ДРялъул бетӏерасул ишал тӏуралес лъазабуна нилъ битӏараб нухда ругин

Владимир Васильевасул нухмалъиялда гъоркь, 20 июналда Махӏачхъала шагьаралда тӏобитӏана республика социалиябгун экономикияб рахъалъ цебетӏеялъул суалал рорхараб данделъи. Гьелда гӏахьаллъи гьабуна Халкъияб Соб-раниялъул председатель Хизри Шихсагӏидовасги, хӏукуматалъул председатель Артем Здуновасги, республикаялъул бетӏерасул ва хӏукуматалъул администрациялъул нухмалъулев Владимир Ивановасги, хӏукуматалъул председателасул заместителазги, министразги.

Пачалихъалъул идарабазул хӏалтӏухъабазе кьезе кколел харжазул рахъалъ ругел налъабазул бицун кӏалъана хӏукуматалъул нухмалъулесул тӏоцевесев заместитель Анатолий Карибов. Гьесул рагӏабазда рекъон, жидеда хадур налъаби ругел идарабазда гьоркьоб буго Избербаш шагьаралъул радиозаводги. Гьеб баяналдаса хадуб В. Васильевас лъазабуна заводалда бугеб хӏалалъул мухӏканаб цӏех-рех гьабейин ва гӏайибиял тамихӏалде цӏазе кколин.

Хадуб бицана жагъалал минабахъа гӏадамал цӏиял бакӏазде рахъинариялъул, гьеб масъала тӏубазабиялъул мурадалда биччараб гӏарац бикъаразе кьварараб гӏадлу гьабизе букӏиналъул.

«Бикъа-хъамиялда гӏахьаллъарал чиновниказе нилъер республикаялда бакӏ букӏине гьечӏо», — ян лъазабуна В. Васильевас.

Цинги, данделъиялъул хӏасилги гьабун, Васильевас абуна: «Нилъ унел руго битӏараб нухдасан. Ни-лъеца тӏуралел ва тӏуразе руго халкъалъул мурадал. Дир ракӏчӏараб буго тӏадебосанщинаб тӏубазабизе нилъеда кӏвезе букӏиналда», — ян.

Раисат Салимова,

ДГУялъул филфакалъул

3 курсалъул студентка