьелъ. Гьединго Татьянаца баркала кьуна жиндир захӏматалъул гьабураб кӏудияб адабалъухъги.
Тадбиралде рачӏаразда байрам баркана Дагъистаналъул культураялъул министрасул заместитель, республикаялъул Халкъияб творчествоялъул рукъалъул директор Марита Мугадовалъги.
19 июнь
Гьеб къоялъ гьалбадерица сапар бухьана Дербент шагьаралде. Гьениб тӏобитӏана циркалъул искусствоялъул «Пехлеван» байрам. Нарин-Хъалаялда гьалбадерица бихьизабуна концерт. «Фестивалалъул открыткаби» абураб концерт кьуна Махӏачхъалаялда Магӏарул театралда цебеги. Дагъис-таниязе рес щун букӏана миллатазул кьер-кьерал нураз берцин гьабураб Россиялъул халкъазул культураялъулгун лъай-хъвай гьабизе.
20 июнь
Гьалбадерица сапар бухьана респуб-ликаялъул батӏи-батӏиял районазде. Масала, Пензаялдаса, Выборгалдаса, Липецкалдаса гьалбал щвана Гъизляр шагьаралде. Гьениб тӏобитӏана казаказул культураялъул фестиваль. Польшаялъул гьунарчагӏи щвана Избербашалде. Гьениб тӏобитӏана «Дир халкъалъул кучӏдул ва кьурдаби» абураб халкъияб гьунаралъул фестиваль. Ансадерихъе гьоболлъухъ щвана Азербайжаналдаса ва Татарстаналдаса гьалбал. Гьениб тӏобитӏана «Халкъияб устарлъи» абураб байрам. Гьединабго тадбир тӏобитӏана Хунзахъ районалъул Гьоцӏалъ росулъги. Гьенире рачӏун рукӏана Румыниялдаса гьалбал. Миллияб парталалъул байрам тӏобитӏана Лаваша районалъул Мекеги росулъ. Гьенир гӏахьаллъана Словакиялдаса гьалбалги. «Мугӏрузул гьаракь» абураб халкъияб кочӏол фес-тивалалда гӏахьаллъизе Буйнакск районалъул Гъоркьияб Гъазданущире ун рукӏана Курскалдаса, Удмуртиялдаса гьунарчагӏи. Гьединго фестивалалъул гӏахьалчагӏи концерталгун щвана Шамхал-Термен, Тарки, Цӏияб Хушет, Сулахъ поселоказде.
Гьебго къоялъ Магӏарул театралда цебеги букӏана фестивалалъул байбихьуда букӏараб концерталъул хадусеб бутӏаги.
Ва ахиралда Гӏурус театралда тӏобитӏана гӏурус костюмазул «Халкъияб костюмалъул выставка» абураб байрам.
21 июнь
Аслияб къагӏидаялда гьеб къо сай-гъат гьабун букӏана Дагъистаналдаса гьунарчагӏазе.
Тӏоцебесеб иргаялда, Гӏурус театралда тӏобитӏана «Басанде, ракӏ» абураб миллиял музыкалиял алатазда халкъиял бакънал рачиналъул фестиваль. Кӏиабизе, гьенибго тӏобитӏана «Дагъистаналъул иццал» абураб халкъияб кочӏол фестиваль-конкурсги. Магӏарул театралда махӏачхъалаялъулазе ва тахшагьаралъул гьалбадерие концерт кьуна фестивалалъул гӏахьалчагӏаз.
Ахиралдаги Гӏурус театралда тӏобитӏана «Кавказ- цогояб хъизан» абураб гала-концерт.
22 июнь
Жакъа фестивалалъул гӏахьалчагӏи цере рахъине руго Махӏачхъалаялъул Ленинил цӏаралда бугеб аслияб майданалда, дандчӏвазе руго республикаялъул культуралъул министр Зарема Бутаевагун. Цоги нухалда дагъистаниязе рес щвезе буго Магӏарул театралда цебе тӏобитӏизе бугеб фестивалалъул гӏахьалчагӏазул церерахъиназухъ халгьабизе. Гӏурус театралда тӏобитӏизе бугеб «Дир Дагъистан — Дир Россия» абураб концерталдеги ахӏулел руго фес-тивалалъул гӏахьалчагӏаз.
23 июнь
Метер Дагъистаналъулгун къо-мех лъикӏ гьабулеб буго «Горцы» фестивалалъ. Гьалбал рази хутӏана дагъистанияздаса. Цӏиял лъай-хъваял, цӏиял гьунарал, цӏиял цӏарал. Миллияб маданияталъул тарихалда хъварал цӏиял тӏанчал…
Гьеб киналъулго бицине ва фестивалалъул хӏасилал гьаризе кӏудияб гьудуллъиялъул кӏудияб байрамалъул киналго гӏахьалчагӏаз ахӏулел руго Гӏурус театралде «Цадахъ нилъ — Россия» абураб тадбиралде.
Шамай Хъазанбиева