Пайда босичӏого тараб бечелъи
Магӏарухъ гӏезегӏан руго даруялги минералиялги иццал
Кавказалда цониги гьечӏо Дагъистан гӏадинаб гьава-бакъги рекъараб, чӏахӏ-хералдалъунги рухӏчӏаголъабаздалъунги гьарзаяб, бечедаб ва беричаб тӏабигӏаталъул бакӏ. Субтропиказдаса байбихьун, даим гӏаздаца рацарал цӏорол мугӏрузде щвезегӏан тӏабигӏаталъул хаслъаби, устарас накъиш угьун гӏуцӏарал гӏадал мугӏрул-щобал, гӏедерал лъаралгин гӏорал, рикӏкӏен гӏемерал хӏорал — сахаватго кьун руго Бетӏергьанас Дагъистаналъул ракьалъе. Гьелде тӏадеги, нилъер гьанир руго такрарлъи гьечӏел тарихиялгун тӏабигӏиял памятникалги. Гьеб баракаталда гьоркьоб хасаб бакӏ ккола республикаялъул ракьалда ругел минералиял иццазги лъиназги. Гӏалимзабаз гьарурал цӏех-рехазда бихьизабулеб буго Дагъистаналда лъабнусгогӏан минералияб ицц бугилан. Гӏелмуялъ чӏезабун буго мугӏрул лъугьин, гӏуцӏи (неоконченный процесс горообразования) лъугӏун гьечӏел бакӏазда (тӏолабго Кавказалъул мугӏрул гьединал руго) ракьул гъварилъабазда лъугьунел ругел багъа-бачариязул хӏасилалда лъугьарал ракьул кьватӏелазухъа къватӏире рачӏунел ругин бухӏарал ва цӏорорал лъинал. Нухда гьелъ цадахъ босун бачӏунеб буго инсанасул сахлъиялъе пайдаял микроэлементал.
Радон, йод, бром, чӏабатӏ, водород гьоркьоб бугел гьел лъинал хӏалтӏизарула лага-черхалъул, ургьимесалъул, тӏомол, чехь-бакьалъул гӏузраби сах гьариялъе.
Термалиял иццал
Гьел лъиназул Дагъистаналда жакъа
къоялъ микьго-ичӏгоялдаса гурого пайда босулеб гьечӏо. 38 градусалдаса 100 градусалде щвезегӏан батӏи-батӏиял руго лъиназул температураги.
Талгиялъул хинаб ицц. Гьеб буго Махӏачхъа-лаялдаса анцӏила щуго километралъ рикӏкӏад бугеб Талги поселокалда. Гьеб рикӏкӏуна бищун цӏикӏкӏун чӏабатӏгун водород гьоркьоб бугеблъун. Гьениб бан буго нусго чияс цадахъго хӏалхьи гьабизе бегьулеб санаторий, нусиялда лъеберго чиясе бакӏ бугеб пансионат.
Гъаякенталъул хинаб ицц. Гьеб буго Гъаякент районалъул Цӏияб Гъаякенталда. Ункъо бакӏалдаса, ай буругъаздаса, иццаздаса бачӏуна гьеб лъин. Гьениб бан буго «Гъаякент» санаторий. Унтаразул сахлъи щула гьабиялъе гуребги, бухӏараб лъим хӏалтӏизабула рукъзал хинлъизариялъе, росдал хӏамамалда.
Ахтиялъул хинал иццал. Ахти росдадаса анлъго километралъ эхедехун, Ахти-чай гӏурул рагӏалда руго чӏабатӏ, водород, радон, йод ва бром гъорлъ бугел лъинал-иццал. Гьениса гӏемер рикӏкӏад гьечӏого руго Жени ва Купул-Яд абурал хинал иццалги. Гьениб рагьун буго курорт.
Манасалъул хинаб ицц. Гъарабудагъкент районалъул Манаскент росдада гӏагарлъухъ бугеб гьеб лъиналда аскӏоб бан буго гьанже заманалъул киналго тӏалабазда рекъон къачӏараб санаториялъулгун курорталъул комплекс «Каспий».
Избербашалъул хинаб лъин. Избербаш шагьаралда бугеб гьеб лъин къватӏибе бачӏунеб буго ичӏго иццдаса. Санаторий-курорт гьечӏониги, гьенире рачӏаразе хӏалхьи гьабиялъе квегӏенлъаби чӏезарун руго гьенир. Лъим хӏалтӏизабулеб буго шагьаралъул гӏадамазул рукъзал хинлъизариялъеги. Избербашалда рагьун буго «Азиз» абураб цӏаралда шушбузухъе тӏун лъим бичулеб гьитӏинабго предприятиеги.
Гъизляралъул хинал лъинал. Хӏалтӏулеб буго анкьго ицц. Лъим хӏалтӏизабула гӏадамал жанир чӏолел гӏемертӏалаял минаби хинлъизариялъе. Иццал руго шагьаралда жанир.
Гъизляралдаса анцӏго километралъул манзилалда югалъулабгун бакъбаккудехун бугеб Кардоновка росдада аскӏоб бугеб хинаб иццдаса бачӏунеб лъим хӏалтӏизабула росдал хӏамамалда. Шушбузухъе тӏун гьеб лъим бичулеб гьитӏинабго предприятиеги буго.
Рычалалъул хинаб ицц. Лъебералда анлъго градус температура бугеб гьеб ицц буго С. Стальск районалъул, ралъдал гьумералдаса 1120 метралъ борхалъуда бугеб Цмур росдада гӏагарлъухъ. Гьениб рагьун буго курорт, хӏалтӏулеб буго минералияб лъел «Рычал-Су» заводги. Гьеб курорталде хӏухьбахъи гьабизе аза-азар чи вачӏуна щибаб соналъ.
Махӏачхъалаялъул хинал лъинал. Гьениб бугеб анцӏила ункъо иццалъул лъим хӏалтӏизабула шагьаралъул гӏемертӏалаял минаби ва промышленниял предприятиял хинлъизариялъе, цо бутӏа больницабазе, унтаразе процедураби гьариялъе. Дагьа-макъабго къадар шушбузухъе тӏунги бичула.
Тарнаиралъул хинаб лъим. Гьеб лъел температура бахуна багӏариялъул 97-98 градусалде. Къоло щуго иццалдасан хӏалтӏулеб буго гӏицӏго анлъгояб. Гьениб буго тӏубараб лъагӏелалъго унтарал къабул гьарулеб ва сахлъизарулеб «Тарнаир» санаторий.
Бихьулеб букӏахъе, гьел киналго руго Каспиялъул гӏодоблъиялда.
Магӏарухъ минералиял иццал
Республикаялъул ракьалда бугеб лъабнусгогӏан минералиял иццазул, цӏикӏкӏарасеб къадар буго мугӏрузул районазда, гьел камураб район магӏарухъ цониги гьечӏо. Гьеб рахъалъ цӏакъго бечедал руго Цӏумада, Цӏунтӏа, Лъаратӏа районал ва Бежтӏа участок. Рехселин гьезул цо-цоял. Цӏумада районалъул ракьалда Гӏандигӏурул жаниблъиялда, гуржиязул гӏорхъоде щвезегӏан къогоялдаса цӏикӏкӏун минералияб ицц буго – Агъвали, Хуштада, Гьигьалъ, Метрада, Хъвайни, Хушет, Инхокъвари росабазул ракьалда, Хъваршисезул кӏкӏалахъ. Хасго машгьураб буго Инхокъварисезул минералияб ицц. Цӏумадисез гьелда абула «Регьа» абун. Чанго батӏияб унти сах гьабизе квербакъулеб гьеб иццухъе нус-нус чи вачӏуна республикаялъул батӏи-батӏиял бакӏаздаса.
Бежтӏадерил росдада аскӏоб Оцукувакьа абулеб бакӏалда буго чӏабатӏгун водород гъорлъ бугеб лъим. Бежтӏадерица гьелда абула Могь иццин абун. Бакӏалъул гӏадамаз даруялъе хӏалтӏизабула гьеб.
Бежтӏаса микьго километралъ гъоркьехун, Лабахи абулеб бакӏалда, Симбирисхеви гӏурул кваранаб гӏаркьелалда, Аваразулгун Кахетиялъул нухда гъоркьехун буго кибго лъалеб Бухӏараб лъим (горячий источник). Хьваназул мацӏалда гьелда абула Южулълъ иццилан. Чанго соналъ цебе Аваразулгун Кахетиялъул нух гӏатӏид гьабулаго, тӏаде кьурабиги ун, гьеб бахчизабун букӏана, гьанже бацӏцӏадги гьабун, къачӏан буго. Советияб гӏуцӏиялъул заманалда бежтӏадерил Бухӏараб иццухъе гьеб лъедаса пайда босизе цоял вертолетазда, цогидал Вантляшевалъул габурлъухъан, чуязда рекӏун, рачӏунаан гуржиялцин. Магӏарухъ ругел минералиял иццазул хӏакъалъулъ хабар ккедал, эколог, биологиялъул гӏелмабазул доктор, профессор Гъайирбег Гӏабдурахӏмановас абуна: «Республикаялда ругел минералиял иццазул инвентаризацияги гьабун, гӏадамазул сахлъи щула гьабиялъе гьездаса пайда босиялъе хасаб программа къабул гьабизе ккола Дагъистаналъул хӏукуматалъ. Бихьараб захӏматалда рекъараб хайир щолеб гьечӏолъиялъ, нахъеккун буго магӏарухъ росдал магӏишат, дагьалго рукӏаниги рагьун рукӏарал промышленниял предприятиязул филиалги къана. Дир пикруялда, магӏарухъ туризм цебетӏеялде кӏвар кьуни, цӏияб рухӏ речӏчӏизе бегьула магӏаруллъиялда. Гьелъие квербакъи гьабила цо-цо машгьурал минералиял иццал ругеб бакӏалда курортал, санаториял рагьани. Щай бегьулареб Инхокъвари иццухъ, бежтӏадерил Бухӏараб лъеда аскӏоб санаториял разе? Санаториял рагьани, гьениб гӏадамазе хӏалтӏизе бакӏал рукӏина, рагьила гостиницаби, тукаби, жанир чӏезе рукъзал, ай цебетӏела инфраструктура. Нилъерго гьанисанги къватӏисанги туристал гъираялда рачӏина гьенире хӏухь-
бахъизеги сахлъи щула гьабизеги. Гьединал иццал ругеб бакӏалда санаториял, курортал рагьун гурищ росаби, поселокал гӏурал Талгиялда, Манасалда, Цӏияб Гъаякенталда».
Хӏисаб гьабидал, битӏараб пикру буго гӏалимчиясул. Дагъистаналда, хасго магӏарухъ ругел минералиял лъинал, Кисловодскалда, Пятигорскалда, Железноводскалда ругел минералиял лъиназдаса нахъеккарал гьечӏин абула. Нус-нус километрги нахъа тун, аза-азар гъуруш харжги гьабун, риччел хӏалаб Кавказалъул минералиял лъиназухъе инчӏого, санаториялги, букӏине кколеб инфраструктураги гӏуцӏани, гӏадамаз бакъулаб Дагъистанго тӏасабищила хӏалхьи ва сахлъи щула гьабизе. Берда бихьулаго, пайда босичӏого гьединаб бечелъи тезе бегьиларо.
Пайзула Пайзулаев