«Сапар буго цӏодорлъи гьабизе кколеб моцӏ. Къаси кьижилалде цебе, рокъоб бугеб цӏарагӏ тӏалъел тӏад лъечӏого тоге. Сапар моцӏалъул цо сордо бугин абула ракьалде унти рещтӏунеб». Гьадинаб хъвай-хъвагӏай тӏибитӏизабулеб букӏана мухӏаррам моцӏалъул ахирисеб къоялъ. Сапар — балагьал рещтӏунеб моцӏ бугинги абун, ислам бачӏиналде цебе гӏарабиязда гьоркьор рукӏарал харбазда божулел бусурбаби жакъаги камулел гьечӏо.

Лъикӏал гӏамалазухъ – кири, квешазухъ – гӏазаб

Гьижрияб календаралда рекъон, сапар ккола лъагӏалил кӏиабилеб моцӏ. Гьеб моцӏалъ, цебе заманалда, къотӏи-къаял, ригьнал ва гьезда релълъарал кӏвар бугел ишал гьарулароан гӏарабияз. Авараг (с.гӏ.в.) вачӏиналдалъун гьел гӏадатал хвезаруна. Батӏалъи гьечӏо, къо букӏа, анкь букӏа, моцӏ букӏа — киналго инсанасе квешаллъунги лъикӏаллъунги Аллагьасе бокьиялдалъун лъугьуна. Инсанас лъикӏал гӏамалал гьаруни, киналго къоял гьесие талихӏаллъун рукӏуна, квешлъаби гьаруни, гӏазабги щола. Нилъеда лъала хас гьабун жиделъ лъикӏал гӏамалал гьаруни кири гӏемерго цӏикӏкӏунел лъикӏал моцӏалги къоялги рукӏин, амма кӏочене бегьуларо лъикӏал моцӏазулъ ва къоязулъ гьарурал лъикӏлъабазухъ кири цӏикӏкӏунебго гӏадин, квешлъабазухъ гӏазабги цӏикӏкӏунеблъи.

Гӏажаибаб жо гьечӏищ, жакъа ислам гъваридго лъазабизе рес бугеб заманалдаги бусурбабазда гьоркьор сапар моцӏалъул цере рукӏарал гӏадатазда божулел гӏадамал рукӏин. Гьеб моцӏалда хурхинарулел квешал гӏадатазе ва гӏаламатазе кинабгӏаги кьучӏ гьечӏо. Тӏадегӏанав Аллагьас Къуръаналда абулеб буго: «Инсанасде цониги къварилъи щоларо Аллагьасул хӏукму-къадаралдалъун гурони», — ян («Ат-Тагъабуна» сураталъул 11-абилеб аят).

Бухариясдасан бицараб хӏадисалда буго: «Сапар моцӏалъулъ квешаб гӏаламат гьечӏо», — ян. Гьединго Мухӏаммад аварагас (с.гӏ.в.) абун буго: «Сапар моцӏалъулъ битӏккунгутӏи, унти ва цогидалги квешал гӏаламатал ругин абураб жо мекъи буго», — ян.

Нилъее мисал

Мухӏамад аварагас (с.гӏ.в.) абун буго: «Кинаб къварилъи нужеде бачӏун батаниги, гьеб буго нужерго квераз гьабураб, Аллагь тӏаса лъугьуна гӏемерисел мунагьаздаса», ян. Гьелъул магӏнаги ккола битӏккунгутӏи яги талихӏаб лъугьа-бахъин, къварилъи яги рохел, ай кинабго гӏемерисеб мехалда нилъерго гӏамал сабаблъун кколеб жо бугин абураб. Сапар моцӏ балагьал ва унтаби рещтӏунеб моцӏ гуреблъи бичӏчӏизе ккола щивав бусурбанчиясда. Мухӏамад аварагас (с.гӏ.в.) абун буго: «Квешаб жо ккезе бугин абун пал къотӏизе бегьуларо», — ян. Щиб кканиги, хӏасилалда кинабго лъикӏ букӏине бугин абураб пикру букӏине ккола бусурбанчиясул.

Къуръаналъул аятаздасанги хӏадисаздасанги бичӏчӏула цо-цояз сапар моцӏалде гӏунтӏизарулел гӏадатал гьересиял рукӏин. Гьедин бугониги, цо-цоял гьел жалазда божулел руго. Гьединаз абула сапар моцӏалъ гьабураб ригьнада баракат букӏунаринги. Гьеб кинабго гьадингояб жо букӏин бихьизабуна свалат-салам лъеяв аварагас. Гьес жиндирго яс ригьнаде кьуна гьеб моцӏалъ. Гьеб гӏеларищ нилъее мисаллъун. Сапар моцӏалъ сапаралъ рахъине лъикӏаб гьечӏин абулелги камуларо. Тарихалде балагьани, сапар моцӏалъул ахиралда, Маккаялдаса Мадинаялде гьижра гьабуна Мухӏамад аварагас (с.гӏ.в.). Миладияб календаралъул 622 сон ккола гьеб. Гьеб гьижраялдаса байбихьана исламияб тарихги.

Исламалда рекъон, балагьаблъун рикӏкӏунеб лъагӏалил заман гьечӏо. Балагьаблъун ккола инсанас гьабулеб квешаб иш, гӏамал. Аллагьас малъаралда нахърилълъине, исламалъ гьукъаралдаса инкар гьабизе гӏакълу кьеги киназего.