Хӏурматиял магӏарулал! Расул Хӏамзатов гьавуралдаса 99 сон свериялъул байрамалде гӏадатлъун рилълъарал баркиялги, щибаб соналъ цохӏого чагӏаца гьарулел цоцада релълъарал кӏалъаялги кьеялдаса нижер редколлегиялда лъикӏаблъун бихьана Расул Хӏамзатовасул гьудул, бищунго лъикӏ гьесул творчествоги лъалев, Расулица жиндир рухӏияб ирс гьесухъе кьеян васиятги гьабурав хъвадарухъан ва публицист Мухӏамад Бисавгӏалиевасе рагӏи кьезе. Щайгурелъул Бисавгӏалиевас цо бутӏа социалиял гьиназда рахъарал «Р. Хӏамзатовасухъе доб дунялалде кагътал» цӏалдолез цӏакъ лъикӏ къабул гьарун рукӏана нус-нусаз гъоркь баяналги хъван. Живго Мухӏамадица гьел кагътазул хасаб проект гьабун шагӏирасул 100 сон тӏубаялде бахъизе гӏурус мацӏалда «Письма с адресами и без» («Адрес бугел ва гьечӏел кагътал») абураб тӏехь хӏадур гьабулеб буго. Редакциялъул гьариялда рекъон гьеб тӏехьалдаса цо кагъат кьолеб буго шагӏир гьавураб къо кӏодо гьабун жакъасеб номералда.

Бетӏерай редактор Зульфия Хӏажиева

Салам, Расул! Инсуца магӏарухъе хер бецизеги ахӏун, гӏемер мехалъ рихьичӏого дандчӏварабго дуца абулаан: «Дуца аб нухалда цӏакъ хӏухьел ккуна», — ян. Нижер Чӏурмутӏалъул лугъаталда гьеб «хӏухьел ккуна» абулеб къагӏида гьечӏо, хутӏарал болмацӏ бицунездасаги эб дида рагӏун букӏинчӏо дудаса гурони. Дица бицунеб щиб аниб? Чан цогидазда абизе кӏвечӏеб пикруги асарги кьураб дуца? Нилъер кӏиясулго ратӏалъиялъе цӏакъ мухӏканго абураб гӏадин бихьана дида гьеб рагӏабазул дандрай. Гьедин букӏинеги букӏана. Битӏахъе хӏухьел ккунги вукӏун цӏидасан гьеб цӏалев чи гӏадин вачӏунаан дун духъе дур каламалъухъ, пикрабахъ, асарахъ, махсараялъухъ къечарав.

Кинго гӏорцӏизеги гӏорцӏичӏо эздаса. Хадуб ккана ракӏалдаго гьечӏеб. Цо ноябралъул квачараб къоялъ дуца ракӏалдаги гьечӏо рехун тана ниж киналго. Кинабго кӏудияб дунял, гӏагараб рукъ, дурго лъимал, лъималазул лъимал, дурго хӏалтӏул стол ва бакӏ сверухъ шагӏирзаби ва творчество бокьулел гӏадамал цолъулеб. Мун вахъун тохлъукьего ана, гьалгъан хадуб балагьун дуниялги тун.

«Тохлъукьего», — янги кинха абилеб, дур ахирал саназул шигӏрабалъ мех-мехалда бачӏунаан гьеб пикру мун унев вугин:

«Босун буго дица кассалда билет,

«Конец» — ин цӏар бугеб станциялде.

Бецӏаб тоннелалъуб тӏерхьунеб буго

Дир тӏарамагъасеб лъабабилеб ригь…».

Гьедин ккезеги ккана. Дур букӏана цӏакъ гвангъараб, ахӏихъуй гӏемераб, машгьураб, дуда дунялги бихьулеб, дунялалда мунги вихьулеб гӏумру, амма ракьалдаса нахъе ана гӏадатияв чи гӏадин.

Дуца цо нухалъ гуро хъвараб гьеб абадияб рокъоре руссаралъулъ киналго ращад гьариялъул хӏакъалъулъ. Нилъер ахирал саназул дандчӏваязулъ мех-мехалда дур рагӏабалъ ва асаралъ рачӏунаан гьеб ахир бачӏиналдаса рахӏатхвей, цо щибалиго лъазе кӏолареб кӏудияб балъголъи ва хӏинкъи загьир гьабурал пикраби ва гьелдаса пашманлъи.

Дида ракӏалда буго 2000 соналъул декабрь моцӏалъул бакъанимех. Тӏерхьун унеб бакъул меседилал чӏоразул загӏипабго канлъиялъ бащдаб гвангъизабун букӏана дур хӏалтӏул стол ва Чернышевскиясул къотӏноб бугеб рукъалъул кӏиабилеб тӏалаялда кабинет. Дида мун ватана хъвай-хъвагӏаязда тӏаде къулун. Хинаб салам каламалда ва гара-чӏвариялда нилъ рукӏаго дуе дарабиги росун Салихӏат ячӏана. Аминатица чай кьуна. Тӏаса-масаго тӏаде балагьарав чиясда кколаан дуда сверухъ хӏалхьи, рахӏат, дур агъаз гьабулеб хъизанги кинабго лъикӏ бугин. Амма рокъоб киса-кибего бигъун букӏана дагьаб цебегӏан ккараб кӏудияб камиялъул тӏаса ин гьечӏеб пашманлъи. Щай гурелъул рокъоса нахъе ун букӏана гьеб минаялъеги, гӏадамазеги, гьалбадериеги магӏнаги, асарги, камиллъиги кьолеб гьаракь, тӏалаб ва гӏадилаб нухмалъи ва къвакӏигун жубараб хӏеренлъи. Абадияб рокъое дунялги тун ун йикӏана берцинай, цӏодорай ва кинабго рахъалъ камилай Патӏимат Сагӏидовна. Гьеб асар лъугьунеб букӏана рокъобе гали лъунщинав ва гьей лъалей йикӏарав чиясул.

Нилъер кӏигояс гьеб къоялъ цӏализе кколаан «Нухалги мехалги» абураб циклалдаса кучӏдул. Ракӏалдаги гьечӏого мун лъугьана цойги дида рагӏичӏеб кечӏ цӏализе. Гьедин букӏунаан дур гӏемерисеб мехалда. Захӏмат букӏана рекӏел ахӏвал-хӏал чӏванкъотӏарал планазе мутӏигӏ гьабизе. Дур гьеб рекӏел хӏал щибаб минуталъ хисулеб букӏун. Цӏияб дур кочӏолъ букӏана чӏужугӏадантохтуралъулгун диалог. Гьелъ дуе ракӏ-макӏ гьабулеб буго унти гӏодоб буссинин, мунги лъилъилин. Амма гьеб унтуда цӏар щибин дур суалалги гӏемерлъун кӏанцӏизе бакӏ тӏагӏингун тохтуралъ жаваб кьола гьелда цӏар бугин «херлъи» — ян. Амма гьеб гара-чӏвариялъулъ буго цо ракӏ гъанцӏизабулеб ахир, гьей дуе кьезе жаваб батуларого лъугьарабго дуца хъвалеб буго:

«…Хадуй гьей юцӏцӏун чӏана,

Дие жаваб бачӏинчӏо

— Хабалазул занахъе

Балеб букӏана гӏазу…»

Дун лъугьана санагӏат гьечӏеб ахӏвал-хӏалалда дуца гьеб кечӏ цӏаларабго ва рукӏана загӏипалго хӏалбихьиял мун гьеб пашманлъиялъул ва хвалихъ валагьун чӏараб асаралдаса нахъе вачине. Гьелъул жо ккечӏо ва дида бичӏчӏана дур кагътиде кочӏоде буссунеб буго гӏицӏго дур ракӏалъе хӏалхьи толареб асар. Дур рекӏелъин абуни гьеб лахӏзаталъ букӏана кочӏолъ загьир гьабураб асар. Гьелъулъ вукӏана кӏудияв ва гӏорхъолъа араб асаралъул шагӏир. Гьелъ дуца миллионал асирги асаразул къуваталдалъун. Гьеб къо ва гьеб лахӏзат бачӏана жакъа ракӏалде щаялиго. Абиларо нилъер гьудуллъи бугеб ва нилъ цадахъ хӏалтӏулел саназда гӏицӏго пашманлъи гурони букӏинчӏин. Гӏумру унеб букӏана жиндирго нухдаса пашманлъаби ва ракӏсукӏиял кканиги.

Рукӏана гӏезегӏан махсараги, рохарал ва гвангъарал лахӏзаталги, гӏемерал интересал, аваданал, гӏакъилал, тамашаял гӏадамал, асарал, дандчӏваял, сухӏматал, кучӏдул, бакънал, къватӏиса ва жаниса духъе рачӏунел гьалбал, дур рагӏаби, дур кучӏдул ва гьезда тӏасан пикраби. Мун дир пикрабалъ ва ракӏалдещвеязулъ хутӏана батӏибатӏияв. Дуцаго «Памятникалда» хъвавухъе:

«Дун вукӏина нусго батӏи-батӏияв,

Хутӏила ракӏазулъ цохӏо хӏажатав.

Цогидал нусгояз хисизе гьечӏев,

Дицаго бакараб дирго чирахъгун…»

Гьедин хутӏизеги хутӏана. Дургун лъай-хъваялда, цадахъ хӏалтӏун ва гьудуллъиялда араб гьеб ункъо сон дида тӏубараб эпохаян ккола. Гьелъ хъвалеб буго духъе гьаб кагъатги. Дида лъаларо гьал хъвай-хъвагӏаял духъе щиб къагӏидаялда, иргаялда ва гӏадлуялда хъвазе ругелалиги. Ракӏалде бачӏанщинаб хъвалев ватула. Нилъер кӏиясулго цонигиясул букӏинчӏо гьеб гӏадлуялъул ва мухӏканлъиялъул рахъалъ камиллъи. Мун ригь арав, дун гӏолохъанав вугониги.

Ракӏалда бугищ цо нухалда дуца гьикъана дир чан сонилан. Дица жаваб кьуна 27 бугин. Дуца абуна дур 77 бугин ва гӏажаиблъи гьабуна нилъдоб дунялалде ругьел Хӏурматиял магӏарулал! Расул Хӏамзатов гьавуралдаса 99 сон свериялъул байрамалде гӏадатлъун рилълъарал баркиялги, щибаб соналъ цохӏого чагӏаца гьарулел цоцада релълъарал кӏалъаялги кьеялдаса нижер редколлегиялда лъикӏаблъун бихьана Расул Хӏамзатовасул гьудул, бищунго лъикӏ гьесул творчествоги лъалев, Расулица жиндир рухӏияб ирс гьесухъе кьеян васиятги гьабурав хъвадарухъан ва публицист Мухӏамад Бисавгӏалиевасе рагӏи кьезе. Щайгурелъул Бисавгӏалиевас цо бутӏа социалиял гьиназда рахъарал «Р. Хӏамзатовасухъе доб дунялалде кагътал» цӏалдолез цӏакъ лъикӏ къабул гьарун рукӏана нус-нусаз гъоркь баяналги хъван. Живго Мухӏамадица гьел кагътазул хасаб проект гьабун шагӏирасул 100 сон тӏубаялде бахъизе гӏурус мацӏалда «Письма с адресами и без» («Адрес бугел ва гьечӏел кагътал») абураб тӏехь хӏадур гьабулеб буго. Редакциялъул гьариялда рекъон гьеб тӏехьалдаса цо кагъат кьолеб буго шагӏир гьавураб къо кӏодо гьабун жакъасеб номералда. Бетӏерай редактор Зульфия Хӏажиева Расул Хӏамзатовасухъе кагъат 9 №36, рузман лъай кьей 2022 с. 9 сентябрь Ватсапалдасанги цогидал социалиял гьиназдасанги нижехъе хъван бачӏуна, газеталдасан бегьуларищин гьеб суал борхизейилан абун. Маржанат, лъабго цӏалдохъанасул эбел, Гъизилюрт шагьар: «Битӏахъе бетӏер гьорозабун бугин абизе бегьила школалде лъимал ритӏаралдаса нахъе, гьезие хӏажалъулеб жоялъул бицун. Школалде анкьица хьваданиги, жеги цогӏаги тӏехь кьечӏо ункъабилеб классалда цӏалулей ясалъе. Исана лъикӏаб ремонт гьабун буго школалда, амма нижер классалда я партаби лъун гьечӏо, я тӏахьал кьечӏо. Тӏахьал киназего гӏезе гьечӏин, нужецаго гӏамал гьабеян абуна учительницаялъги. Тӏоцебесеб классалдаса 11-абилелде щвезегӏан, шкаф, телевизор, компьютер, принтер, тӏамач, щакъи, хӏатта занавескабицин росизе гӏарац бакӏарула эбел-инсухъа». Сиядат, ункъо лъимадул эбел, Гӏахьвахъ район: «Исана нижерги цо классалда цӏалулезул къадар цӏикӏкӏиндал, бащдаб классалъе камуна тӏахьал. Цо-цояз базаралдаса басриял тӏахьал росана. Цо талихӏ буго росабазул школазул, цӏалул къайи яги школалъе хӏажатаб босизе, шагьаразда гӏадин, кӏал гьикъун, гӏарац бакӏаруларо. Ремонталги школалъ гьарула, классалги уборщицабаз рацӏцӏуна. Выпускной сардал гьаризе гӏарацги бакӏаруларо, учительзабазе сайгъаталги гьаруларо. Учительзабазулгун кинабгӏаги бичӏчӏунгутӏи ккани, районалъул лъай кьеялъул управлениялде гӏарзалъги уна. Пачалихъалъ кколеб харжги кьун гурищ тун ругел цӏалдохъабазе лъай кьезе учительзаби». Мадина, кӏиго лъимадул эбел, Махӏачхъала шагьар: «Дир вас исана анкьабилеб классалда цӏалулев вуго. Августалъул ахиралдаго лъазабуна классалъул нухмалъулелъ, исана щивав цӏалдохъанасе кӏиго-лъабго тӏехь камизе бугин. 11 цӏалул тӏехьалъул бакӏалда киназдаго гьоркьор бащад гьарун анкьанкь тӏехь бикьана. Гьезда гьоркьоса обществознаниялъул ва тарихалъул дарсида лекциял цӏализе ругин абуна ва технологиягун немец мацӏалъул дарсазда тӏахьал хӏажалъиларин тана». Патӏимат, Каспийск шагьар: «Дир лъимал цӏалулел руго Каспийск шагьаралъул школалда, дунгойин абуни, щибаб къоялъ Махӏачхъалаялде хьвадула хӏалтӏуде. Цояй яс школалда кӏиабилеб сменаялда цӏалулей йиго, цогидай абуни, лъабабилеб сменаялда. Къаси сагӏат анкьгоялде бащдаб хӏалтӏидал лъугӏула гьелъул дарсал. Цӏадукьги, гӏазукьги, кватӏараб гӏужалъги яс школалдаса ячӏунелъул, гьелда хадур рахъине ккола ниж. Кидагӏаги нилъер республикаялда цӏалдохъабазул къадаралъул хӏисабги гьабун, киназего гӏурал школал разе ругел? Щибаб соналда цо-цо, кӏикӏи тӏехь босичӏого тӏубаларо. Цохӏо биологиялъул тӏехьалъухъ 950 гъурущ абуна исана. Гьелде тӏадеги щибаб предметалъе хӏалтӏулал, хал гьабиялъулал ва цогидал тетрадалги росизе кколел руго. Пачалихъалъулаб хӏалтӏуда ругел гӏадатиял гӏадамаз кин харж гӏезабилеб?» Школалда камурал тӏахьал росизе ругищан цӏехон ниж кӏалъана ДРялъул Лъай кьеялъул ва гӏелмуялъул министерствоялде. Министерствоялъул специалисталъ (цӏар хъвазе бокьичӏо) бицана цӏалул сон байбихьаралдаса нахъе, щибаб къоялъ, азаргогӏанасеб нухалъ ахӏун бачӏунила жидехъе республикаялдасаго школлъималазул эбел-инсуца. Щивасда бичӏчӏизабизе кколеб бугила щай школазда цӏалул тӏахьал гӏолел гьечӏелали: «Хӏукуматалъ лъазабуна исана тӏахьал росизе гӏураб гӏарац гьечӏин бюджеталдаян. Гьединлъидал, щибаб школалъ жидецаго ресал ратизе кколел руго. Нужерго школазул директорзабазухъе а, нужее рес, санагӏалъи гьабеянги абун. Цокӏиго тӏехь камуразеги бегьула ресал ратизе, ксерокопиял гьаризе бегьула, яги электрониял тӏахьал рехизе бегьула телефоназде яги компьютеразде. Цо яги кӏиго тӏехь камурал лъималазе рес батизе бегьула. Гъоркьисаги кьерцисаги росун рукӏана киналго школазе тӏахьал. Гьел кирегӏаги инчӏого школазда рукӏине ккола. — Цӏияб цӏалул соналда, цӏиял классазда цалдохъабазул къадар цӏикӏкӏине рес букӏинги хӏисабалде босун, цебеккунго тӏалаб гьабизе бегьуларищ Лъай кьеялъул ва гӏелмуялъул министерствоялъ цӏиял тӏахьал росизе? — Рес буго росабалъа яги цогидал шагьараздаса хъизамалги гочун рачӏун, цо-цо классазда цӏалулезул къадар цӏикӏкӏине. Цо классалде бищунго цӏикӏкӏун ункъо-щуго цӏалдохъан вачӏинеги рес буго, амма кинго рес гьечӏо цо цӏалдохъанасе щуго-анлъго тӏехь камизе. Школазда букӏине ккола гъоркьисаго росарал тӏахьазул нахърател. Директорасда тӏадаб буго гьеб суал тӏубазе. Школаздаса кьурал гӏарзазда рекъон, щибаб соналда нижеца росула цӏиял тӏахьал. Гӏицӏго исана хутӏана тӏахьал росичӏого. ДРялъул лъай кьеялъул ва гӏелмуялъул министр Яхӏя Бучаевас республикаялъул СМИязе кьураб баяналда рекъон, исана нилъер регионалъул школал 80 проценталъ гурони тӏахьаздалъун хьезарун гьечӏо. Киназего гӏолеб къадаралда тӏахьал росизе гӏоло федералияб централда кумек гьаризе кколеб буго. патӏимат сулТӏанМуХӏаМадова Тӏахьал росизе рес гьечӏо Тахшагьаралъул ва Каспийскиялъул гӏемерисел школазда лъабго сменаялда цӏалулел руго цӏалдохъаби. Умумузул гӏарз буго лъабабилеб сменаялъ школалде хьвадулел лъимал къаси сагӏат анкьгоялда гурони рокъоре щоларин абураб. Гьединго гӏемерисел школазда цӏалдохъабазе тӏахьал гӏолел гьечӏо. Цогидазул гӏарзал руго цӏали байбихьизегӏанго класс къачӏазеян, техника босизеян, уборщицаялъе ва хъаравуласе харж кьезеян абун гӏарац бакӏарулеб бугин абунги. Щибаб соналда цого гӏарзал, цого захӏмалъаби. Щай шагьаразул школазда чӏобого букӏине кколеб лъай кьей хираго чӏолеб? Чӏорого кьезе кколел тӏахьал щай щибаб соналъ эбел-инсул гӏарцухъ росизе кколел? еда гьоркьоб 50-гӏан сон батун. Дица данде махсара гьабуна гьеб гӏемер гьечӏин дидагун Хъахӏабросулъа Махӏмудида гьоркьоб 100 сон бугин. Мун велъана дудагун Махӏмудида гьоркьобги 50 сон бугин ва абуна: «Дица мун гогьдаризавун вуго 50 соналъ гьитӏинав чигун цадахъ гьекъон, Махӏмудицагун дица цадахъ гьекъечӏо», — ян.

Щибха гьабилеб, Расул, пашманлъизе ккараб хӏужжа буго тӏабигӏаталъ авар халкъалъе гӏорхъолъа араб гьунарал кӏикъоялда анцӏ-анцӏ соналдаса гурони кьунгутӏи, нижер гӏасруялда цӏакъго къарумлъана тӏабигӏат гьел гьунарал кьезе. Щиб лъалеб дуца 100 сон тӏубан хадув вахъинев ватила цойги чи. Нагагь гьединаб гьаракь рагӏани, дица лъазабила, Расул. Халат гьабиларо, анир ругезе нилъер адабияталда хурхараб гара-чӏвари чӏалгӏинчӏого букӏине. Гьанже эл шигӏрабазде ва адабияталде рокьи лъугӏун буго, Расул. Цӏакъ гӏемерал «шагӏирзаби» руго асар гьабулеб калам, шигӏрукечӏ гьечӏо. Эзул батӏалъи щибан Хъахӏаб рокъор ругел хӏакимзабацаги цересан ккун эзие «халкъиял» абун цӏарал кьун руго. Дуца иш элде унеб букӏин загьир гьабун букӏана 1990-абилезде дурго гьудул ва режиссер Хӏайбула Гӏабдулгъапуровасухъе хъвараб кагътида:

…Талихӏ – дов Шекспирил гьаб улкаялда

Гьаб заманаялда гьавичӏев, гӏечӏев…

Абудабиялда дармил ургъалилъ

Авар Дездемона жиндирго мавргун.

Цересел маскаби маскабийищ гьел,

– Маскарад батана кинабго чилъи.

Гьанже тӏадмагӏарул Каренинида

Кредитал руго макьилъ рихьулел.

Гьединго ва гьелдасаги тату хун буго жакъаги рухӏияб рахъ. Цохӏо лъалеб жо поэзия щивав чияс цӏалулеб ва киназдаго бичӏчӏулеб жо гуро. Гьеб бичӏчӏулел, лъалел, наслабахъе кьезе кӏолел чагӏазул дагьаб къадаралъ нахъе цӏунун хутӏула гьеб гӏасрабаца ва цоцахъе кьола. Дуца кочӏолъ хъвавухъе:

Кигӏан гӏемераб гъегъ гӏурде баниги,

Гӏурччинлъи ганчӏазда гъорлъан баккула.

Гьедин лирикагун чан дуэль ккараб

Кочӏохъаби уна, кучӏдул хутӏула…

Мунги хутӏана дуниялалъе ва ниж рохарал руго гьелдаса.

Саламгун ва кидагосеб адабгун Бисав