Кьабулеб цӏумур, кенчӏолел цӏваби…
Гьев вукӏана лъималазда гьоркьов лъимерлъун, гӏолилазда гьоркьов гӏолилавлъун, херазда гьоркьов херавлъун
19 июналда Гъуниб районалъул культураялъул кӏалгӏаялъуб (КДЦ) тӏобитӏана халкъияв композитор, «Дагъистаналъул искусствоялъул мустахӏикъав хӏаракатчи», пачалихъалъул гӏемерал шапакъатазул кавалер, Щуланиса Ахӏмад Цӏурмиловас 110 сон тӏубай кӏодо гьабиялъул хӏурматалда гӏуцӏараб тадбир. Гьениб гӏахьаллъи гьабуна Гъуниб райадминистрациялъул хӏалтӏухъабаз, росабазул вакилзабаз, ДРялъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул председатель Мухӏамад Ахӏмадовас, Магӏарул театралъул нухмалъулев Мухӏамадрасул Мухӏамадрасуловас, композиторал Ахӏмад Гӏамирхановас, Каримула Гӏабдулаевас, Абусупян Гӏалихъараевас, кочӏохъаби Мухӏамад-Тӏамир Синдикъовас, Ахӏмад Закариевас ва гӏемерал цогидазги. Тадбир нухда бачана КДЦялъул нухмалъулей Патӏимат Абакаровалъ.
Кӏалъазе вахъарав Мухӏамад Ахӏмадовас бицана Цӏурмиловасул творчествоялъул. Музыкантлъун вахъинчӏониги, гьитӏинаб мехалдасаго нахъе мунагьал чураяс бачунеб букӏараб, хадуб гьесие сайгъат гьабураб мандолинагун цеве вахъана мустахӏикъав тохтур, Дагъистаналъул Халкъияв Бахӏарчи, Цӏурмиловасул цӏалдохъан Ахӏмад Саламов. Гьес бицана Цӏурмиловасул гӏаданлъиялъулги тӏадегӏанаб махщалилги.
«Инсанасул букӏуна кӏиго хвел: цояб — Аллагьасул къадаралда рекъон,
кӏиабилеб-гьев гӏадамазда, гӏагар-лъиялда, гьудул-гьалмагълъиялда кӏочон теялдалъун. Цӏурмиловасе кӏиабилеб хвел гьечӏо ва киданиги букӏине ресги гьечӏо, гьесул цӏар хутӏизе буго абадиялъго нахъе», — ян абуна Саламовас ва мандолинаги хъван ахӏана кечӏги.
Хадубги гьес абуна Гъуниб росулъ бугин Ахӏмад Цӏурмиловасул цӏаралда бугеб къватӏ ва лъикӏаблъун бихьизабуна культураялъул кӏалгӏаялъеги гьесул цӏар кьезе ккелин. Амма гьаниб загьирлъана Цӏурмиловасул цӏар гьелъие араб гӏасруялъул 90-абилел соназдаго кьун букӏин. Гьелдаса хадуб, сайгъат хӏисабалда, Патӏимат Абакаровалъухъе кьуна жиндие цӏакъго хирияб, Цӏурмиловас бачунеб букӏараб, хадуб гьесие кьураб мандолинаги. Гьединго кӏалъазе рахъараз бицана Цӏурмиловасул гӏамал-хасияталъулги, гьесул бакъназ миллияб музыкалияб маданият бечед гьабиялъулги, хасаб музыкалияб лъай букӏинчӏониги, гьесул гьунаралъ, рекӏелъа унарел бакъназ росарал борхалъабазулги. Мухӏамадрасул Мухӏамадрасуловас бицана Цӏурмилов лъималазда гьоркьов лъимер гӏадин, гӏолилазда гьоркьов гӏолилав гӏадин, херазда гьоркьов херав гӏадин вукӏунаанин. Жамгӏияв хӏаракатчи Гӏалиасхӏаб Хархачаевасул рагӏабазда рекъон, музыкалияб цӏалуда тӏадчӏезе Цӏурмиловасе рес щун букӏарабани, гьесул вахъине вукӏана улкаялдаго цӏар рагӏарав композитор. Хасаб цӏалиги гьечӏого, гьединаб борхалъиялде вахиналъе Цӏурмиловасе квербакъараблъун букӏине кколин гьесул тӏабигӏияб гьунар, кечӏ-бакъаналдехун бугеб гъваридаб рокьиян кӏалъана Ахӏмад Гӏамирханов.
Гьелдаса хадуб чанго рагӏи абизе цеве вахъарав «Гӏагараб Дагъистан» жамгӏияб гӏуцӏиялъул нухмалъулев Хӏабиб Давудовас Патӏимат Абакаровалъе кьуна «Дагъистаналъул Халкъияй Бахӏарчӏужу» абураб цӏар ва гьелъул каранда бана цӏва.
Жеги гӏезегӏан рукӏана кӏалъазе рахъарал, амма киназулго цӏарал рехсезе рес букӏинареблъиги хӏисабалде босун, тадбиралда гӏахьаллъи гьабурал киназего кьураб баркиялдалъун кӏалъаязе ахир гьабуна Цӏурмиловасул гӏагарлъиялъул чи, Щуланиб росдал администрациялъул бетӏер Хӏажимурад Хизриевас.
Къокъго абуни, тадбир гӏуцӏун букӏана гӏезегӏан лъикӏаб куцалда. Тӏоцебе — ахӏаралги рачӏаралги гьалбал рукӏана гӏемер; кӏиабизе — байбихьудаса лъугӏизегӏан Патӏиматица гьеб бачана магӏарул мацӏалда (гьоркьо-гьоркьор гӏурус мацӏалда кӏалъаял камичӏониги); лъабабизе-кӏалъаял рукӏинчӏо чӏамучӏал, халатрахъарал, хӏажат гьечӏеб реццалъ бакӏ гьарурал; ункъабизе — кинабго ана гӏадатияб къагӏидаялда; щуабизе-кӏалъаял «тӏадагь» гьаруна Тӏагьир Къурачевас, Мухӏамад-Тӏамир Синдикъовас, Ахӏмад Закариевас, Гӏабдула Мухӏамадмирзоевас ва гӏемерал цогидазги ахӏарал кучӏдуз ва кьурдухъабазул номераз. Хасаб чӏаголъи гьабуна чӏарадисезул бихьиназул хоралъ.
Гӏабаш Гӏабашилов