Дагъистаналъул халкъияб медицинаялъул тарихалдаса
Дагъистаналъул халкъияб медицинаялъул букӏана сахгьариялъул кӏиго батӏияб къагӏида: дугӏаялдалъун, сабабал хъваялдалъун ва цогидал къагӏидабаздалъун унтарасе кумек гьабулел «тохтур»-дибирзабиги; даруял хурдул яги гьезул гьарурал дараби хӏалтӏизарулел «местӏерал-хӏакималги». Местӏерзабазда лъалароан медицинаялъул теория ва сахгьарун бажарулароан жанисел лугбазул унтаби, амма гьезул лъикӏаб махщел букӏана рекарал, рорчӏарал рукьби дандеккезаризеги хонжрол яги гуллил ругънал сахлъизаризеги.
Дагъистаналъул хирургия
Дагъистаналъул тарихалъул цӏех-рех гьабурал гӏурус гӏалимзабаз тӏадегӏанаб къимат кьолеб буго халкъияб хирургиялъе. Н. Дубровиница хъвалеб буго: «Дагъистаналъул хирургазул — местӏерзабазул махщалица хӏикмалъизарула — гьечӏо цониги ругъун, гьайгьай, хвалил ругъун хутӏизегӏан, мугӏрузул медиказ сахлъизабичӏеб ва унтарасе хадубккунги лазатбахъи гьабураб. Гьезул даруялдаса хадуб кинабгӏаги сакъатлъи хутӏуларо. Батӏалъи гьечӏо кинаб лъагӏалил заман гьеб батаниги — цӏа-кан бахунаро, гьава-бакъ хисунилан, цӏунуларо ругъун.
Дагъистаналъул хирургаз ракьа тӏубанго нахъе къотӏулаан (ампутация) гӏицӏго сукӏел бугеб бакӏалдасан… Гьединал операциялги гьа-рулаан гӏадатияб хонжроца, хехго, дагьабго гурони унти лъаларедухъ, ва гьелдаса хадубги ругънал лазатбахъиги букӏунароан унтарасе. Дагъистаналда ккечӏо, ракьа нахъе къотӏанин абун, чи хвеялъул цониги лъугьа-бахъин, хасго операция гьабулаго», — ян.
ХӀX гӏасруялъул 40-абилел соназда Дагъис-таналъул гӏемерисел районазде щварав гӏалимчи А. Неверовскияс хъвалеб буго: «Хурдузул кумекалдалъун магӏарухъ цӏакъ лъикӏ сахлъизарула къватӏисел лугбазул киналго унтаби, хасго носол яги кьвагьулеб яргъидаса ккарал ругънал. Шамхаласул ракьазде гъорлъе кколеб Эрпели росулъа цо чиясул гьелъие букӏана тӏадегӏанаб махщел. Гьесухъе ритӏун рачӏунаан магӏарухъаги унтарал. Гьесул гьунаралъул хӏакъалъулъ гӏурусазда рагӏараб мехалда, гьесухъе ругьун гьавизе витӏана кӏиго фельдшер. Гьез абулаан, гьесул малъа-хъваяздаса жидеда гӏемераб жо лъанин», — ан.
Бакӏалъул тохтурзабазул лъикӏаб гьунар букӏана би къатӏинабиялъе. Гьез ругънада тӏаде балаан дагьабго цӏам ва тӏасан катан къалаан, «къотӏараб бакӏалда тӏад къалаан чӏурхӏараб квас, аслияб къагӏидаялда, гӏиял; гьелъ хъанхъраялдаса хехго къатӏинабула би.
Батӏи-батӏиял унтаби мугӏрузул местӏерзабаз сахгьарулаан, биги биччан. Гьеб биччалаан гӏемерисеб мехалда унтулеб бакӏалдасанго». «Квешаб» би цӏцӏузе гӏемер хӏалтӏизарулаан горенжалги. Гьел риччалаан лъел цӏа-рагӏалъуре ва гьенибе бегьулаан квер, хӏетӏе яги чорхол цогидаб унтараб лага. Гьеб лъелъ толаан, биги цӏцӏун, горенжал жалго ратӏалъизегӏан.
Дагъистаналъул тохтурзабазда гьоркьов машгьуравлъун рикӏкӏунаан чанго местӏер. Хунзахъа Нурмухӏамад (?-1832) – гьесул букӏана жиндирго лаборатория. Гьенир батӏи-батӏиял хӏалбихьиял гьарулаан гьес. Гьес дагъистаниязул мацӏазде руссинаруна бакъбаккул авторазул медицинаялъул тӏахьалги.
Мохӏоса Дамадан (хвана 1708 соналда), востоковед И. Крачковскиясул пикруялда рекъон, вукӏана энциклопедияб лъаялъул гӏалимчи, «гӏараб мацӏалда ругелщинал гӏелмаби кодосев». Дагъистаналъул гӏалимчи Мухӏамад-Саид Саидовас гьесда абулеб буго Дагъистаналъул математикаялъулги, астрономиялъулги ва медицинаялъулги гӏелмабазе кьучӏ лъурав гӏалимчиян. Дамаданица кӏудияб лъалкӏ тана медицинаялда. Гьесда лъалаан гӏараб медицина, хасго ХӏI-ХӏII гӏасрабазул гӏалимзаби Абу-л Къасим аз-Заргьавилги, Ибн-ал-Байшарилги ва цогидазулги хӏалтӏаби. Гьес хӏадурана дарабазул цӏаразулги, хурдузул гьел гьарулел къагӏидабазулги, органикиял гурел жалазулги чӏагоял организмазулги хӏакъалъулъ къокъаб справочник. Гьеб справочникалда цӏар лъуна «Дамадан» абун ва гьеб таржама гьабун букӏана Дагъистаналъул цогидал мацӏаздеги. Гӏемерал соназ гьелдаса пайда босана бакӏалъул медиказ. Гьелъул цо-цо тӏанчал цӏунун хутӏун руго жакъаги.
Медицина лъикӏ лъалаан Шамгъодаса Рапигӏ-Хӏажидаги (1863-1932), гьесда абулаан «гӏелмудул ралъадилан». Гьесул монография рикӏкӏуна Дагъистаналъул медицинаялъул гӏелмуялда лъалкӏ тараблъун. Гьеб хъван буго гӏемерсонилаб хӏалбихьиялъул кьучӏалда.
Шамилил Имаматалда медицина
Магӏарул пачалихъ – Имамат гӏуцӏарав ва гьелъие нухмалъи гьабурав Шамил-имамас (1834-1859) къадру гьабулаан халкъияб медицинаялъулги тохтурасул гьунаралъулги. Халкъалъул сахлъиялъул тӏалаб гьабулаго, гьес гьукъана хъалиян бухӏизеги гьекъел гьекъезеги. Къогониги ругъун рагъулъ щварав гьев (хвалчадул, носол, гуллил) гӏемер ине кколаан мес-тӏерзабазухъе. Кавказалъул рагъги лъугӏун, Калугаялда гӏумру гьабулев имамасе гьесул пристав А. Руновскияс гьадинаб суал кьуна: «Ругищ магӏарухъ лъикӏав тохтурин абизе бегьулел гӏадамал? Гьез кин сахгьарулел унтарал? Гьез хӏалтӏизабулеб чӏара-хьараб къагӏида бугищ?», — ан.
Магӏарул тохтурзабаз ругънал сахлъизарулел дарабазда гьоркьор тӏоцебесеб иргаялда имамас рехсана местӏер Гӏабдул-Гӏазизица (Шамилил вакьад) жиндир ругънаде бараб дару: 1832 соналда Генуб росдада гӏагарлъухъ пачаясул аскариязулгун ккараб рагъулъ имамасул керен борлъун букӏана тункӏил хечалъ (цадахъго борлъун букӏана гьесул гьуэрги). Ругънае хӏалтӏизабураб дару букӏана хӏеги, гӏакдал нахги, пицӏги жубараб мазь. Гьанибго абизе ккола, Кӏудияб Ватӏанияб рагъда лъукъаразул ругънал сахгьаризе мазь ургъарав А. Вишневскийги Дагъистаналда гьавуна.
Шамилица бицухъе, мугӏрузул цогидал дарабазда гъорлъе журазарулаан батӏи-батӏиял, гӏицӏго тохтурзабазда гурони лъаларел хурдул. Шамилил вас Мухӏамад-Шапигӏица А. Руновскиясда бицана ревматизмалдаса сахлъизарулеб гӏажаибаб мазалъул хӏакъалъулъ.
Имаматалда къадруял тохтурзабилъун рикӏкӏунаан багвалазул Кванлъадаса Мухӏама, Кудалиса Хӏусен-Мухӏама, Чӏохъа Битӏулав, Къородаса Къебед-Хӏажияв, Арчиса Мухӏамад-Бег, Гъуниса Гӏали-Дибир. Магӏарулал хьвадулаан гӏурус тохтурзабазухъеги. Масала, 1849 соналда Шамилица наиб Ибрагьимие ихтияр кьуна вас гӏурус тохтурасухъе витӏизе.
1858 соналда, Россиялдаса тӏадвуссарав имамасул кӏудияв вас Жамалудин захӏматго унтараб мехалда (гьесул туберкулез букӏана – магӏарухъ гьединаб унти жеги лъалароан), Шамилица чапар витӏана пачаясул хъаладухъа машгьурав тохтур С.И. Пиотровскиясда хадув, аманатлъун гьенив тана лъабго муридги. Тохтур вачӏана унтарасухъе, амма, унтуца «кьалбал риччан» рукӏиналда бан, имамасул вас хвасар гьавун бажаричӏо.
Тохтур Мухӏамад Гӏабдулхабировас рехсолел руго некӏсиял тохтурзабаз хӏалтӏизарулел рукӏарал гьадинал къагӏидаби: «Магӏарул медиказ гӏемер хӏалтӏизарулел рукӏана халкъиял къагӏидаби: цӏикӏкӏараб белок гъорлъ бугеб диета; гъутӏбузул макъар (тӏанхал, пихъ, хурдул) гьалараб лъим; унтараб бакӏалда цӏорораб жо чӏвай, рукӏкӏбузул терапия (рукӏкӏби гьарулаан пицӏихӏараб цӏулал); унтараб бакӏ цӏаялъ чӏурхӏизаби; би биччай, хӏарщуца яги лъеца унти бахъизаби; биологияб рахъалъ жигарал тӏанкӏазда тӏад гӏарцул ва пахьул кепкал
чӏвай; сахлъизарулеб тимар ва рахӏат гьаби. Хасал дугӏабазулги, сабабазулгун гьайкаразулги букӏана психотерапияб кӏвар».
Мугӏрузул тохтурзабаз ругънада жаниб лъолаан, нахги жубан гьарурал дарабазулъги ччун, биччизабураб катан; гьитӏинаб лълъарал кесек лъолаан ругънал кӏалтӏа, гьенисан чороклъи къватӏибе чвахизе. Гӏодобиччан лъухьулаго, цӏа-цӏан ккезабулаан борчӏарабги бекарабги логода; биххараб логода крахмалалъулъ ччураб катнида тӏасан къалаан буртина; аскӏор ругел рищалабазе зарал ккеларедухъ, унтараб ракьа щулаго чӏоледухъ бухьунаан, цӏулал тӏилазда гьоркьобе ккезабун. Гьединаб катаналда абулаан абассиназул рухьен – гьелъ рес кьолаан жагъаллъараб рищи бигьагьабун хӏалтӏизабизе.
Гӏалимазухъеги къадиязухъеги хъварал кагътазда Шамилица тӏалаб гьабулеб букӏана магӏарулаз васазе суннат заманалда гьабиялдаги гӏусал чуриялдаги хадуб халкквеян.
Магӏарухъ рагьулел рукӏана сахлъицӏуниялъул стационаралги. Хьиндахъги, Хӏотӏочӏибги, Кӏаратӏаги госпиталазе кьун рукӏана хасал минаби. Цо-цо бакӏазда мажгитаздаго гьабулаан медицинаялъул кумек захӏматго лъукъарал рагъухъабазе. Амма магӏарухъ машгьурлъичӏо больницаби, гьединлъидал тохтурасул кумек гьабулаан унтарасул рокъобго.
Кавказалъул халкъазул медицина гӏелмияб медицинаялъулго даражаялде бахараб букӏанин абулаан профессор Л. Оганесяница: «Гьез гьабулаан «трепанация черепа» абураб операцияцин…», — ан хъвалеб буго гьес. Гьел рагӏаби ритӏухъ гьарула гьадинаб лъугьа-бахъиналъ. 1854 соналда магӏарулазухъе асирлъуде ккана Кавказалъул 10-абилеб мухъилаб батальоналъул поручик Сухумов. Захӏматго унтарав гьесие, магӏарул тохтурзабаз операция гьабун буго, ай ботӏрол ракьа борлъун буго (трепанация черепа). Доб заманалда Европаялъул тохтурзабазцин цӏакъ къанагӏатго гурони
гьабулароан гьединаб операция. Гьеб гьабизе ккани, инсанасул ботӏрол гӏадалнахалъул анатомия гъваридго лъазе ккола.
Имаматалъул Тӏадегӏанаб пачалихъияб советалъул данделъабазда (диванханаялда) гӏемер бицунаан унтарал ва лъукъарал сахгьа-риялъул хӏакъалъулъ, масала, вабаъалъулги, къавудаялъулги, цӏадул унтиялъулги. Кавказалъул рагъул заманалда гьел эпидемиял чанцӏулго тӏиритӏана магӏарухъ. Гӏалимзабазухъе хъварал кагътазулъ Шамилица малъулеб букӏана цӏалдохъабазе диналъул кьучӏазда цадахъго медицинаялъулги дарсал кьеян, щайгурелъул «гьелъул кӏудияб пайда букӏине буго гӏицӏго гьезие гуребги, тӏолабго Дагъистаналъеги». Масала, мухӏканго чӏезабун буго, Дилим росдал мадрасаялда диниял гӏелмабазда цадахъ медицинаги малъулеб букӏараблъи. Дагъистаналъул гӏалимзабазда лъикӏ лъалаан бакъбаккул улкабазул медицинаялъул литератураги. Гьезда гьоркьоб машгьурлъун букӏана Ибн Синал (Авиценна) «Тохтурасул гӏелмуялъул къанун» абураб кибго тӏибитӏараб хӏалтӏи. Гьеб буссинабун букӏана Дагъистаналъул мацӏаздеги.
Шамилил бечедаб библиотекаялда рукӏана диниял гурелги, медицинаялъулги, философиялъулги, тарихалъулги тӏахьалги. Къуватав тушманасде данде къеркьолев вукӏаниги, имамасул жанисеб политикаялда кӏудияб бутӏа кколаан лъайкьеялъги, гӏелмуялъги, сахлъицӏуниялъги.
Николай Пирогов Дагъистаналда
1847 соналда Кавказалъул рагъде витӏана машгьурав гӏурус хирург Николай Иванович Пирогов. Салтӏа росу сверун кколеб заманалда, гьес, стационарияб госпиталь гьечӏониги, пайдаяб къагӏидаялъ хӏалтӏизабулаан эфиралъул наркозги, рекарал рукьби цо хӏалалда чӏезаризе крахмалалъулаб катанкъайги ва ругъназда йод бахинги.
Чанги нухалда, Шамилил гьариялда рекъон, гьел «гӏалхулазухъе» хьвадугеян командованиялъ лъазабун букӏаниги, Н. Пирогов гьезухъе вачӏунаан ва сахгьарулаан магӏарулал. Роман Фатуевасул «Салтӏа росу сверункквей» абураб тӏехьалда бицунеб буго, наиб Махулавас инкар гьабунин наркозалдасаян, гьеб «шайтӏабазул» бугинги абун. Н. Пироговас бахӏарчияв магӏаруласул бох къотӏанин, кинабгӏаги наркозги кьечӏого. Операция гьабулаго, кодоб букӏараб хирургасул хъухъадиро бекана… Сахлъун хадув, живго чӏваялъул хӏинкъиялъухъги балагьичӏого, кӏиго рекӏаравгун цадахъ Махулав вачӏана Темир-Хан-Шураве ва жив сахлъизавуралъухъ, Пироговасе сайгъат гьабуна Кавказалдаго машгьураб Амузгиялъул чармил гьабураб ракьа къотӏулеб хасаб хъухъадиро. Гьеб хъу-хъадиро гьабсагӏаталдаги буго Николай Пироговасул ватӏаналда, Винницаялъул музеялда.
Пироговасул санитараллъунги, авлахъалда фельдшераллъунги ва ассистенталлъунги рукӏана Дагъистаналъул местӏерзаби. Гьезда гьес малъулеб букӏана ругънал сахлъизарулел къагӏидаби. Гӏахъуша районалда хирургасул кумекчилъун вукӏана Бутри росулъа Муртазагӏали-Хӏажи. Хадубккун гьев гӏурус тохтурасда цадахъ Россиялде ана. Гьел кӏиялго рукӏана сверун ккураб Севастополалда 1853-1856 соназда Крымалъул рагъда. Гьениб дагъис-таниясда гӏурус медсестрабаз абулеб букӏун буго «кӏудияб тӏагъурилан» — гьесда тӏад лъураб бухари-тӏагъурги бихьун. Кумекчигун ватӏалъулеб мехалда, Николай Пироговас гьесие сайгъат гьабула хирургасул алатазул гъутухъ. Хадубккун бутрисесул гӏагарлъиялъ гьеб кьуна Дагъистаналъул гӏагараб ракь лъазабиялъул музеялде, гьениб цӏунун буго гьеб жакъаги.
Дагъистаналъул машгьурав местӏер, Кудалиса Мухӏамадие Н. Пироговас сайгъат гьабуна медицинаялъул алатазул таргьа. Кудалисес гьеб гӏемерал соназ хӏалтӏизабуна ва ирсилазухъе кьуна. Гьелги рукӏана халкъиял тохтурзабилъун. Гьабсагӏаталда Пироговасул медицинаялъул алатал лъун руго Кудали росдал гьоркьохъеб школалъул музеялда.
Н. Пироговас кӏудияб къимат кьуна дагъис-танияз ругъназе гьабулеб дару-сабабалъе. Гьев гӏажаиблъизавуна магӏарулаз ботӏрое гьарулел операциязги, кӏващул къва-
чӏинисаги ургьисалазулъаги ганчӏал инариялъул къагӏидабазги, ботӏрол ругъналги рекарал рукьбиги сахгьаризе бугеб махщалицаги. Гьес абулеб букӏана бакӏалъул местӏерзабазул кӏудияб хӏалбихьи бугин гуллил ругънал сахгьариялъе, къватӏисел ругъназе дару гьаби Кавказалъул къавмазе щун бугин умумухъанго ва гьеб бугин инсухъа васасухъе кьолеб гьунарилан. Хирургасул баяназда рекъон, цогидал бакӏазда тохтурзабаз лага нахъе къотӏулеб заманалда, нилъер местӏерзабазухъа гьеб сахлъизабун бажарулеб букӏун буго.
Гьес битӏараблъун рикӏкӏунаан, ругъналги бекараб бакӏги сахлъизарулеб заманалда унтарав кьижизавиги гьесие рокъобго хъулухъ гьабиги.
Гьединлъидал Дагъистаналъул тахша-гьаралда Николай Пироговасул цӏар кьураб къватӏги машгьурав гӏурус хирургасул,
хъвадарухъанасул, гӏалимчиясул памятник букӏинги, нижер пикруялда, ритӏухълъи цӏуни ккола.
Хӏажи Мурад Доногъо