Чамасдакӏ Гӏалимзаби гӏажаиблъизарураб нигӏмат

Гӏалимзабаз чӏезабун буго чамасдакӏалъ инсанасул черх сах-саламатго цӏунун чӏезабулеблъи. Гьез хӏалбихьи гьабуна, чанго соналъ кванилъ лъимгун цадахъ гӏатӏгояб чамасдакӏ хӏалтӏизабулел рукӏарал гӏадамазда тӏад, халгьабуна гьезул бидухъ, кӏващухъ. Гьелъул хӏасилал рихьидал, гӏалимзаби гӏажаиблъун хутӏана. Гьел гӏадамал ратана щибго унти чорхолъ гьечӏел. Гьединго цебегӏанго гьабураб цӏех-рехалъул хӏасилалдасанги баянлъун букӏана чамасдакӏалъул пайда цӏикӏкӏараб букӏин багӏараб ва чӏегӏераб икраялдасаги.

Гьелъул цӏикӏкӏараб пайда букӏи-

налъе нугӏлъи гьабула гьелда жаниб бугеб къоло лъабго аминакислотаялъги ва анцӏила щуго минералалъги. Гӏалимзабаз чӏезабуна анцӏго чамасдакӏ кванани, гьелъ къойида жаниб чиясе хӏажалъулеб кванил роцен роцӏцӏинабулин.

Чамасдакӏалъулъ батун буго трип-

тофан абулеб, ай гӏадалнах хӏалтӏи-забиялъе жиб сабаблъун чӏолеб хасаб «нигӏмат». Гьеб цӏакъго хӏажалъула бетӏер хӏалтӏизабун хӏалтӏи гьабулезе. Гьединго триптофаналда абула «гӏолохъанлъиялъул аминакислота» абунги, ай гьеб клеткаби херлъиялде данде къеркьолеб букӏиналъ. Гьединго чамасдакӏалъулъ бугеб селеналъ цӏунула инсанасул черх рак унти ккеялдаса.

Гӏалимзабазул рагӏабазда рекъон, селен витамин, инсанасул черх цӏунизе бажарулебгӏанасеб къадаралда, буго чамасдакӏалъулъ, гьеб гуребги, гьелъ цӏунула ракӏ унтиялдаса ва щула гьабула имунияб система.

Цоги, гӏалимзабазда чамасдакӏалъулъ батана окситоцин абураб веществоги. Лъимаде йигей гӏаданалъ, ахирисеб ункъо анкьалъ чамасдакӏ кваналеб бугони, окситоциналъ квербакъулеб буго лъимер гьаби бигьалъизабизе ва чӏужугӏадан хехго рукӏалиде ячӏинайизе. Лъимер гьабун хадуб чӏужугӏаданалъул рахьги гьелъ витаминаздалъун бечед гьабулеб буго.

Гьединго чамасдакӏ лъикӏаб буго ракӏцӏерхӏеялъе, ай гьелда гъорлъ глютаминалъул сок букӏиналъ. Диетологазги абула чамасдакӏ, глюкоза гъорлъ букӏиналъ, цӏакъ пайда цӏикӏкӏараб нигӏмат кколин ва гьелъ свак бахъулин, ракъиги лъазе толарин.

Чамасдакӏалъул гъветӏ, цогидал гъутӏбуздаса цӏикӏкӏун, рехсон буго Къуръаналдаги, гьединго къого бакӏалда рехсон буго чамасдакӏги.

Нилъер Аварагасги гӏемер хӏалтӏизабулаан чамасдакӏ, гьелдаса пайда босиялде ахӏулаан цогидалги.

Гӏажаиблъи гьечӏищ, бусурбабазда гьеб пихъалъул хӏакъалъулъ Къуръаналда рехсон ва свалат-салам лъеяв Аварагас малъун азаралда ункънусго соналъ цебего лъалеб букӏаниги, гӏалимзабазе гьеб гьанже гурони хӏакълъичӏеблъи.

Мухтарахӏмад Мухӏамадов