Законалъул тӏалабал хвезарун рарал риххизаризе ккезе руго
евасул нухмалъиялда гъоркь тӏобитӏараб Хӏинкъигьечӏолъи цӏуниялъул советалъул данде-лъиялда рорхарал суалазул цояб букӏана бакӏал раялда хъинтӏараб. Масала, гӏемертӏалаял минаби ралаго законалъул ва бакӏал раялъул тӏалабал тӏуразаризе ккеялъул бицараб.
В. Васильевасул рагӏабазда ре-къон, Махӏачхъалаялда минаби ралел къагӏидаби руго цо рахъалъ
гӏадамазе шартӏал чӏезариялъе гӏатӏидал ресал кьолел, цогидаб рахъалъ кӏудиял масъалаби цере лъолел. Гьедин букӏиналъ тӏадаб буго, хадубккун законалъул тӏалабалги цӏунун, ралел бакӏазда мухӏканаб гӏадлу-низам чӏезаби. Ралел бакӏазул ва ЖКХялъул министр Малик Баглиевасул пикруялда рекъон, республикаялъул архитектураялъулгун шагьар гӏуцӏиялъул цӏигӏуцӏараб комитеталъе хӏажат буго муниципалитетазул архитекторазул цӏидасан хъвай-хъвагӏай гьаби ва гьезул хӏалтӏи цӏигьаби. Данделъиялъул гӏахьалчагӏаз дандрана экономикияб ва кванил нигӏматазул рахъалъ хӏинкъи гьечӏолъи цӏуниялда хурхарал суалалги.
Умакусум Гӏумаханова,
ДГУялъул филфакалъул
3 курсалъул студентка