Дагьаб цебегӏан тӏобитӏараб пресс-конференциялда ДРялъул лъай кьеялъул министр Яхӏя Бучаевас абуна: «Капиталияб ремонт гьабиялъул программаялда гӏахьаллъана 192 школа. Жакъа къоялдехун, 70 бакӏалда цӏараб заманалдаса цебего гьарулел хӏалтӏаби рагӏалде рахъинарун руго, хутӏараб 110 мина гӏага-шагарго 20-25 августалдехун хӏадур букӏине буго», — ян.

Амма киналго бакӏазда гуро цӏараб заманалде хӏалтӏаби лъугӏулел ругел. Масала, Махӏачхъалаялъул цо-цо школал 60-65% гурони цӏалул соналде хӏадурун гьечӏо. Кин бугониги, лъималазе квалквал кколареб хӏалалда гьел школаздаги тӏоцебесеб сентябралъ букӏине кколеб хӏалалда цӏалул къо байбихьизе бугин абула.

Риидалил каникулал байбихьаралдаса нахъе капиталияб ремонт гьабулеб буго Хьаргаби районалъул Гӏаймаки росдал байбихьул школалда. Щибаб къойил гӏадин школалда хӏалтӏаби унел куцалъухъ балагьизе щолел рукӏана росдал ва районалъул администрациязул хӏалтӏухъаби. Гьабизе бугебщинаб хӏалтӏи бихьидал, кколеб букӏана цӏалул сон байбихьилалде гьеб хӏадурун бахъинарин абун. Амма цӏараб заманалде хӏалтӏаби рагӏалде рахъунел руго.

«Развитие образования» абураб пачалихъияб программаялда рекъон цӏидасан банин школалъе минайин абизе бегьула: чӏабаралде бетон тӏуна, къадал рохьана, гордал-нуцӏби хисана. Гьединго къватӏисан школалъул минаги къачӏана. Бихьизабураб заманалде школа къачӏан лъугӏанин, кьищни-къул бакӏариялъул, рацӏцӏалъи гьабиялъул хӏалтӏи хутӏун бугин абуна районалъул нухмалъулесул заместитель Асхӏабгӏали Маликовас.

Дагьал церегӏан къоязда районалъул администрациялда тӏобитӏараб терроралда дандечӏеялъул комиссиялъул данделъиялдаги рорхана гӏемерал кӏвар бугел суалал. Аслияб суал букӏана 1 сентябралде цӏалул идараби хӏадуриялъул. Районалъул лъай кьеялъул управлениялъул нухмалъулев Мухӏамад Гӏусмановас кӏвар буссинабуна цӏа ккеялдаса цӏуниялъул, видеонаблюдениялъул, сигнализациялъул рахъалъ школал хӏадур рукӏине ккеялде.

«Развитие образование» абураб пачалихъияб программаялда ва «Образование» абураб миллияб проекталда рекъон гӏемерал школал къачӏана ва цӏи-цӏиял школал ралел руго республикаялда. Амма лъабго сменаялъул цӏали кинго лъугӏизабизе бажарулеб гьечӏо. Хьул буго гӏагараб заманалда жаниб гьеб гӏунгутӏиги тӏаса инин.

Патӏимат Мухӏамаева