Чачаназул тахшагьаралъ асир гьавуна

Кӏиго республикаялда гьоркьоб бугеб батӏалъи бихьидал, тамашалъизе бачӏуна

Гӏемер бицунеб рагӏун букӏана чачаназул тахшагьаралъул берцинлъиялъул, ракӏгъеялъе ва хӏухьбахъиялъе гьенир гӏуцӏун ругел шартӏазул хӏакъалъулъ. Дидаго бихьараб гӏадаб жо букӏинарин ракӏалдеги ккун, ният гьабуна Грозныялде сапар бухьине. Махӏачхъала шагьаралъул № 29 школалъул цӏалдохъабиги гьезул эбел-эменги экскурсиялъ Грозныялде унел рукӏин лъайдал, гьезда цадахъ дунги къватӏиве вахъана.

Дагъистаналъул гӏорхъи бахиндал, чачаназул ракьалдасан унеб шагьранух буго гӏатӏидаб ва машинаби хьвадиялъе щибго квалквал гьечӏеб. Щибаб шагьаралъул, росдал гӏорхъода ран руго чӏухӏизарун къачӏарал кӏамураби. Нухлул кӏиябго рахъалдаги аскӏор ругел шагьаразул ва росабазул минабаздаги, ах-хуралдаги гьоркьоб буго 50-60 метралъул манзилалда эркенаб ракь. Цо чачанас бицана Аргун шагьаралдасан унеб шагьранухда аскӏор рарал минабаздаса, тукабаздаса ва цогидал бакӏаздаса гьеб ракь эркен гьабизе полициялъ гӏадамазе кьунила кӏиго анкь, лъабабилеб анкьалъ бачӏун техникаялъ гьенир хутӏарал бакӏалги щущазарунилан.

Шагьаразул, поселоказул ва росабазул минабазул шагьранухдасан рихьулел къадал руго цо кьералъул, цо куц-мухъалъул ва цо борхалъиялъул. Гьелъ сверухълъиялъе кьолеб буго узданлъиги беричлъиги.

Жакъа Грозныялъул рагӏалда ран ругел минабиги, ахалги, нухалги руго беркколеб хӏалалда къачӏан, гӏурччинлъиялъулъ тӏерхьун. Ва бищунго аслияб жо, шагьранухдаги минабаздаги гьоркьоб чӏезабун буго саламатаб манзил, гӏатӏилъи.

Ниж щвана Джалка, Аргун ва Гудермес шагьаразул мажгитазде, ахазде, гьезул берцинлъиялъул ва къачӏан ругеб хӏалалъул хӏакъалъулъ бицун хӏалкӏоларо ва гьеб рахъалъ нилъер республика пакъирлъиялда бугин абуни, гьереси букӏинаро.

Грозныялде щведал экскурсия байбихьана Ахӏмад-хӏажи Къадировасул цӏаралда бугеб мажгиталдасан. Гьебги буго кутакалда къачӏан ва сверухълъи буго гӏурччинлъиялъ ккун. Мажгиталда аскӏобго бугеб Грозный-сити абулеб авал бихьидал, цебе бачӏана, телевизоралдасан рихьарал шагьарал, хасго Дубай шагьар. Гӏемертӏалаял минабазул цоялъул 32-абилеб тӏалаялъул тӏохда туристазе гьабураб майданалдаса Грозный бихьула хъатиниб лъураб гӏадин. Гьенир гьечӏо, Махӏачхъалаялда гӏадинал, гӏемерал кӏалгӏаби, гӏемерисел минаби руго 2-4 тӏалаялъул. Гьеб берцинлъи бихьизе тӏохде рахине бокьарал туристазе бичулеб белтил багьа буго 100 гъуруш.

Тахшагьаралъул бакьулъ буго тӏугьдузул парк. Гьелъул узданлъиялъ гӏажаиблъизаруна ва гӏезегӏан гӏакъуба бихьана лъималазул улбузда лъимал гьениса къватӏире рачине кӏоларого. Грозныялъул рагӏалдаги буго Ахӏмад Къадировасул цӏаралда бугеб парк. Гьенир руго атракционалги, фонтаналги, парк къотӏун чвахулеб лъел каскадги, тӏасан лъун руго кьоялги, бакӏ-бакӏазда эхетун руго сиялги. Гьенибго буго зоопаркги.

Грозный къотӏун унеб Сунжа гӏурул кӏиябго рахъалда бараб къед бихьидал, дир чорхол хӏал хисана. Бокьани гьадинги гьабизе кӏолеб бугогури абураб пикру бачӏана Махӏачхъала къотӏун чвахулеб чорокаб каналги цебечӏун.

ЧРялъул печаталъул, ай журналистазул мина бихьидал, бичӏчӏана Дагъистаналъул мискинлъиги пакъирлъиги.

Лъималазе бищунго бокьана Грозныялъул дельфинарий. Гьелда аскӏоб гьабураб каналалъул лъеда тӏад, русбуздаги рекӏун, тира-сверизеги цӏакъ бокьула туристазе. Москваялдаса ахӏарал артистаз дельфиназул гӏахьаллъигун рихьизарулел церерахъиназул бицинаро, амма белтихъ босулеб 800 гъурушалъ Грозныялъул бюджет бечед гьабулеблъи хӏакъаб буго.

Чачаназе Каспий ралъдахъе нух гьечӏо. Гьеб къварилъиялдаса рорчӏиялъе, Грозныялдаса рикӏкӏад гьечӏого гьабун буго, 1600 метр халалъи, 800 метр гӏеблъи ва анлъго метр гъварилъи бугеб, кӏудияб хӏор. Гьелда абула Грозныялъул ралъадилан.

Къокъго абуни, жакъасеб Грозный буго хӏатталдаса ун берцинаб шагьар. Бихьизе жоги, ине бакӏги, хӏухьбахъизе шартӏалги гьенир гӏунги тӏокӏал руго. Гьединлъидал гьенир тира-сверулел туристазул къокъабиги рихьула. Нижеда дандчӏвана Якутиялдаса, Калмыкиялдаса, Ставрополь ва Краснодар краяздаса, Волгоградалдаса, Дагъистаналдаса рачӏарал туристазул къокъаби.

Цо-цояз абула ЧРялъе Москваялъ гӏемераб гӏарац биччалеб букӏиналъ бугин гьениб гьединаб берцинлъи гьабун. Амма, дида ракӏчӏун абизе кӏола, Дагъистаналъул тӏалъиялдаги унго-унгоял патриотал рукӏаралани, нилъер республикаги мадугьалзабаздаса нахъеккараб букӏинаронин. Гьелъул бицун гьанже пайдаго гьечӏо. Хӏакъаб жо, жакъа гӏадин гьумерги чуричӏого, республикаги, кьишниялъулъ къан Махӏачхъалаги, канализация жанибе чвахулеб Каспий ралъадги бугони, Дагъистаналде туристал рачӏин щакаб иш буго.

Нури Нуриев