Гьанжелъизегӏан анцӏила щуго километралъ нух гьабун буго

«Хӏакъикъат» газеталда цебехун чанго нухалъги хъван букӏана Чӏикӏасан Авар ва Гӏанди гӏорал журалеб бакӏалде щвезегӏан цо пуланал чагӏазул къокъаялъ тӏаде босун нух бахъулеб бугин. Амма гӏадамазе цӏакъ пайдаяб, магӏаруллъиялъего кӏвар цӏикӏкӏараб иш букӏаниги, гьеб рагӏалде бахъинабизе кӏвеялда тӏубанго божилъи букӏинчӏо. Щайгурелъул, кьурабиги кьвагьун, гӏанлъун, рорлъун гьабулеб гьеб нух бахъиялъул хӏалтӏулъ пачалихъалъ кинабгӏаги гӏахьаллъи гьабулеб ва спонсор гьечӏолъиялъ, халкъалъеги гьеб гьир бакӏлъизе бугин абураб пикруялъ. Амма бакӏалде щун бихьаралъ битӏахъе асир гьаруна ниж ва бичӏчӏана проект кьучӏаб букӏин. Нухазул устар, жамгӏияв хӏаракатчи, Болъихъа Мухӏамадкамил Дибировасул нухмалъиялда гъоркь хӏалтӏи унеб буго гьоркьоса къотӏичӏого. Гьес кӏикъого соналда жаниб гьаруна ва къачӏана магӏарухъ нус-нус километр нухазул. Гьездасан рехсела гӏицӏго ахирал соназда гьарурал цо-цоял: Генуб-Чӏиркъатӏа, Унсоколо-Гьерекӏдерил майдан, Болъихъ-Кӏаратӏа, Сагъри-кьо-Цӏияб Аргъвани, Болъихъ-Гӏанди, Ругъжаб-Хӏутниб, Сергохъала-Ванашимахьи. Кьучӏаб рагӏул ва гьединабго хӏалтӏул бетӏергьан Мухӏамадкамилихъе «Дагъавтодоралъги» разиго кьола хӏалтӏаби, къачӏазе нухал. Гьесие кумекалъе хӏалае чӏун вуго гӏемерал соназ Республикаялъул хӏукуматалда хӏалтӏарав ва хъулухъал тӏуралаго кидаго халкъалъул ургъалида вукӏарав Набиюла Мухӏамадовги.

Бузнасан нух. Умумузулго батараб нух бихьизе унелъул ниж тӏоцере щвана Сулахъ гӏурул къварилъуда тӏасан гьелъухъ балагьизе. Цӏумал роржунеб борхалъиялдасан бихьа-таралъ рекӏее кӏудияб асар гьабуна. Гӏурччинаб кьералъул тӏанса кинниги тӏибитӏун унеб Сулахъалда тӏасан бугеб нухалъ битӏахъе Алжаналде рачунел ратилин кколеб букӏана. Газеталъул бетӏерав редактор Гӏали Камаловас абуна жиндир гӏумруялъулъ ракӏалда чӏолел хӏужаби, лъугьа-бахъинал дагьал рукӏинчӏин, гьаниб бихьаралъ (доба рикӏкӏада Ахӏулгохӏ, цогидаб рахъалда Чӏикӏаб росу, гъоркьан чвахулеб Сулахъ, зодир роржунел цӏумал, гӏурччинаб сверухълъи) хӏикмалъизавунин. Хадуб Мухӏамадкамилицагун Набиюлаца ниж рачана гьабураб хӏалтӏи бихьизе. Мухӏамадкамилил басриябго «Нива» машинаялдаги рекӏун щвана Ахӏулгохӏалъул рахъалдехун нух гьабулеб бакӏалде. Рикӏкӏадасан балагьараб мехалъ чӏва гӏадин битӏараб, аскӏоре щвараб мехалъ цогӏаги гвенд гьечӏеб 15-гӏан километ-ралъул манзил нухлул хӏадур гьабун буго хъил тӏезе бегьулеб хӏалалда. Бузнаб колода аскӏоре щун руго бульдозерал. Гьеб буго нухлул захӏматаб бутӏа. Ниж щвараб заманалда гьенир кьураби кьвагьизелъун 30 метралъ жанире рахъун ругоан картӏал, 100-ялдасаги цӏикӏкӏун мет-ралъул гъварилъиялъул гвенд бугоан жаниб цӏезабулеб. Ниж гьединго щвана жегиги хӏалтӏи гьабичӏеб, умумуз гьакал рачунел рукӏараб нухдасан гӏодореги.

Гьенир къадазда ратана анцӏ-анцӏ соназ цере гьарурал хъвай-хъвагӏаял, ругоан нух биххун инчӏого букӏине бакӏ-бакӏазда лъурал швеллералги. Амма нухда букӏараб техника гьеб къоялъ хӏалтӏулеб букӏинчӏо. Гьелъие гӏилла цӏехедал, гьадинаб жаваб гьабуна Мухӏамадкамилица:

— Техника хӏалтӏулеб гьечӏо солярка ва хӏалтӏу-

хъабазе кьезе гӏарац гьечӏолъиялда бан. Амма гьал къоязда нухлуе гӏарац биччазе рагӏи кьун буго цо-цо чагӏаз, гьебмехалда хӏалтӏуде тӏадруссине руго.

— Чан километр бугеб нухлул халалъи, кигӏанасеб хӏалтӏи гьабураб?

— Чӏикӏасан Авар ва Гӏанди гӏорал журалеб бакӏалде буго 31 километр, амма гьебгицин къокъ гьабизе ракӏалда буго цо-цо свералабиги жанир цӏезарун. Палхӏасил, нухлул халалъи букӏине буго 28,5 километр. Гьаниб хӏалтӏулеб техникаялъул къадар бахуна 15-ялде. Гьелда хӏалтӏулезе къоялъе кьола 1500 гъуруш ва лъабго ригьалъ квен.

— Бицен буго цебе заманалдаго Бузнасан гӏодоб-лъиялде нух букӏанин…

— Битӏараб буго, Бузнасан нух букӏун буго анкьумумузул заманалдаго. Авар, Гӏанди, Къарал гӏоразул жаниблъиялда ругезе, ай тӏолалго магӏарулазе нухда мегӏер бахине ккечӏого гӏатӏиракьалде бугеб нух букӏана гьеб. ХӀX гӏасруялъул кӏиабилеб бащалъиялда пачаясул хӏукуматалъ байбихьана гьеб сухъмахъ гӏатӏид гьабизе. Гьенир кьвагьизе кколел согӏал кьураби рихьидал, нух гьаби рехун тун буго. 1957 соналда ДРялъул нухмалъиялъул пикру буссинабун букӏана гьеб нухде, амма, захӏмалъиялъухъги тӏад унел харжазухъги балагьун, нух бахъичӏого тезе хӏукму гьабуна.

— Туннелалдасан нухги букӏаго, кинаб хӏажалъи букӏараб Бузнасан нух бахъизе. Сунца гьесизавурав гьеб ишалде?

— Туннелалдасан унаго нилъеда ратула гӏемерал эхедераял, свералаби. Хасго хасало, цӏорораб заманалда цӏерчӏвала гьениб. Гьелъул гӏаксалда, Бузнасан рукӏине гьечӏо киналгӏаги эхедераял ва свералаби. Ралъдал гьумералдасаги гьеб гӏицӏго 350 метралъ гурого борхатаб гьечӏо. Туннелалдасан риччаларо чӏахӏиял юк баччулел машинаби. Бузнасан хьвадизе гьезие квалквал букӏине гьечӏо. Гьелде тӏадеги, туннелалдасан нух бокьараб заманалда къазе бегьула, тӏабигӏиял лъугьа-бахъинал сабаблъун. Гьединлъидал, кӏиабилеб, ай цоги нух хӏисабалда букӏанигицин гьечӏищ гьалдаса пайда. Араб гӏасруялъул 90-абилел соназул ахиралда хасало Гӏашилтӏасан Болъихъе унелъул цӏер къараб нухдасан ине бажаруларого кӏинусгоялдасаги цӏикӏкӏун машина букӏана кӏиябго рахъалда чӏун хутӏун, я цебе, я нахъе ине рес гьечӏого. Гьеб нухда вукӏарав дир пикру буссана Генусан Чӏиркъатӏе гӏорккун нух гьабиялде. Тӏамуна таваккал ва квекӏенал ккун халатбахъаниги, нух гьабун лъугӏана. Гьеб лъугӏун хадуб хӏукму гьабуна Бузнасан нух бахъизеги. Цоги, тӏоцебе, 1977 соналда туннель бахъулеб бакӏалде нухал гьарулев, ай «Чӏикӏаб ГЭСстроялда» хӏалтӏулев вукӏана дун. Доб мехалдаго дица абулеб букӏана, туннель бахъичӏого, Бузнасан нух гьабейилан. Гьенисан нух бахъиялъул магӏишатиябгун экономикияб пайдаялъул, учузго чӏолеблъиялъул ва хехго бахъун бажарулеблъиялъул мухӏканго цӏех-рехги гьабун, суал лъун букӏана. Амма дир пикру гӏадахъ босичӏо. Хӏисаб гьабе, туннель бахъулаго кигӏан заман араб, кигӏан харж гьабураб?

Гъизилюрт, Хасавюрт мухъаздаса магӏарухъе рачӏунезе нух къокълъулеб буго 27 километралъ, Гӏахъуша, Лаваша, Лак районазде Гъизляралдаса рачӏунезе — 106-110 километралъ, Махӏачхъалаялдасан рачӏунезе — лъабго километралъ. Чӏикӏаб гӏадаб кӏудияб росдаца пайда босулеб буго ГЭСалъул хӏорихъа мотораз кьабгӏун бачӏунеб лъедаса. Бузнасан нух бахъун хадуб, чӏикӏасезе рес ккезе буго, нухлул хьибилалдасан рогӏралги лъун, ахакьезул, ишкартисезул, хъерендерил ракьалдасан бачӏунеб мугӏрул лъарал лъим росулъе бачине. Мехелалда жаниб, гьоркьохъеб хӏисабалда, туннелалдасан унеб буго щуазарго машина, гӏидалъул къоялъ — 150 азарго. Бузнасан нух рагьун хадуб, гьелъ тӏаса босила туннелалдасан хьвадулеб букӏараб автотранспорталъул тӏадецуй, хӏалкъай. Рехсезе ккола транспорталъул харжалги, нухлулазул нухда унеб заман дагьлъиги, хӏинкъи гьечӏеб нух букӏинги.

— Авар гӏоралда тӏад кьо кида лъезе бугеб? Дур хӏисабалда, нух гьабун рагӏалде бахъин халалъиладай?

— Хӏадурараб маххул кьо кьуна Гӏалиев Нурмухӏамадица. Ракӏалда буго, кватӏичӏого кьо лъезе. Гьайгьай, нух гьабун рагӏалде бахъин бараб буго халкъалъул рахъалдасан гьабулеб гӏарцулаб кумекалда. Бузнасан нухлул бугеб кӏвар бичӏчӏарал, нухде кьураб садакъаялъул даражаялъул кӏодолъи лъалезул рахӏмуялъулаб кумек гьоркьоб къотӏулеб гьечӏо.

— Жакъа къоялде кигӏанасеб гӏарац гьелда тӏад харж гьабураб ва кигӏан жеги хӏажалъулеб?

— Жакъа къоялде харж гьабуна 50 миллионалде гӏагарун гъуруш. Хӏукуматалъул роценазда рекъон борцани, гьарурал хӏалтӏабазухъ унеб букӏана 400-500 миллион гъурущ. Халкъалъ бакӏарун кьолеб гӏарац исрап гьабичӏого букӏиналъул мурадалда, дицаго

гьарула проекталъулалгун сметаялъулал документал ва проектировщикасул, планировщикасул, инженерасул, мастерасул, прорабасул, геодезистасул, участкаялъул начальникасул, механикасул хӏалтӏаби. Нух рагӏалде бахъизе, дир хӏисабалда, хӏажалъизе буго жеги 100 миллион гъуруш.

— Дуцаго кигӏан мухь босулеб?

— Цо капекцин босуларо, гьелъул гӏаксалда, дица гьарула нухда саламатал харжал. Хьул буго, квегӏенаб нух лъугӏун хадуб, разилъарал нухлулазул баркалаги Аллагьасул кириги щвеялде. Тӏадегӏанасе гӏоло абун, ниятги гьабун, тӏаде босараб буго дица нух бахъиялъул хӏалтӏи.

— Бузнасан нух гьабун лъугӏидал, гьеб Махӏачхъалаялдехунги цолъизабизе ракӏалда бугин дудайин бицана. Кисан гьеб тахшагьаралде бачӏине бугеб?

— Чӏикӏасан Буйнакскиялдехун инчӏого, квегӏисахун сверун Хъумторхъалаялдасан, маххул нухда аскӏосан гьеб бачӏине буго Тюбеялде, ай федералияб Ростов-Баку шагьранухде. Гьеб букӏина 20-22 километр халалъиялъул цӏанбитӏараб нух.

Хӏурматиял магӏарулал, аби буго, мажгиталъул гамачӏ нухлуе хӏалтӏизабизе бегьулин, нухлул гамачӏ мажгиталъе хӏалтӏизабуни, хӏакъ букӏунин. Гьедигӏан кири кӏудияб иш ккола нухазул хӏалтӏи ва нух гьабиялъе кьолеб гӏарац. Цо пуланав дибирас абуна, нух бахъизе кьураб гӏарац бугила кассаялда лъураб гӏарац гӏадаб нахърател, кассаялда лъураб гӏарцуде тӏаде процентал рачӏунила, нухлул хӏалтӏабазе кьураб гӏарцул баракаталъ, бусурбанчиясе абадиялъ тӏаде бачӏунеб кири букӏунилан. Бузнасан бахъулеб нухдасан тӏаде-хариялъго магӏарухъе хьвадизе щвей бараб буго гьенибе нилъеца гьабулеб садакъаялда. Гӏарац бакӏариялъул ва гьеб сбербанкалъул счеталде битӏиялъул иш тӏаде ккола росабазул ва районазул имамазде, гьединго бутӏрузде. Гьез жидерго вагӏзабазулъ ва кӏалъаязулъ бицине ккола магӏарулазе гьеб нухлул.

Набиюла Мухӏамадовасул рагӏабазда рекъон, нух бахъиялъулъ кинабгӏаги гӏахьаллъи гьечӏо республикаялъул ялъуни пачалихъалъул. Гьеб буго гӏицӏго гӏадатиял гӏадамазул кумекалдалъун ва жигаралдалъун бахъулеб нух. «Тӏоцебе гьаб нух гьабизе байбихьулеб, гьалъие кьучӏ лъолеб заманалда нижер букӏана анлъго-анкьго чиясдасан гӏуцӏараб къокъа. Гьабсагӏаталда нух бахъиялъул тӏалаб гьабулев ва гьелда хадуб гьоркьоса къотӏичӏого халкколев чи вуго Мухӏамадкамил. Гьесие кумекалъе эхетун, бажарараб гьабулеб буго дицаги. Ракӏалде ккола хадубккунги нилъер гӏадамаз гьанибе гьабулеб садакъа-хайрат гьоркьоб къотӏизе теларин. Рагӏалде бахъинабизе кӏвани, гьаб нухлуе кьола федералияб статус. Щайгурелъул гьанисан 18 районалде машинаби хьвадизе руго. Гьединлъидал нухда хъил пачалихъалъ тӏела»,- ян бицана Набиюлаца.

Темирхан Хӏасанов