Тахшагьаралъул ва Каспийскиялъул гӏемерисел школазда лъабго сменаялда цӏалулел руго цӏалдохъаби. Умумузул гӏарз буго лъабабилеб сменаялъ школалде хьвадулел лъимал къаси сагӏат анкьгоялда гурони рокъоре щоларин абураб. Гьединго гӏемерисел школазда цӏалдохъабазе тӏахьал гӏолел гьечӏо. Цогидазул гӏарзал руго цӏали байбихьизегӏанго класс къачӏазеян, техника босизеян, уборщицаялъе ва хъаравуласе харж кьезеян абун гӏарац бакӏарулеб бугин абунги. Щибаб соналда цого гӏарзал, цого захӏмалъаби. Щай шагьаразул школазда чӏобого букӏине кколеб лъай кьей хираго чӏолеб? Чӏорого кьезе кколел тӏахьал щай щибаб соналъ эбел-инсул гӏарцухъ росизе кколел?

Ватсапалдасанги цогидал социалиял гьиназдасанги нижехъе хъван бачӏуна, газеталдасан бегьуларищин гьеб суал борхизейилан абун.

Маржанат, лъабго цӏалдохъанасул эбел, Гъизилюрт шагьар: «Битӏахъе бетӏер гьорозабун бугин абизе бегьила школалде лъимал ритӏаралдаса нахъе, гьезие хӏажалъулеб жоялъул бицун. Школалде анкьица хьваданиги, жеги цогӏаги тӏехь кьечӏо ункъабилеб классалда цӏалулей ясалъе. Исана лъикӏаб ремонт гьабун буго школалда, амма нижер классалда я партаби лъун гьечӏо, я тӏахьал кьечӏо. Тӏахьал киназего гӏезе гьечӏин, нужецаго гӏамал гьабеян абуна учительницаялъги. Тӏоцебесеб классалдаса 11-абилелде щвезегӏан, шкаф, телевизор, компьютер, принтер, тӏамач, щакъи, хӏатта занавескабицин росизе гӏарац бакӏарула эбел-инсухъа».

Сиядат, ункъо лъимадул эбел, Гӏахьвахъ район: «Исана нижерги цо классалда цӏалулезул къадар цӏикӏкӏиндал, бащдаб классалъе камуна тӏахьал. Цо-цояз базаралдаса басриял тӏахьал росана. Цо талихӏ буго росабазул школазул, цӏалул къайи яги школалъе хӏажатаб босизе, шагьаразда гӏадин, кӏал гьикъун, гӏарац бакӏаруларо. Ремонталги школалъ гьарула, классалги уборщицабаз рацӏцӏуна. Выпускной сардал гьаризе гӏарацги бакӏаруларо, учительзабазе сайгъаталги гьаруларо. Учительзабазулгун кинабгӏаги бичӏчӏунгутӏи ккани, районалъул лъай кьеялъул управлениялде гӏарзалъги уна. Пачалихъалъ кколеб харжги кьун гурищ тун ругел цӏалдохъабазе лъай кьезе учительзаби».

Мадина, кӏиго лъимадул эбел, Махӏачхъала шагьар: «Дир вас исана анкьабилеб классалда цӏалулев вуго. Августалъул ахиралдаго лъазабуна классалъул нухмалъулелъ, исана щивав цӏалдохъанасе кӏиго-лъабго тӏехь камизе бугин. 11 цӏалул тӏехьалъул бакӏалда киназдаго гьоркьор бащад гьарун анкьанкь тӏехь бикьана. Гьезда гьоркьоса обществознаниялъул ва тарихалъул дарсида лекциял цӏализе ругин абуна ва технологиягун немец мацӏалъул дарсазда тӏахьал хӏажалъиларин тана».

Патӏимат, Каспийск шагьар: «Дир лъимал цӏалулел руго Каспийск шагьаралъул школалда, дунгойин абуни, щибаб къоялъ Махӏачхъалаялде хьвадула хӏалтӏуде. Цояй яс школалда кӏиабилеб сменаялда цӏалулей йиго, цогидай абуни, лъабабилеб сменаялда. Къаси сагӏат анкьгоялде бащдаб хӏалтӏидал лъугӏула гьелъул дарсал. Цӏадукьги, гӏазукьги, кватӏараб гӏужалъги яс школалдаса ячӏунелъул, гьелда хадур рахъине ккола ниж. Кидагӏаги нилъер республикаялда цӏалдохъабазул къадаралъул хӏисабги гьабун, киназего гӏурал школал разе ругел? Щибаб соналда цо-цо, кӏикӏи тӏехь босичӏого тӏубаларо. Цохӏо биологиялъул тӏехьалъухъ 950 гъурущ абуна исана. Гьелде тӏадеги щибаб предметалъе хӏалтӏулал, хал гьабиялъулал ва цогидал тетрадалги росизе кколел руго. Пачалихъалъулаб хӏалтӏуда ругел гӏадатиял гӏадамаз кин харж гӏезабилеб?»

Школалда камурал тӏахьал росизе ругищан цӏехон ниж кӏалъана ДРялъул Лъай кьеялъул ва гӏелмуялъул министерствоялде. Министерствоялъул специалисталъ (цӏар хъвазе бокьичӏо) бицана цӏалул сон байбихьаралдаса нахъе, щибаб къоялъ, азаргогӏанасеб нухалъ ахӏун бачӏунила жидехъе республикаялдасаго школлъималазул эбел-инсуца. Щивасда бичӏчӏизабизе кколеб бугила щай школазда цӏалул тӏахьал гӏолел гьечӏелали:

«Хӏукуматалъ лъазабуна исана тӏахьал росизе гӏураб гӏарац гьечӏин бюджеталдаян. Гьединлъидал, щибаб школалъ жидецаго ресал ратизе кколел руго. Нужерго школазул директорзабазухъе а, нужее рес, санагӏалъи гьабеянги абун. Цокӏиго тӏехь камуразеги бегьула ресал ратизе, ксерокопиял гьаризе бегьула, яги электрониял тӏахьал рехизе бегьула телефоназде яги компьютеразде. Цо яги кӏиго тӏехь камурал лъималазе рес батизе бегьула. Гъоркьисаги кьерцисаги росун рукӏана киналго школазе тӏахьал. Гьел кирегӏаги инчӏого школазда рукӏине ккола.

— Рес буго росабалъа яги цогидал шагьараздаса хъизамалги гочун рачӏун, цо-цо классазда цӏалулезул къадар цӏикӏкӏине. Цо классалде бищунго цӏикӏкӏун ункъо-щуго цӏалдохъан вачӏинеги рес буго, амма кинго рес гьечӏо цо цӏалдохъанасе щуго-анлъго тӏехь камизе. Школазда букӏине ккола гъоркьисаго росарал тӏахьазул нахърател. Директорасда тӏадаб буго гьеб суал тӏубазе. Школаздаса кьурал гӏарзазда рекъон, щибаб соналда нижеца росула цӏиял тӏахьал. Гӏицӏго исана хутӏана тӏахьал росичӏого.

ДРялъул лъай кьеялъул ва гӏелмуялъул министр Яхӏя Бучаевас республикаялъул СМИязе кьураб баяналда рекъон, исана нилъер регионалъул школал 80 проценталъ гурони тӏахьаздалъун хьезарун гьечӏо. Киназего гӏолеб къадаралда тӏахьал росизе гӏоло федералияб централда кумек гьаризе кколеб буго.

Патӏимат Султӏанмухӏамадова