Спортивияб лагералда чехь-бакьазул унти ккун больницаялда буго 60-ялдаса цӏикӏкӏун лъимер

ДРялъул Сахлъицӏуниялъул министерствоялъул халкквеялда буго Шамил районалда лъугьун бугеб ахӏвал-хӏал. Официалиял идарабаздаса щварал баяназда рекъон, 12-13 августалда Шамил районалъул больницаялде ккана Хучада росулъ бугеб «Спартак» абулеб лъималазул сахлъи щулагьабиялъул лагералда чехь-бакь унтарав (кишечная инфекция) 65 чи, гьездаса 61 лъимерги лагералъул ункъо хӏалтӏухъанги (богогьан, хъаравул ва кӏиго тарбиячи). Больницаялде лъимал рачӏун руго цого гӏаламаталгун -цӏикӏкӏараб цӏа-кан, чохьол унти, лагӏи. Жакъа гьезул ахӏвал-хӏал гьоркьохъеб ва захӏмат гьечӏеб куцалда бугилан рикӏкӏунеб буго, больницаялда чӏезабун буго къваригӏунел дарабазул нахърателги материалалги.

Гьеб лагералда хӏухьбахъулеб букӏана кинабниги 220 лъимер, 12 июлалда – 115. Гьезул заман лъугӏулаан 20 августалда.

Бетӏераб больницаялъул тохтурзабазе кумекалъе Шамил районалде рачӏун рукӏана Республикаялъул рахунел унтабазул централъул медиказул къокъа ва бетӏерай тохтур. Киналго унтаразе щолеб буго къваригӏунеб медицинаялъул кумек. Гьединго кумек гьабиялъул мурадалда министрасул тӏоцевесев заместитель Фейзулагь Хӏабибулаевасул бетӏерлъиялда гъоркь рачӏун рукӏана ДРялъул Сахлъицӏуниялъул министерствоялъул специалисталги бетӏерай эпидемиолог Муслимат Хӏасановаги.

ДРялъул Роспотребнадзоралъул нухмалъулей Элеонора Гӏумариевалъ абуна Шамил районалъул Хучада росулъ бугеб «Спартак» абулеб сахлъи щулагьабиялъул лагералда лъимал унтиялъе гӏилла кколин кванил нигӏматал цӏуниялъе къваригӏунеб цӏорой-хинлъиялъул низам цӏуничӏолъиян.

Лъималазул сахлъиялъе хӏинкъи бугеб гьеб лъугьа-бахъин ДРялъул сахлъицӏуниялъул министр Жамалудин Хӏажиибрагьимовасул хасаб халкквеялда гъоркь буго.

Лагералда загьруяб квен кун лъимал унтиялъул хӏужаялъул цӏех-рех гьабулеб буго республикаялъул прокуратураялъ гуребги, Дагъистаналъул Цӏех-рехалъул комитеталъги.

«Цӏех-рех гьабиялъул идарабаз халгьабулеб буго “Спартак” лагералда лъимал унтиялъе ккараб гӏиллаялъул ва гьелъие гӏайибиязул. Гьелъул хӏасилалда гӏайибиял тамихӏалде цӏазе руго», — ян абуна республикаялъул СУ СКРялъул вакил Егор Балашовас.

Жакъа къоялде Роспотребнадзоралъ лагералъул хӏалтӏи гьоркьоб къотӏизабун буго.

Гьале Шамил районалъул лъималазул лагеразул хӏалтӏул жавабчилъи тӏаде кколел хъулухъчагӏазул цо-цо пикраби.

Бетӏераб больницаялъул рахунел унтабазул отделениялъул заведующая Патӏимат Гӏачилаевалъ абуна:

— СМИязда рехсолев вугев 65 чи гуро больницаялде ккун вукӏарав, 84 чи (гьездаса 80 лъимер) вукӏана. Гьел регизарун руго киналго отделениязда, ай больница сверизабун буго рахунел унтабазул госпиталалде. Гьел киналго руго рахь гъорлъ бугеб пюре кварал лъимал. Ччугӏа яги цоги жо кварал, ай пюре квинчӏел лъимал унтун гьечӏо. Лъимал унтиялъе ккараб гӏиллаялъул мухӏканлъи лъала, Махӏачхъалаялдаса лабораториял цӏех-рехазул хӏасил бачӏиндал.

Больницаялда лъолел капельницабазулги, гьарулел дарабазулги кумекалдалъун лъималазул сахлъи рукӏалиде бачӏунеб буго. Гьелъие кумек гьабулеб буго нижехъе рачӏарал Республикаялъул рахунел унтабазул централъул кӏиго тохтур-инфекционистас. Амма, сахлъиялъухъ балагьун, 5-7-10 къо бачӏого, лъимал больницаялдаса риччаларо.

Районалъул киналго лъималазул лагеразул цӏех-рех гьабуна Махӏачхъалаялдаса рачӏарал специалистазги Хунзахъ санэпидстанциялъул хӏалтӏухъабазги.

Шамил районалъул бетӏер Мухӏамад Хӏасановас абуна:

— Медицинаялъул хӏалтӏухъабаз гьарурал хехал тадбираздалъун бажарана кӏудияб къварилъиялдаса рорчӏизе. Гьелъухъ дица баркала кьолеб буго Роспотребнадзоралъул, Республикаялъул рахунел унтабазул централъул, ДРялъул Сахлъицӏуниялъул министерствоялъул специалистазе ва нижер бетӏераб больницаялъул коллективалъе. Гьез абуна лъимал унтун ругила загьруяб кванидасан ккараб сальмонеллезалъ. Унтарал лъималазе камураб жо нижеца щибго тун гьечӏо. Жакъа 32 лъимер, больницаялдаса биччазе бегьулеб хӏалалда, сахлъун буго, цогидалги сахлъиялда хӏинкъизе ккараб хӏалалда гьечӏо.

Гьаб пашманаб лъугьа-бахъин ккола нижер районалда лъураб чӏегӏераб тӏанкӏ, гьелъие нижеца кколеб къимат кьезе буго.

* * *

Гьаб лъугьа-бахъиналдаса хадуб, ДРялъул сахлъицӏуниялъул министр Жамалудин Хӏажиибрагьимовас хӏалтӏудаса эркен гьаруна Дербент шагьаралъул ва Шамил районалъул централиял больницабазул нухмалъулел Гьезул хӏалтӏудаса разилъи гьечӏолъи загьир гьабуна министрас.

Нури Нуриев