Алхасовасул музей
Арал гӏасрабазде рагьараб нуцӏа
даниятги, хисулеб буго гӏадат-гӏамалги. Гьединлъидал некӏо хӏалтӏизабулеб букӏараб ва жакъа нилъеда кӏочараб къайи-къоно музеялдагӏаги цӏуни ккола росдал тарих, умумузул рукӏа-рахъин кӏочене биччангутӏиялъе гьабулеб хӏалтӏи. Гьеб мурадалда Гьентӏа росулъги гӏуцӏун буго музей. Гьеб иш гьабурав чиги ккола гӏемерал соназ школалда тарихалъул учительлъун хӏалтӏарав Мухӏамад Алхасовасул хӏаракат. Музей гьабизе санагӏатаб бакӏ кьуна школалъул директор Ахӏматӏиласул Мухӏамадица.
— Цӏияб музей гӏуцӏиялъул хӏалтӏи гьабизе байбихьана 2017 соналъул сентябралда. Цебелъураб масъала букӏана умумузул букӏараб гӏумру хӏакъикъияб къагӏидаялда цебечӏезаби. Бигьаяб гуреб гьеб иш гӏумруялде бахъинабизе гӏемераб хӏалтӏи гьабуна кверал меседилав устар Мухӏамад Бижаловас, — ан бицана М. Алхасовас.
Музеялда буго, гӏага-шагарго, 2500 экспонат. Гьелъ ккун буго ункъо рукъ: тӏоцебесеб рукъ буго кьун маданияталъе, кӏиабилеб ва лъабабилеб — умумузул рукӏа-рахъиналъе, ункъабилеб — росдал магӏишаталъе. Аслияб къагӏидаялда маданияталъул залалда руго гьидерил, хасго Гьентӏа росдал шагӏирзабазул тӏахьал, рагъул церехъабазул, машгьурал гӏалимзабазул, махщелчагӏазул хӏакъалъулъ бицунел стендал ва суратал. Гьенибго буго хур бекьиялдаса байбихьун, корохъ чед бежиялде щвезегӏан росуцояз гьарулел рукӏарал хӏалтӏаби рихьизарулеб стендги.
Музеялъул кӏиабилеб залалда буго цӏакъго цебе заманалда гӏощтӏоца буцӏун гьабураб гӏадаб, бакӏаб нуцӏа ва гьелда бан буго гьеб ричӏулеб цӏулал ва маххул кӏиго «кӏул». Гьениве щведал, рихьула хӏарщ чӏвачӏел къадал, кӏкӏуялъги лахӏалъги чӏегӏер гьабураб мокърукьбакӏ, цагъур, гьелда рарал тӏарсал ва суркӏби, тӏагӏел-гӏучӏ, бусен-къайи, гьелда цебе — лъимер тӏад кьижараб гьулак, аскӏобго — хьонбакӏ, рукъ бакьулъ — тӏалоялда гъоркь бакараб цӏа, аскӏоб — чалдахъалда бараб вехьасул къвачӏа-квара.
Лъабабилеб зал – гьеб буго дагьабго ресукъав магӏаруласул рукъ. Гьенире рачӏараз абула жал жидерго гӏанчӏаб лъимерлъиялъул язихъаб гӏумруялде тӏадруссарал гӏадин лъугьунилан. Рукъ бакьулъ цӏеда «гьалулеб» хьаг бихьидал, ракӏалде ккола гьанже гурони гьанже рукъалъул бетӏергьаби жанире лъугьун рачӏинин, гьениса рахъун чӏахӏиял хинкӏалги гьанги кьун, гьез гьоболлъи гьабилеб батилин.
Алхасовас гьарана газеталдасан баркала кьейила музеялъе цагърал кьурал Шахӏмадиласул Марияние ва Жамалудиназул Мухӏамадие, гьединго хьонбакӏ кьурав Чохьолазул Мухӏамадие. Гьеб буго, кулак гьавидал, Гӏалибегил Гьитӏинасухъа хӏукуматалъ бахъун букӏараб хьонбакӏ.
Ункъабилеб залалда руго росдал магӏишаталда умумуз хӏалтӏизарулел рукӏарал алатал.
Алхасовас бицана жинда ракӏалда бугила музеялда къебелъул ва лъел гьабил рукъзал лъезеги.
Мугӏрузул районазул цониги росулъ гьечӏо гьединаб музей ва гьелъги батила Алхасовасул музеялъул цӏар районалдаго тӏибитӏун бугеб. Музей бихьизе вачӏарав районалъул бетӏер Мухӏамад Хӏасановас абуна гьадинаб музей кибго гьечӏила. Гьабги букӏине кколила лъабго-ункъо чи жанив хӏалтӏулеб бакӏлъун. Гьеб рахъалъ кумек гьабизеги рагӏи кьуна районалъул бетӏерас.
Нури Нуриев