Нилъерго къисматалъул кӏулал нилъедаго кодор те
Газетазул гьудулзабазулгун дандчӏвай
19 июналда Сулейман Стӏал районалъул Къасумкент росдал администрациялъул залалда тӏобитӏана сверухъ ругел районазул нухмалъулел ва газетазул редакторзаби гӏахьаллъараб данделъи. Гьенире рачӏун рукӏана республикаялъул газетазул ва телевидениялъул вакилзабиги. Рахьдал мацӏалъул суал жакъа цӏакъго бегӏерго цебечӏун бугелъул, республикаялъул Печаталъул ва информациялъул министерствоялъ ва миллиял газетазул редакторзабаз хӏукму гьабуна республикаялъул районазда гӏадамазулгун дандчӏваял тӏоритӏизе. Гьеб мурадалда бухьараб тӏоцебесеб сапар букӏана гьеб. Байбихьи Къасумкенталдаса лъеялъе гӏиллаби гьадинал рукӏана: тӏоцебе абуни, лезгиязул щибаб районалъ цӏакъ ккола жидерго миллияб газета (щибаб районалда кӏиазаргоялде бахун жидерго миллияб газета хъвала), кӏиабилеб — гьезул районалъул бетӏерас рахъккола миллияб мацӏалъул ва маданияталъул. Лъикӏаб букӏинаан гьеб данделъиялда нилъер магӏарул районазул бутӏрулги рукӏаралани.
Районалъул бетӏер Нариман Гӏабдул-мутӏалибовас жиндирго кӏалъаялда мацӏ цӏуниялъулъ миллияб газета-лъул бугеб кӏваралъул бицунаго абуна: «Дагъистаналъул мацӏазда къватӏире рачӏунел газетазул кӏудияб кӏвар буго халкъалъе. Гьезул кӏудияб бухьен букӏуна бакӏалъул муниципалитетазулгун, гьезул квер щола гӏумруялъул киналго рахъазде: яшавалдаса байби-хьун лъайкьеялдегун гӏелмуялде щвезегӏан. Гьезул гьурмаздасан нилъеда кӏалъала профессионалиял журналистал гурелги, гӏадатиял гӏадамалги».
Печаталъул ва информациялъул министр Рашид Акавовас абуна: «Гьанжесел информациялъул технологияздаса нахъеккечӏого цебетӏезе ккола Дагъистаналъул СМИги. Гьелъие хӏаракат бахъулеб буго миллиял газетазги. Яндексалда цогидал централиял газетазда цадахъ цебе рехун бачӏуна нилъер цо-цо газетазул информацияги. Гьелде кӏвар кьечӏого тезе бегьуларо, щайин абуни гьанже гӏемерав чияс хӏалтӏизабула Интернет.
Нилъер миллатазул тӏогь ккола мацӏал. Мацӏал рилизе риччани, щибха гьабизе кколеб? Нилъер букӏине ккола ракӏрагьараб хабар. Нижедаги лъазе ккола нижер гӏолел-гӏоларел рахъал, щиб хӏажат бугеб нижеца гьабураб «нигӏмат» хӏалтӏизабулел гӏадамазеяли», — ян ракӏрагьараб накъиталде ахӏана гьес данделъарал.
Журналистазул союзалъул председатель, «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редактор Гӏали Камаловас гӏенеккаразул кӏварбуссинабуна ни-лъерго наслуялъ рахьдал мацӏалдаса инкар гьабизе теялъул гӏайиб пачалихъалда гуребги, эбел-инсудаги букӏиналде.
«Ахираб заманалда дица гӏемер бицине кколеб буго жакъа миллиял мацӏазул бугеб квешаб хӏалалъул. Щибаб данделъиялде уна цӏакъ бокьуларого, щайин абуни, мун вичӏчӏуларел чагӏазе хабар бицине бигьаяб иш гуро, дуца бицунеб жо рагӏуларел гӏадамазда гьеб бичӏчӏизабизе цӏакъ захӏмалъула. Гьал ахирал соназ къобахъанагӏан квешлъулеб буго мацӏазда ва миллиял газетазда сверухъ ахӏвал-хӏал. Лъаларо щиб къисмат нижер букӏинебали. Дун гьаниве вачӏана нуж рихьизе, цӏакъ бокьун букӏана нужехъ гӏенеккизе. Нилъер руго гӏисинал миллатазул газетал дагьал церегӏан жиделъ «рухӏ лъурал». Миллиял мацӏазде лъикӏаб бербалагьи гьечӏони, гьел «чӏаго» хутӏиларо. Гьел ккола агул, рутул, цахур, нугъай мацӏазда риччалел газетал.
Жакъа мацӏазда сверухъ бугеб ахӏи-хӏур нилъер мацӏазде гьабулеб «гьужум» гуро, миллатазде гьабулеб гьужум буго. Гьеб гьабулезе къваригӏун буго нилъеца, нилъго лъикӏал лъугьун, мацӏаздаса инкар гьабизе. Аллагьасе рецц, ратулел руго гӏадамал гьелде дандечӏезе таваккал бугелги.
Журналистазул союзалъ ахирисеб конференциялда битӏун букӏана В. Путинихъе хитӏаб. Сон жаваб щвана гьеб Федерациялъул Советалде, Пачалихъияб Думаялде, Лъайкьеялъул министерствоялде битӏанин. Гьединго лъана гьеб суал тӏаде босун букӏин Президентасда цебе гӏуцӏараб инсанасул ихтияр цӏуниялъул советалъги. Гьеб советалъ гӏуцӏизе буго хасаб комиссия. Гьенир гӏахьал гьаризе руго Дагъистаналъул вакилзабиги.
Дие абизе бокьараб аслияб жо – нилъер мацӏал цӏунун хутӏи гӏицӏго пачалихъалда бараб суал гуро, пачалихъалда бараб буго шартӏал гӏуцӏи, нилъер мацӏал цӏуни бараб буго нилъеда, нилъер хъизаназда, хасго эбел-инсуда. Битӏун гьечӏо нилъер умумуз би тӏун, гӏетӏ тӏун цӏунараб бечелъи, нилъеца гьадигӏан ургъел гьечӏого билизе тей. Эбел-эмен, жидер лъималазе рахьдал мацӏ къваригӏун гьечӏин абулелъул, ургъулел гьечӏо рахьдал мацӏги чияр гьабун, чияр мацӏ малъизе лъимер тӏамулелъул», — абун хитӏаб гьабуна гьес гӏодорчӏараздехун.
Дандчӏваялда кӏалъазе рахъана «Лезги газет», «Табасараналъул нур», «Рутулалъул цӏиял харбал» газетазул редакторзаби, журналистал, хъвадарухъаби ва жамгӏиял хӏаракатчагӏи. Гьез киназго миллияб газеталъ рахьдал мацӏ, маданият ва тарих цӏуниялъулъ лъолеб кӏудияб бутӏаялъул бицана. Гьенир гьоркьор рукӏана халкъалъ рищун тарал нилъер депутатал мацӏазе «хоб бухъизе» гӏуцӏараб лъайкьеялъул законалъул проект цӏунун церерахъиналдаса рази гьечӏолъи загьир гьабурал кӏалъаялги.
Дандчӏваялдаса рази хутӏана киналго. Абизе рагӏиги, дандбазе пикруги гӏемер батана гӏахьалчагӏазул. Данделъи лъугӏун хадубги ратӏалъизе бокьуларого лъикӏ заман бана гьез ракӏрагьараб харбил столалда нахъа.
Шамсият Султанбегова