Даниялов гьавуралдаса исана 110 сон тӏубала

Гьале гьадинаб берцинаб, щивасул рекӏелъ Данияловасул цӏаралъ хинлъи бекьулеб цӏарги ургъулаго, щвана дун гьесул памятникалъухъе. Цӏакъго гӏедегӏун йикӏана, кватӏизе гурин хӏинкъун, таксицин ккуна. Амма аскӏое гӏагарлъанагӏан, рекӏел хӏалуцин загӏиплъана — тадбиралъулаб ахӏвал-хӏалго букӏинчӏо я сверухъ, яги дагьабги добегӏан. Мекъицин кканадаян ракӏалдеги ккун, цодагьалъ лъалхъана.

Дагъистан тӏегьаялъулъ ва гьеб хадусел наслабазе цӏунарав Гӏабдурахӏман Данияловасул памятникалде цере ракӏарун ругоан дагьалго гӏадамал. Рукӏана гьенир Гӏабдурахӏман лъалелги, гьесул гӏагарлъиги, хӏакимзабиги, гӏадатиял гӏадамалги… Цо заманалдасан памятникалда цере лъуна тӏугьдул. Хадур гьаруна дагьа-макъалго кӏалъаялги. Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул председатель Мухӏамад Ахӏмадовас бицана Гӏабдурахӏманил хӏакъалъулъ ва цӏалана Расул Хӏамзатовас гьесде гьабураб кечӏ. Магӏарул театралъул хӏалтӏухъаналъги рикӏкӏана Машидат Гъайирбеговалъ Гӏабдурахӏманиде гьабураб кечӏ. Цинги кӏалъазе яхъана гьесул ясалъулги ясалъул яс. Гьелда лъугӏана кӏудияв инсан ракӏалдещвезавиялъул цӏакъго гьитӏинаб дандеруссин. Церегӏан рукӏаразда гурони бицунеб жоги рагӏулеб букӏинчӏо. Гьаб заманалда захӏматаб иш гьечӏищха микрофон щвей. Дидани ракӏалдеккун букӏана Дагъистаналъул букӏинеселъе гӏоло гӏумруялда барахщичӏев инсан кӏодо гьавулеб миллатцоязулги дагъистаниязулги гьаракь паркалда киса-кибего рагӏилилан. Кӏалъаяздаса хадуб лъазабуна миллияб музеялде рилълъине ругилан. Щвана гьенире. Рекӏее къваридаб асар гьабуна, гьесул букӏараб кабинет бихьидал. Гьениб бугоан Данияловасул гӏумруялъул, гьесул ишазул ва шапакъатазул, гьесул заманалъул хӏакъалъулъ бицунеб хасаб бокӏон. Нижее гьеб киналъулго хӏакъалъулъ бицана музеялъул хӏалтӏухъан, директорасул заместитель Заира Кильдаевалъ. Амма нижги гьенире нухарегӏун, хӏакимзаби цереса тӏагӏана. Гьел рачӏунгӏаги рукӏанищан гьикъидал, цо щвезеги щун хеккого анин абуна.

Гьалеха лъугӏана Гӏабдурахӏман Даниялов гьавуралдаса 110 сон тӏубаялда бан тӏоритӏизе ругел тадбиразул байбихьилъун бугеб тӏоцебесеб дандеруссин.

Битӏун бицани, дие гьеб бокьичӏо. Гьеб букӏана «Гьабунищ? Гьабуна» абизелъун тӏобитӏараб тадбир.

Гӏайиб гьабуге, хӏурматиял тадбир гӏуцӏарал. Ракӏбакъвачӏого кинха хутӏилеб, дандеруссин байбихьизе цо-кӏиго минут хӏутӏидал, ячӏана цо гӏадан, памятникалда цебе бакӏ лъухьизе ва бацӏцӏине. Гьебги цӏакъго хӏакъираблъун бихьана. Заман щвана, хириял магӏарулал, нилъерго миллаталъул чӏухӏилъун, борхалъилъун, тӏадегӏанлъилъун кколел гӏадамазул адаб къадруялда ва букӏине кколеб даражаялда тӏобитӏизе. Гьечӏелдаса тӏехӏав лъикӏ василан абула магӏарулаз, амма хадубккунги гьебго пикруялда нилъерго чи кӏодо гьавизе ракӏалда батани, гьедин «кӏодо гьавиялдаса» гьавичӏого лъикӏ инсан. Республикаялъул хӏакимзаби кьижун ратани, кьижунищ рукӏине кколел гъунисел ва хасго ругъеж?

Шамай Хъазанбиева