Цӏадастаналде сапар
Дида бихьула цӏа дир инсул гъасда…
Сапаразде руссун руго дир сонал.
Сверулев вуго дун гьаб дунялалда.
Амма кив кканиги, кидаго даим
Дида бихьула цӏа дир инсул гъасда.
Ругъун щвараб керен кколебщинахъе-
Дида бихьула цӏа дир инсул гъасда,
Гьеб цӏа сун хадуса свине вуго дун,
Дир сапар лъугӏила, кучӏдул къотӏила…
Расул Хӏамзатов
Шагӏирасул рекӏел даимаб ахӏи
Амма свинчӏо гьеб. Дагьабги гьелегьана шагӏирасул инсул гъасда цӏа. Жакъаги сапаразда вуго халкъияв шагӏир. Гьелъие нугӏлъи гьабула санайил гьесухъе гьоболлъухъ щолел хъахӏал къункърабаз.
Шагьаралдаса магӏарухъе унелъул, дун цо лахӏзаталъ лъалхъана жиндирго цӏар кьураб къотӏноб шагӏирасе бараб памятникалда цее. Бокьула дие гьение щвезе ва хвелгьечӏел асаразе чӏаголъи кьурав шагӏиргун гаргадизе. Гьаб нухалда шагӏирас бицунеб букӏана вижараб росдалги, росулъ бугеб инсул минаялъулги, гьениб гъанситохъ бакун тараб цӏадулги:
Цӏорорал мугӏрузде вахунев вуго —
Дида бихьула цӏа дир инсул гъасда.
Ралъдал полопалъухъ балагьун вуго —
Дида бихьула цӏа дир инсул гъасда
Накӏкӏал, хьухьал хъвалхьун, воржунев вуго —
Дида бихьула цӏа дир инсул гъасда.
Щибаб магӏил горо гиранщинахъе —
Дида бихьула цӏа дир инсул гъасда…
Дирги ракӏцӏана Цӏадабе, шагӏирасул асараз тӏоцебесеб роржен гьабураб Цӏадастаналде.
Шагӏирасул гьаракь рагӏулеб буго
Дир гӏагараб Тӏануси росдал рагӏалдасан бихьула жиндего тӏаде бегараб кьурул ахалъуда рещтӏун бугеб Цӏада росу. Нижер росаби цолъизарун руго мугӏрул сухъмахъаз. Ва борхалъудасан сухъмахъазде галаби тӏамулагоги, рагӏулеб бугин ккола инсул гъасда бакараб цӏадухъ даим урхъарав шагӏирасул гьаракь:
Ругъун щвараб керен кколебщинахъе —
Дида бихьула цӏа дир инсул гъасда…
Жакъа къацандана, къварилъахъдана-
Дида бихьула цӏа дир инсул гъасда…
Гӏедегӏулей йиго гьеб цӏадухъе, цӏидасанги шагӏирасул асараз хинлъизайиялде хьулгун.
Сухъмахънухалккун уней йиго шагӏирасе шагьарлъун хутӏараб гьитӏинабго Цӏада росулъе. Гьале Расулил Цӏадастан. Гьанже гурел гьанже тӏаде рортун рачӏинин ккарал росдада тӏад цурал гьадал кьурабалъан чанги хархадун ватила гьитӏинав Расул. Гьел кьурабазул тӏогьив гӏодовги чӏун, чанги хӏикмалъун ватила гьев, хунздерил тӏалъиялъул берцинлъи бихьун. Гьеле гьеб мехалда рещтӏунеб букӏун батила гӏолохъанав шагӏирасул пикрабазулъе шавкъги. Щиб лъалеб, гьенисан, дунялалда рагӏиледухъ ахӏун батила гьес цин Дагъан, цингиги Дагъистанилан.
Лъабго памятник
Росу бакьулъ буго лъабго памятник — цояб инсуе, Цӏадаса Хӏамзатие, кӏигояб — вацал Расулиеги Хӏажиясеги. Гьитӏинабго росдал лъабго кӏудияб цӏар, цӏва, тӏадегӏанлъи, борхалъи, чӏухӏи.
Гьале Расулил лъимерлъи жаниб араб мина. Гьелда берчӏвайдал, черхго цӏунцӏрахинабуна. Гьале гьаб минаялъул кавудахъан лъуна шагӏирас дунялалъул адабияталде тӏоцересел галаби. Гьаниб инсул гъасда бакараб цӏадуца цӏумазул борхалъуда лъуна гьев. Гьеб цӏагун цадахъ ана гьев сапаразде, гьебгун вуссана сапараздаса. Гьеб цӏадухъ гӏодовги кӏусун, гьикъана гьес гӏагараб ватӏаналда:
— Бице, эбел Ватӏан, бице, Дагъистан,
Мустахӏикъав вугищ дун дур цӏаралъе, — йилан.
Гьаб берцинлъиялъул хӏакъалъулъ гурищ Расулица ахӏараб:
Яги:
— Киналго лъаразул бусаби гьанир-
Гьекъела, ганчӏазда наку чӏван, иццал,
Битӏахъе ботӏрода тӏад цӏваби гьанир-
Цӏавуцӏун квер бегье, кквезецин щвела…,
Гьанир дур гъуждузда цӏумал рещтӏуна,
Дуца чагъана хъван, чундул кьурдула…
Гьанир хӏелхӏедула гӏицӏго хӏанчӏазе,
Хӏилла гьабуларо чундузегицин…,- илан.
Гьаниб бижана шагӏирасул тӏоцебесеб кечӏ
Гьале минаялъул тӏоцебесеб тӏала. Гьале гьаниб бакараб цӏаялъ гвангъизарун ратула Расулил шигӏрабазул нухал. Гьеб цӏаялъ веэдана, гьелъ къвалакье вачана, гӏумруялъул бецӏал кьеразе кунчӏи кьуна, кунчӏарал цӏунана хӏилла-рекӏкӏалдаса.
Гьанже гьеб мина ккола Цӏадаса Хӏамзатилги Хӏамзатил Расулилги гӏумруялъул ва махщелчилъиялъул хӏакъалъулъ бицунеб музей-миналъун, адабияталъул рукълъун. Гьеб гӏуцӏаралдасаги исана тӏубана 45 сон. Гьелгощинал соназ чан батӏияв гьоболдай рещтӏарав гьеб минаялъув. Гьеб киналъулго хӏакъалъулъ дие бицана гӏемерал соназ музеялъул директорлъун хӏалтӏулей йигей, Дагъистаналъул культураялъул мустахӏикъай хӏалтӏухъан
Гӏайшат Патахӏовалъ. Гьединго Гӏайшат хӏалтӏулей йиго Гӏарани росдал гьоркьохъеб школалда учительлъунги. Дунги гьейги чанго соналъ цадахъ хӏалтӏана Тӏануси гьоркьохъеб школалда. Доб мехалдаго загьирлъун букӏана дие гьелъулъ бугеб махщел — гӏенеккаразул ракӏ тӏадецӏаледухъ лъалаан гьелда хабар бицине. Абуларищха физикал лирикал ругилан. Гӏайшатида рекӏехъе лъала цохӏо Расулил гурелги кучӏдул. Гьелдасан лъана дида шагӏирасул хӏакъалъулъ цӏияб хабарги. Лъаларо, хӏурматиял цӏалдолел, нужеда рагӏун букӏарабищали, амма дида тӏоцебе гьале гьанже Гӏайшатидаса рагӏулеб буго гьаб:
— Хӏамзатил минаялъул кӏиабилеб тӏала балел рукӏун руго Кӏахъ росулъа Гӏабдусаламил лъимал. Живго Гӏабдусаламица бан буго Цӏада росулъ мажгитги. Гьезда сверун лъугьун вукӏарав щуго сон барав Расулица абун руго гьал рагӏаби:
— Гӏабдусаламил лъимал,
Лъай бугел устарзаби,
Дун гьавураб сон хъвараб
Хъарщи хвезе гьабуге, — йилан.
Гьеб къо ккола Расулил кечӏ бижараб къоги. Гьеб букӏана халатаб нухлул байбихьи. 90 соналъ бижараб гьеб кочӏол каналъ кунчӏараб магӏарул адабияталда жанибги жиндирго улка рагьана шагӏирас. Гьеб цӏа жакъаги бакахъе буго Расулил лъимерлъиялъул лъалкӏазул цӏураб музеялда.
Гьале музеялъул кӏиабилеб тӏала. Ункъабго бокӏнилъан гьалбадерихъ ралагьун ругел эменги васги. Ва гьезул пагьмуялъе бутӏрул къулулел цӏалдолел. Музеялъул ва гьелъул директор Гӏайшатил хӏакъалъулъ гьенире рачӏараз хъвараб цӏалидал, рохелги пашманлъиги цадахъ гьулчун рачӏунел рукӏана рекӏелъа къватӏире.
Музеялъулгун къолъикӏ гьабулеб буго
Дун нухарегӏулей йикӏанин кколеб букӏана Хӏамзатил Расулил хӏайранал сариназ:
— Дун вачӏунеб мехалъ кьурул свераби
Кьурун руссинадай, диде мугъ рехун?
Амма кьурабаз бутӏрул къулана кӏудияв шагӏирасда цере, жидер хӏакъалъулъ дунялалъего бицаралъухъ. Тӏануси росу рагӏалде щведал, дун цӏидасанги нахъюссана… Ва дие цӏидасанги асар гьабуна дунялалъул адабияталъе Расул сайгъат гьавураб, тӏад цураб кьуруялъ жиндирго кваркьидакье бачун цӏунун бугеб, шагӏирасул гӏумруялъул къунареб иццлъун хутӏараб, гьесул лъимерлъиялъ рокьул мугьру чӏвараб, гьалбал хирияб мина…
Бице, эбел Ватӏан, бице, Дагъистан,
Дилъ эбелалъ лъураб ракӏ хутӏун бугищ?
Хирияб магӏарул гӏамал-хасият,
Нухда бортичӏого, дилъ батарабищ?…
Шамай Хъазанбиева