Учителасул къоги Къарахъа гьалбалги
Ругъелда ва Гьочоб росабазул школаз гьудуллъиялъулал бухьенал тӏезе толаро
Гьеб кӏиябго росу ккола цо мегӏералъ батӏа гьарурал, мадугьалихъ ругел росаби. Цӏул къанагӏатаб бакӏ букӏиналъ, цӏул-кан Къарахъе баччулаан Къелеса. Гӏи-боцӏиялъ бечедал рукӏиналъ, Къелебе хӏажалъулаан квас-гьан. Амма, гьоркьоб заман индал, цоцахъе щвей дагьлъана. Гьелде кӏварбуссинабуна Гьочоб росдал школалъул завуч Патӏимат Сурхаевалъ. Гьелъ Ругъелде битӏун бачӏана гьадинаб магӏнаялъул кагъат: «Нилъер росабазул умумузул заманалдаса нахъего рукӏана лъикӏал бухьенал. Рукӏана гӏемерал гьалбалги, гьудулзабиги, дармилал гьоркьорлъабиги, ризго щолаан цоцахъе, къварилъи-гӏатӏилъи загьир гьабизе гӏоло.
«Ахираб заманалда росабалъе нухалги рахъа-на, нилъер бухьеналги къанагӏалъана. Нилъер гӏадаталги, гӏумру гьабиялъул къагӏидабиги цоцада релълъарал руго, мацӏгицин цоцада бичӏчӏула. Лъикӏаб букӏинарищ нилъеца, умумузул нух кӏоченчӏого, бухьенал цӏигьаруни», — ян. Жавабалъухъ гӏемераб мехалъ балагьун чӏезе ккечӏо гьочосел. Гьебго соналъ Ругъелда школалъул учитель Исмагӏилов Гӏалица гьочосел гьоболлъухъ ахӏараб кагътие жавабги гьабун, учительзабиги школа лъугӏун унел цӏалдохъабиги рачӏана Къелере. Гьелдаса нахъе гьоркьоб къотӏизе течӏо тӏаде-гъоркье хьвади. Щибаб соналъ цин Гьочоб, цинги Ругъелда яги кӏияздаго гьоркьоб магӏарда тӏоритӏулаан школа лъугӏун унезулгун дандчӏваял. Хадурги гьел сверана школазул коллективалго дандчӏваялде. Гьелги лъугьана кӏиябго росдал жамагӏатазул дандчӏваяллъун. Гьоркьо-гьоркьор жамагӏатазул вакилзабазул дандчӏваял тӏоритӏула шагьараздаги. Щибаб соналъ учителасул къо кӏодо гьабизе байбихьана цадахъ ва, масала, гьедин 2016 соналда Гьочобе ун букӏана 45 чиясдаса гӏуцӏараб къелесезул делегация. Гьелда гъорлъ рукӏана жамагӏатазул вакилзабиги, культураялъул хӏалтӏухъабиги, спорталъул гӏахьалчагӏиги. Гьеб къоялъ Гьочоб кӏодо гьабуна 3 байрам: Дагъистаналъул халкъияв шагӏир Гӏабдула Даганов гьавураб къоги, учителасул къоги, кӏиябго росдада гьоркьоб вацлъи рагӏизабуралдаса 30 сон тӏубайги. Хадусеб, ай иргадулаб дандчӏваялде гьочосел рачӏана Къелере. Школалда тӏоритӏана рагьарал дарсал ва цогидалги тадбирал. Къокъго абуни, гьеб букӏана цоцазул хӏалбихьи цоцазе кьей, цоцазул гъалатӏал ритӏизари, гӏолареб жо малъи. Гьелдаса хадуб школалъул азбаралда данделъана гьалбалги, цӏалдохъабиги, росдал гӏадамалги. Учительзабазда байрам баркун кӏалъана кӏиябго школалъул нухмалъулел. Ракӏалдещвезаруна гӏемерал соназ цадахъ хӏалтӏарал, амма жакъа нилъгун гьечӏел кӏиябго школалдаса учительзаби. Гьалбадерие, араб соналъул хӏасилазул хӏакъалъулъги бицун, захӏматалъул церехъаби кӏодо гьаруна шапакъатаздалъунги: магӏарул адабияталъул ва мацӏалъул учительница Мухӏамадова Гӏашурае кьуна райУНОялъул рахъалъ Хӏурматалъул грамота, учительзаби Исмагӏилов Абулхӏасан, Хӏажимухӏамадов Мухӏамад, Исмагӏилов Гӏали — директорасул рахъалъ баркалаялъе мустахӏикълъана. Данделъиялда кӏалъарав Гьочоб росдал школалъул завуч Адухӏов Мухӏамадсултаница гьадин абуна: «Гьаб гуро нилъер тӏоцебесеб дандчӏвай.
Нилъер гьудуллъиялъул кьалбал гъваридал руго. Гьел къо анагӏан щулалъулелги руго. Биччай нилъер гьудуллъиялъул квар жеги щулияб, тӏолареблъун букӏине. Берцинаб гӏумруги хӏалтӏулъ чӏахӏиял бергьенлъабиги нужее», — ян. Данделъиялдаса хадур гьалбал щвана Мусрухъ бугеб тарихияб памятник — чанго гӏасруялъ цебе бараб си бихьизе. Гьалбадерие гьелъул кӏудияб интересги букӏана, гьелда хурхараб гьадинаб биценалъе гӏологи: Гьочоса Ичалов абулев бечедав чиясе бокьун букӏун буго гьеб си жиндиего бичун босизе. Гьелъухъ Ичалас росдае, рухӏ рикӏкӏун, куйги кьолеб букӏун буго. Амма, Ичаласул сиян абизе бокьичӏого, гьеб кьун гьечӏо.
Гьочоб росдада аскӏоб буго Гӏурухъ-сотӏа абулеб гьитӏинабго росу. Абула гьеб бугин гьидерил Хӏорода абулеб бакӏалдаса гьенире гочараз кьучӏ лъураб росуйилан. Гьеб росу букӏараб бакӏ бихьизеги бокьана гьалбадерие. Узухъда, гьезул мурадги тӏубана. Кӏиго къоялъ гьоркьоб къотӏичӏо зурма-къололги кечӏ-бакъаналъулги гьаракь. Ракӏалдещвезаруна гьаб гьудуллъиялъе кьучӏ лъуралги, жакъа гьанире рачӏине ва гӏахьаллъизе рес ккечӏелги, абадияб рокъоре аралги.
Гьалбал нухда регӏулеб данделъиялда Ругъел-да росдал школалъул директорас абуна: «Ниж кидаго чӏухӏарал ва рохарал руго гьадинал дандчӏваяздаса, къойидаса къойиде гӏатӏилъулеб ва тӏегьалеб нилъер гьудуллъиялдаса. Баркала нужее, хириял вацалги яцалги», — ян. Мухӏамад Тӏайгибовас Гьочоб росдал школалъул директор Гӏабдулахӏажи Гӏабдулаевасухъе кьуна ракӏалдещвеялъе къиматал сайгъаталги.
Абичӏого гӏоларо, кочӏое бергьун махщел бугел гьочосезул учительзаби М. Насрулаевас, И. Жабрагӏиловас, М. Адухӏовас ахӏарал кучӏдулги киданиги кӏоченаро къелдерида.
ЖАКЪА БАЙРАМКЪО БУГО
Жакъа байрамкъо буго къелдерил агьлуялъе,
Къарахъа гьудулзаби гьанир сапаралъ щвараб.
Ракӏазулъ хинлъи буго, ханлъуда рохел буго,
Харбиде регӏун гьечӏо, кочӏой гуреб нух гьечӏо.
Нухазул свак лъаларо халатал сапаразда,
Хириял гьудулзаби рихьизе бугеб хьулаз.
Унтаби-ургъелазе замана батуларо,
Зодил нухлъун къокълъула къаралазе Къелеб нух.
Къо анагӏан гӏатӏилъун, сон анагӏан бечелъун,
Биччай нилъер гьудуллъи даим кибго рагӏизе.
Ралъдалъ журалел гӏадин, гӏедерал нилъер гӏорал,
Гьезул гӏадаб цолъигун нилъ вацлъиялда тезе.
Къелеб туманкӏ кьвагьизе Къарахъ васал гьаригун,
Гьочоб жергъен кьабизе гьаниб хъизан гӏуцӏигун.
Гӏолел наслабазухъе васигат гӏадин кьезе
Кьурабаз нугӏлъи гьабун, гьабураб нилъер къотӏи.
Район батӏияб бугин батӏалъичӏого чӏезе,
Гъотӏол кӏиябго гӏаркьел цо кьолбодаса бугин.
Кьварарал гӏазул мугӏруз рикьизе гьаруниги,
Риидал тӏогьол цӏолел, цӏала гьез жидехъего.
Зобги гӏахьалаб нилъер, бакъги зодихъ цо нилъер,
Цоцаздаса батӏаго гьелъги хинлъи кьоларо.
Рикьичӏого, церехун цо нухдасан ина нилъ,
Аллагьасго цоцазе вацаллъун рижараб халкъ.
Сайпула Гьитӏинамухӏамадов