Хун хадувги гьалбал камуларо шагӏирасухъ гьоболлъухъ
Махӏамад дида лъалаан гьев Москваялда Литературияб институталда цӏалулеб заманалдасаго нахъе. Дунги цӏалулев вукӏана Москваялъул кӏиабилеб медицинаялъул институталъул аспирантураялда. Общежитие букӏана институталда гӏагарлъухъ. Дунги гӏемер щолаан гьесухъе. Гьединго гьесухъ гьоболлъухъ рукӏунаан батӏи-батӏиял республикабаздаса шагӏирзаби, хъвадарухъаби, драматургал. Гьез цоцазе цӏалулаан жидерго асарал, цогидаз хъваралъул хӏакъалъулъ гара-чӏварулаан. Цо-цо гӏолохъанал хъвадарухъабаз жалго реццулаан, цогидал какулаан.
Гӏабасил Махӏамадил букӏана хасаб рукъ. Гьелъул магӏна ккола шагӏир кӏудияб къадру-къиматалда вукӏанин абураб. Гьесухъе щолаан Хӏамзатил Расулги, Яков Козловскийги, институталъул ректорги ва цогидал машгьурал гӏадамалги. Хасго гьесухъе гӏемер рачӏунаан гӏолохъанал хъвадарухъаби. Махӏамадица квербакъана гьезие адабияталъул кӏудияб дунялалде жанире лъугьине. Ракӏалда буго гьес диплом цӏунулеб къоги. Гьенив вукӏана Хӏамзатил Расулги. Гьес гьениб лъикӏаб къимат кьуна шагӏирасул махщелчилъиялъе. Гьелдаса хадуб шагӏирас гӏумру гьабулеб букӏана Махӏачхъалаялда. Цо заманалдаса шагӏирасул гӏумруялъулъ ккана киналго хӏикмат гьарураб кӏудияб хиса-баси — Махӏачхъалаялда бугеб квартираги бичун, гьев вахъана гӏагараб росулъе, Лъагӏилухъе. Гьениб гьес бана мина, гӏуцӏана магӏарул адабияталъулги маданияталъулги музей. Рагьана гӏажаибаб садакъа-тукенги. Гьениса чӏобого босизе бегьулаан бокьарав чияс жиндиего бокьараб жо. Бокьарас гьениб лъезеги бачӏунаан щиб-щибниги.
Дагьал церегӏан къоязда магӏарул шагӏир Адам Аваравгун цадахъ дун щвана шагӏирасул рокъовеги гьесул хабадеги. Нилъ киналго хвезе рижарал руго. Амма киназго гуребха ракьалда хвел гьечӏел лъалкӏал толел. Гьеб хвелгьечӏолъи шагӏирасухъе хвелалдего бачӏун букӏана.
Дандчӏвай гьабуна шагӏир хун хадубгицин гьесие мутӏигӏай Савдатица. Бихьулеб букӏана гьелъул рекӏелъ бугеб даим чучи гьечӏеб пашманлъиги.
Гьалеха музейги. Гьеб Гӏабасилас сайгъат гьабуна районалъе. Гьебги кӏудияб сахаватлъи ккола гьаб заманалда. Районалъул администрациялъ гьенир тун руго хӏалтӏухъабиги — Гӏабдусалам (музеялъул директор) ва Савдат. Амма хӏалтӏухъ щолеб мухь цӏакъго мукъсанаб буго — ункъазарго гъуруш. Гьебги щибаб моцӏалъ гуро щолеб. Хунзахъ районалда дагьал гьечӏо ресалда ругел гӏадамал. Бегьилаан гьелги музеялде щвезе ва материалияб рахъалъ кумек гьабизе.
Бихьулеб буго республикаялъул Культураялъулги Туризмалъулги рахъалъ министерствабазги, Хъвадарухъабазул союзалъги гьелде кӏвар кьолеб гьечӏеблъи. Лъазегӏаги лъалебдай гьезда гьединаб музей букӏин!? Заман щвана халкъияв шагӏирасул ва драматургасул ирс хадусел наслабазухъе щолеб хӏалалда хӏалтӏи гӏуцӏизе. Дунялалдаго тӏоритӏула жидерго шагӏирзаби, художникал ва цогидалги машгьурал гӏадамал ракӏалдещвезарулел къоял. Масала, Россиялда гьел ккола Есенинл, Лермонтовасул, Пушкинил, Некрасовасул къоял. Гьанибго абичӏого гӏоларо — цӏакъ бокьулаан Гӏабасиласе, Лермонтовас гӏадин расги ххан, суратал рахъизеги. Гьеб гьесда рекъезеги рекъолаан.
Щай бегьулареб Лъагӏилухъ росулъ санайил тӏобитӏизе Гӏабасил Махӏамадил къо ва ракӏалдещвезаризе гьесул асарал? Гӏабасиласул букӏана цӏакъ бечедаб гӏумру. Гьединаб гӏумру тӏамизе киназухъаго гуро бажарулеб. Гьесул хвелгицин тӏадегӏанаб ва тӏокӏаб буго цо-цоязул гӏумруялдаса. Гьев хвана, хвелгьечӏолъиги ракьалда тун. Музеялда буго цо хӏуби. Гьелдасан унел гвангъарал чӏораз къалъизабун букӏуна сверухълъиго. Гьеб батизе буго шагӏирас ракьалда тарал лъалкӏазул кунчӏиги гвангъиги. Гьенир рикӏун руго шагӏирасул гьал рагӏабиги:
Дица дунялалда барабщинаб мех,
Унгоха, гьаб гӏумру
ун батараб хех!
Гӏабасил Махӏамад мустахӏикъав вукӏана дагьабги кӏудияб рокьуе ва адабалъе! Гӏемерлъаги Дагъистаналъе гьединал гӏадамал.
Мухӏамад Гӏабдулхабиров