12 августалда Сугъралъ тӏобитӏана чайдул кӏиабилеб фестиваль

Сугъулдерица чай гьекъолеб куцги гьел гьелъул лъикӏал устарзаби рукӏинги гӏемер лъикӏ лъала гьелгун дандчӏваразда ва Сугъралъе щваразда. Араб гӏасруялъул 30-абилел соназда чайдулгун ккараб бухьен-гьудуллъи щула гьабун гурони, сугъулдерица гьеб киданиги хвезе течӏо, хадубккун телинги кколаро. Гьебги, батӏи-батӏиял данделъаби-тадбирал гьариялъулъ гьениб цӏикӏкӏараб хӏалбихьи букӏинги хӏисабалде босун, 2016 соналда Гъуниб районалъул Сугъралъ росдал Хицӏиб мархьухъ (колохъ), 1741 соналда Надир-шагьасул боязда кьаби лъураб майданалда бан бугеб «Ватӏан» мемориалияб комплексалда тӏобитӏана тӏоцебесеб чайдул фестиваль. Гьелъул программаялдаги рукӏана чай гьекъеялъул рахъалъ чемпионат, чаялъул батӏи-батӏиял тайпабазул халгьаби-хӏалбихьи, музыкалиял церерахъинал, спортивиял къецал. Гӏахьалчагӏиги гьалбалги рикӏкӏун, гьеб фестивалалде щвана гӏага-шагарго 1200-1300 чи, гьенибго къотӏи ккана фестиваль щибаб соналда тӏобитӏизе. Гъоркьиса гьеб гьабичӏого хутӏиялъе гӏилла ккана гӏуцӏарухъабазда (аслияб куцалда гьеб гьир тӏаде ккола комплексалъул нухмалъулев Хӏамзат Гӏумаровасда ва гьесул кумекчагӏазда) рачӏел цо-цо хӏужаби. Рагьараб майданалда тӏобитӏулеб фестивалалде хӏадурулаго, исана гӏезегӏан квекӏенал гьаруна гьава-бакъалъ, ахирал къоязда гьоркьор чӏечӏого ралел рукӏарал цӏадаз. Бугониги, тӏоцебесеб фестивалалда рукӏараздаса гьенире рачӏаразул къадар дагь букӏинчӏо. Фестивалалде рачӏаразда гьоркьор рукӏана: туризмалъул ва халкъиял промыслабазул министр Рабият Закавова, Гъуниб ва Гӏахъуша районазул бутӏрул Ахӏмад Мухӏамадов ва Ахӏмад Мухӏарамов, Халкъияб Собраниялъул депутат Мухӏамад Кӏудиявмухӏамадов, Магӏарул театралъул нухмалъулев Мухӏамадрасул Мухӏамадрасулов, «Ватӏан» комплексалъул проекталъул автор Мухӏамад Керимов ва цогидалги. Бан-чӏун бугеб цӏадалъ фестивалалъул программаялъе дагьаб квалквал гьабуниги, лъикӏаб даражаялда букӏана гьелъул музыкалияб бутӏа, берцинаб хӏалалда ана официалияб бутӏа, къасд ккаразе рес щвана бокьараб тайпаялъул чай гьекъезе ва миллияб кванил хӏалбихьизе. Тӏоритӏана чӏорбутӏ речӏчӏиялъул рахъалъ къецалги, амма харил тангал рорхи-рехи ва спорталъул гьеб мисалалъул цоги тайпаби, гьава- бакъалъул шартӏаздалъун, исана тезе ккана. Кин-щиб букӏаниги, лъил-кинал хӏасилал кканиги, я майданалда букӏараб хӏалуциналъ, я балеб цӏадалъ кинабгӏаги къварилъи гьабичӏо сверухъ бугеб гьайбатаб тӏабигӏаталъ киназего, хасго гьалбадерие, кьолеб лъикӏаб, хекко кӏочонареб асаралъе.

Палхӏасил, фестиваль ана къваригӏел гьечӏел лъугьа-бахъинал ккечӏого, ракӏбакъваялъгун чӏамучӏлъиялъ бизар гьаричӏого, гӏадатияб, эркенаб низамалда, рагьараб къагӏидаялда, тӏасияб соналда дагьабги лъикӏ нухда тӏамизе нигатгун.

Гӏабаш Гӏабашилов