18 августалда Махӏачхъалаялда тӏобитӏараб росдал магӏишаталъул ярмаркаялда гӏахьаллъана 30-ялдаса цӏикӏкӏун районалдаса вакилзаби
Махӏачхъалаялда гӏемер тӏоритӏула росдал магӏишаталъул ярмаркаби, гьезда гьоркьор Дагъистан тун къватӏирехун ругел регионаздаса вакилзаби гӏахьаллъаралги. Базаралда ва тукабахъ батӏи-батӏиял нигӏматазул гьарзалъи бугониги, ярмаркабазда багьаби гӏезегӏан гӏодорегӏанал рукӏиналъ, гӏадамазе гьенире ине бокьула. Гьеб бицуна ва бихьизабула гьенире рачӏунел гӏадамазул къадаралъ.
Гӏахьалчагӏазегун даранчагӏазе пайдаяблъун букӏана 18 августалда, Пушкинил къотӏноб тӏобитӏараб ярмаркаги. Гьелъ лъикӏаб асар гьабуна. Гьелъул букӏана цо чанго хаслъиги. Дагъистан тун къватӏисан рачӏарал рукӏинчӏониги, рукӏана тӏолабго абуниги республикаялдаса рачӏарал, фермеразулал ва гӏаммал магӏишатазул нилъер гьанир рижулелщинал, гӏезарун бажарулелщинал гӏи-боцӏунхъанлъиялъулгун ахихъанлъи-хурухъанлъиялъул нигӏматал. Багьаби рукӏана оптовияздаса тӏаде инчӏел. Магӏишатиял чагӏазда цадахъго гӏемерал рукӏана кечӏ-кьурдиялъул хӏаракатчагӏиги (магӏарулазул цо бокӏнилъ чанго нухалъ тӏадруссун ахӏана «Ансадерил гени, гендерил цӏибил» кечӏги). Ярмаркаялде щвана республикаялъул бетӏер В. Васильев, гьесда цадахъ рукӏана хӏукуматалъул бетӏер А. Здунов, республикаялъул бетӏерасул ва хӏукуматалъул администрациялъул нухмалъулев В. Иванов ва цоги жавабиял хӏалтӏухъаби. Васильев лъалхъулев вукӏана щибаб павильоналда аскӏов, гӏенеккулаан гьезул хважаинзабаз бицунелъухъ. Журналистазул рес букӏана цо чанго суал гьесие кьезе.
— Кинаб къимат кьолеб дуца жакъасеб ярмаркаялъе? Мун Дагъистаналда вугебгӏан заманалда жаниб бищунго рекӏелъе босараб бакӏалъулаб нигӏмат щиб ккараб?
— Дагъистаналда гӏезарулел нигӏматал руго кирго гьечӏелгӏан лъикӏал, тӏагӏамал, рацӏцӏадал. Гӏагарлъиялъ, рокъосез дида кидаго тӏадкъала, рес ккани, гьел росизе. Гьадинал ярмаркаби щибаб нухалда сверула байрамазде, гьеб битӏарабги буго. Гьаб буго нигӏматазул даражаги багьабиги шагьаралъул гӏадамазе дандекколеб, лъикӏаб тадбир.
— Сундулниги хӏалбихьизе, щибниги босизе рес щванищ дуе?
— Дие гьаниб щвана цӏакъго лъикӏаб настроение. Гӏемерал рукӏана жидер нигӏматал, гьездаго гьоркьоб коньякгицин кьолел, гьезул хӏалбихьеян гьарулел. Баркала гьезие, гьезул лъилниги ракӏхвезабизе кигӏан бокьичӏониги… нужеда кинабго бичӏчӏулелъул.
— Дуца абуна ярмарка сверанин байрамалде абун. Байрамалданиги бегьилароанищ гьез кьолеб букӏараб коньякалъул хӏалбихьизе?
— Гьеб коньяк лъикӏаб букӏиналда дир щаклъи гьечӏо, амма хӏалтӏуда вукӏаго дица гьеб киданиги гьекъоларо, гьекъечӏого лъикӏин цогидаздаги абула.
— Павильоназулгун лъай-хъвай гьабулаго, цо-цо руччабаца цӏикӏкӏараб жигарчилъигун мун ахӏулев вукӏана кьурдизе. Амма мун цӏунулез хӏаракат бахъана нух къазе, къачӏого тун букӏарабани…
— Нух къаялдалъун гьез цӏунана дир къадру… дун вуго цӏакъ махщел гьечӏев кьурдухъан.
— Лъикӏав нухмалъулев, гьелде щвечӏеб даражаялъул кьурдухъан.
Гьединищ кколеб бугеб?
— Нухмалъулев хӏисабалда дие къимат кьела нужеца, киналго дагъистанияз.
Кьурдухъаби камунги нилъ киданиги рукӏунаро, руго гьел.
— Дагъистаналда?
— Дагъистаналда ва гьединго дир командаялдаги.
Гьалбал нухарегӏун хадуб, чанго суалалъе жаваб кьезе рес ккана росдал магӏишаталъул ва кванил нигӏматазул министр Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовасеги.
— Дур хӏисабалда, гьадинал ярмаркабазул хӏажалъи бугищ? Кинал тӏалабал рукӏунел гьединаб бича-хиси гӏуцӏиялде? Кин араб жакъасеб ярмарка?
— Ярмаркабаз бихьизабула росдал магӏишаталъул хӏалтӏул хӏасил, ракьалда тӏад хӏалтӏулел гӏадамазул гӏумру-магӏишат. Нилъер гьаниб бижулареб ва гӏезабулареб, инсанасе хӏажатаб нигӏмат гӏемер гьечӏо, нилъеда тӏадаб буго гьезул къимат гьабизе ва гьездаса чӏухӏизе. Жакъа гьаниб гӏахьаллъи гьабуна Дагъистаналъул 30-ялдаса цӏикӏкӏун районалъ. Гьаб ярмарка тӏобитӏиялъул букӏана цойги мурад. Къурбан-байрам нухда тӏамиялъе хӏажатал тӏабигӏиял, рацӏцӏадал нигӏматал учузаб ба-гьаялда (30 проценталъ гӏодобегӏанаб) росизе рес кьола жакъасеб тадбиралъ. Шагьаралъул администрациялъулгун цадахъаб нижер пикру буго гьадинал ярмаркаби низамалда ва хасгьабун бихьизабураб, киналго шартӏал чӏезарун ругеб бакӏалда тӏоритӏизе. Кинабго бараб буго гьелъие эркенаб бакӏ батиялда.
— Къаси дур столалда тӏад букӏинищ гьаб ярмаркаялдаса кинаб бугониги нигӏмат ?
— Гьадин залимаб черх бугониги, дун гьедин гӏемер кваналев, хасаб кванда тӏадчӏарав чи гуро. Амма жакъа къаси столалда тӏад рукӏина гӏиял гьанги хӏанги.
— Ярмаркаялда гӏахьаллъана республикаялъул бетӏер В. Васильевги. Гьеб хӏужа кин дуца къабул гьабураб?
— Кин гьабилеб, кигӏан кӏваниги лъикӏ гьабуна. Росдал магӏишат ккола экономикаялъул цӏакъго жавабияб ва захӏматаб бутӏа. Гьелда цадахъго гьеб ккола цӏикӏкӏун кӏвар бугеб ва нилъее хасиятаб хӏалтӏи. Дун вуго командаялъул, пачалихъияв чи. Гьаб бигьаяб гуреб хӏалтӏуде дун ана республикаялъул бетӏерасул тӏадкъаялда рекъон. Дида тӏадаб буго гьесул дидехун бугеб хьулгун божилъиги хвезабичӏого, кинабго дир бажари, лъай ва хӏалбихьи хӏалтӏуе кьезе. Цӏакъго хӏалуцараб хӏалтӏухъги тӏуразе кколел гӏемерал масъалабазухъги балагьичӏого, гьес хӏажатаблъун рикӏкӏана гьаниве вачӏин. Гьелдалъун Васильевас бихьизабуна росдал магӏишаталъул кӏвар ва гьелдехун жиндир бугеб бербалагьи. Кинабго бихьаралдаса гьесул букӏараб разилъи нужедаго бихьана. Кӏудияб баркала гьесие. Баркала буго районазул (Унсоколо, Чӏарада, Гӏахъуша, Гъаякент ва цогидал) гьанир гӏахьаллъарал бутӏрузе. Хасаб баркала буго МВДялъул хӏалтӏухъабазе, сон къоялдаса нахъе гьел хӏалтӏулел руго нижеда аскӏор, гьез цӏунулеб буго гӏадлу-низам.
Гӏабаш Гӏабашилов