Магӏарул шагӏирзабиги кочӏолаб хазинаги

Миллияб музыкалияб маданияталда Залму Батировалъулги Тубхӏат Зургьаловалъулги лъалкӏал

Магӏарул адабияталда гуребги, маданияталдаги шагӏирзабаз тола жидеего хасаб хасияталъги сабруялъги цӏар хъварал лъалкӏал. Шагӏирзаби хӏисабалда, цӏалдолезе гьел магӏарул руччабазул махщалил бицине дун лъугьинаро. Бокьун буго цо-цо рокьулел кучӏдузде сверарал гьезул асаразул хӏакъалъулъ бицине.

Щибаб кочӏолги букӏуна жиндирго къисмат. Цояб кӏетӏола инсанасул рекӏеда, цогияб, изнуги цӏехечӏого, щола гьесухъе, къисматалъул бицунаго, цо-цояз гӏодизарула, цогидаз рохизарула. Цоял хӏанчӏилъун роржуна, цо-цоял хъирщадилелго хутӏула.

Халкъияй шагӏиралъул сариназухъ

Гӏагараб росдал школалда хӏалтӏулеб мехалда, Бергьенлъиялъул къоялде концертал хӏадурулелъул, бищун цебе ракӏалдещолаан Мухӏамадтӏамир Синдикъовас ахӏулеб «Бице, баба, бице гьав солдатасул, гьасда аскӏой йигей гьай эбелалъул» абураб кечӏ. Гьеб кечӏалъ жакъаги кӏудияб асар гьабула дир рекӏее.

Залму Батировалъул цӏар бахъидал, цее ячӏуна миллаталъул ургъелаз ракӏ унтарай шагӏир. Ва Дагъистаналъул мустахӏикъав артист Абакар Гӏумархӏажиевас ахӏула нилъее гьей магӏарулалъул магӏарулазде гьабураб магӏулъун лъугьараб кечӏ.

— Цолъизе кӏвечӏел нилъ хутӏун ругел куц! — гьединаб буго жакъаги шагӏиралъул рекӏел ахӏи.

Залмул асаразулъ щияй чӏужугӏаданалда батула жиндирго къисмат. Къваридаб рокьул кьогӏаб лълъарги гьекъола шагӏиралъ щияй чӏужугӏаданалда цадахъ.

Гьеб балъгояб дунялалде шагӏиргун цадахъ нилъехъе гьоболлъухъе щвана Дагъистаналъул мустахӏикъай артистка Шумайсат Гӏабдулаеваги:

Щай цӏорозе тарай, цӏорозе тарай,

Цӏадул горо гӏадай щун йикӏанин дуй?

Щай ечӏазе тарай, ечӏазе тарай,

Хариде щуб гӏадай щун йикӏанин дуй?

Рекӏелъ цӏар лъезе лъалареб бакӏаб пашманлъи рещтӏуна, Хадижат Жамалудиновалъухъги Ахӏмад Закариявасухъги гӏенеккидал (цебе Хадижатида цадахъ гьеб кечӏ ахӏулаан Хӏамзалав Хӏамзаловас):

Божулищ мун рокьуда, кьунищ гьелъ дуе талихӏ?

Тараб щиб гьелъ дур рекӏелъ: рекӏкӏищ, цӏайищ, цӏоройищ?

Цӏунанищ мун рокьуца ццидалаб рагӏудаса?

Гьукъанищ гьелъ дуе нух хиянатаб рахъалде?

Сардица квер бахъизе танищ

долъ рекӏел ругъун?

Чӏалгӏеналъ рухӏ гьекъолел

къоял дуе долъ кьунищ?

Дурго гӏайибалдалъун гӏищкъу

гӏазукье кканищ?

Дуцаго къоги рехун, гьеб къватӏазда щущанищ?

Мун кин йигей, кин йигей,

Дуда рокьи батанищ?

Мун рокьуда божулищ,

Дуе гьелъ талихӏ кьунищ?

Унго-унгоги, гьаб кочӏолъ бугеб рацӏцӏалъиги, хӏеренлъиги, ритӏухъаб рокьул недегьлъиги.

Рачӏаха данде кквезе гьал рагӏабиги жакъа цо-цо «цӏвабзаз» сценаялдаса рагьун бицунеб гьалагаб рокьул кучӏдулги.

— Вачӏайила, вачӏайила, вачӏинчӏого ресго гьечӏила, убачазухъги кӏутӏбузухъги урхъун йигила. Цогиялъги заниго бегизабула:

Баркала , хирияв, хинал сардазухъ…

Бичӏчӏулебго гьечӏо гъоб «баркалаялъул» бетӏергьан щивали. Гьединабищха бугеб мугӏрузул ясазул яхӏ-намусалъул тӏири — аскӏоре къаралгицин чороклъизе бегьулеб гӏадаб.

Гьединал кучӏдузухъ гӏенеккидал, цере рачӏуна бацӏцӏалъиялъ рецӏцӏулел шагӏиралъул саринал. Гьаб макъалаялда Залмул кучӏдуз кочӏолаб маданияталда тарал рацӏцӏадал, роцӏарал лъалкӏазул бицун бахъинаро. Амма шагӏиралъул шигӏраби ракӏалдещола цо-цояз ахӏулел чӏорогоял, жидер букӏинесеб гьечӏел кучӏдул рагӏидал.

Тубхӏат Зургьаловалъул шигӏриял нухазул цо-цо свераби

Ахӏмад Закариевас ахӏулеб мугӏрул гъалбацӏ Хӏажимурадиде гьабураб шагӏиралъул цохӏо гьеб кечӏгицин гӏела, Тубхӏатица миллияб кочӏол дунялалда толеб бугеб лъалкӏалъул бицунелъул:

Хӏажимурад, мугӏрузда мун цӏехолев йиго дун,

Аваристаналъул бацӏ-дудаса чӏухӏула дун!

Хӏажимурад, жахӏдаялъ лъукъарав нижер наиб,

Имам чиякъго вугин, мун ахӏулев йиго дун….

Гьеб кочӏол кьучӏалда бахъараб клипалъ бицунеб буго шагӏиралъе хирияб магӏарул тариха-

лъул гьитӏинабго бутӏаялъул хӏакъалъулъ. Клип бахъун букӏана Хӏажимурад гьавуралдаса 200 сон тӏубаялде Мухӏамадмурад Мусаевас. Абизе бегьула шагӏиралъул цӏар миллаталъул тарихалдеги анилан.

Яги:

Дагъистан, Дагъистан, дур тарихалъул

Тахида рукӏараз тана дуниял.

Амма кьуричӏого буго Ахӏулгохӏ,

Аралъул нугӏзаллъун- даимал мугӏрул…

Чуязда гӏадинал рукӏинчӏо чагӏи.

Чиярав гурони, вукӏинчӏо тушман.

Чуялги чагӏиги кӏочон течӏони,

Чӏаго букӏина мун, нижер Дагъистан!

Гьеле гьедин ахӏула нилъее Дагъистаналъул мустахӏикъав артист Ахӏмад Закариевас.

Дие цӏакъ бокьула Тубхӏатил лъел цӏураб гӏертӏил сипат. Гьеб ккола умумуздасанго нилъехъе бачӏараб нухбитӏиялъул гӏаламатлъун. Цо-цо дицагоги хӏалтӏизабула гьеб гӏертӏил сипат, макъалаби хъвалелъул.

Чакаргун чед гӏадинаб дир умумузул рокьи,

Ракьагун гьан угьдулеб доб заманалъул гӏишкъу.

Гӏолилас гьекъолелъул, гьоцӏо гӏадаб иццул лъим…

Гьесул квералъ борхидал, хадуб гӏодараб гӏеретӏ…

Гьаб кечӏалда гъоркь магӏарул кьурдиги гьабула Хасавюрталдаса кьурдухъабаз. Кьурдул авторги ккола тӏадехун бицен гьабурав Мухӏамадмурад Мусаев.

Жиндирго, Тубхӏатил, рагьараб гьумералъул, лъималазул гӏадаб ракӏалъул, яцӏцӏадай шагӏиралъул, нухда бугеб гӏертӏинибеги чанги тӏинкӏун батила сверухъ бугеб мекълъиялъ, тӏекълъиялъ, хиянатлъиялъ лъукъараб, сахлъуларел ругънал лъураб цӏамхӏалаб магӏу…

Кочӏохъабаз ахӏулел кучӏдул гӏемерал руго Тубхӏатилги.

Щай жакъасеб сценаялдаса рагӏулел гьечӏел ватӏаналъухъги, гӏолиласухъги, гӏолилалъухъги ккараб рокьуца гӏенеккаразда сири базабулел кучӏдул? Щай нилъее асар гьабулеб бугеб «гьодорал» кучӏдуз?!

Жеги тӏагӏун гьечӏо дир черхалдаса дуца ра-хъарал убачазул расенал… — гьабищха мугӏрузул гӏадаталги, законалги, мугӏарулалъул тӏадегӏанлъиги…

Кигӏан бицаниги, хӏасил кколареб цого темаги, цого жал ахӏулел кочӏохъабиги, гьезие хъат чӏвалел нилъги…

Шамай Хъазанбиева