Тӏоцебесеб июлалдаса нахъе къуваталде лъугьуна РФялъул налогазул кодексалъул 86-абилеб статьяялда гьарурал хиса-басиял
Гьезда рекъон, банказда тӏадаблъун гьабун буго гражданазул счетаздаги банкалъулал картабаздаги бугеб гӏарцул хӏакъалъулъ баян налогазул идарабазда лъазаби. Гьел идарабаз лъазабизе бегьула картаялдеги счеталдеги бачӏараб гӏарац кин ва сунда тӏад харж гьабурабали. Кодексалда гьабураб хиса-басиялда рекъон, тӏоцебесеб июлалдаса нахъе физлицоялъе щолеб моцӏрол харжалъул гуреб гӏарац рикӏкӏине буго гьесие щолеб хайирлъун ва гьелдаса бахъизе буго налогги. Гьайгьай, налогазул декларацияги цӏезабизе ккола. Бихьизабураб болжалалда гьеб гьабичӏони, налогазул федералияб хъулухъалъ (ФНС) гӏакӏа бахъизе буго – налогалъе бихьизабураб гӏарцул 20 процентги, заманалда кьечӏолъиялъухъ пеняги ва подоходнияб налогги.
Картаялде яги счеталде бачӏараб гӏарац хайирлъун рикӏкӏунгутӏизе щивас кьезе ккола гьеб доходлъун кколареблъи бичӏчӏизабулел документал. Масала, пуланав чияс цогидав чиясул банкалъул счеталде щибаб моцӏалъ рехулеб буго гӏарац. ФНСалъ халгьабизе бегьула, щай ва сундухъ гьеб гӏарац кьолебали. Гӏемерисеб мехалда гьедин кьола ижараялъе босараб рукъалъухъ мухь яги эркенго хӏалтӏулев художникасе (фрилансерие) заказалъухъ кьолеб харж.
Подоходнияб налог кьолеб гьечӏилан гьабураб хитӏабалда рекъон тӏоритӏулел судалъул данделъаби гӏемерлъун руго ахираб заманалда. Судалде ккезе рес буго чӏорого кьолел лъазабиязул сайталдасан щиб букӏаниги бичарав чиги, гьесухъе гӏарац банкалъул счеталде бачӏун бугони. Гьеб гӏарац доходлъун, ай налогал кьезе тӏадаблъун рикӏкӏинчӏого букӏинелъун, тасдикъ гьабизе ккола гьеб пуланав чияс къарзалъе босараб гӏарац яги гӏагарав чиясул сайгъат бугеблъи.
Заира Сагӏидова,
ДГУялъул филфакалъул
3 курсалъул студентка