Спектаклялдаса разиго хутӏана
Магӏарул театралъ бихьизабуна «Цо ясалъул ункъо бахӏарав» абураб комедия
Араб гӏасруялъул 70-абилел соназго магӏарулазухъ гьоболлъухъ рещтӏараб татаразул драматург Тӏупан Миннулинил гьеб комедия цӏидасанги такрарлъана Магӏарул театралъул сценаялда. Спектакль цӏигьабун къачӏан, сценаялда лъуна Дагъистаналъул халкъияй артистка Наира Хӏабибулаевалъ. Спектаклялъул тӏоцебесеб цебебоси букӏана 18 сентябралда. Гӏадамаз гъираялда къабул гьабуна спектакль ва, гьезул гьариялда рекъон, гьеб цоги нухалда бихьизабуна.
Гьале сценаялда магӏарулазе вокьулев, жив цеве вачӏиндал, киналго рохулев, Дагъистаналъул мустахӏикъав артист Гӏабдулхаликъ Гӏабдулхаликъов, Дагъистаналъул
мустахӏикъай артистка Машидат Гӏумарасхӏабова. Гьей ккола спектаклялъул аслияй багьадур. Магӏарулазда Машидат лъала хӏеренаб, рекӏелъе бортулеб гьаркьил кочӏохъан хӏисабалда. Гьеб сордоялъ магӏарулазда лъана цӏияй Машидат — гьелъ роль хӏалеб букӏана, кечӏ ахӏулебго гӏадин, хӏеренго. Гьединго спектаклялда гӏахьаллъана Дагъистаналъул мустахӏикъав артист Нурмухӏамад Нурмухӏамадов. Гьев вихьарабго, релъи рекӏунеб букӏана гӏадамазда — артистас рагӏигицин абизе кколеб букӏинчӏо. Гьединго спектаклялда ролал хӏана Мадина Мухӏамадрасуловалъ, Ибрагьим Муртазагӏалиевас, Салим Камиловас ва Мурад Хӏажиевас.
Абизе бегьула жакъа Магӏарул театр бугин магӏарулал данделъизе цого-цо бугеб бакӏилан. Театралъ кӏудияб хӏалтӏи гьабулеб буго рахьдал мацӏ цӏунизеги. Гьеб бихьулеб буго гӏолохъанал артистазул церерахъиназдасанги.
Спектаклялъул къокъаб хӏасил: машгьураб журналалъул жилдазда Деляфрузил сурат бихьидал, гьелъухъ рокьи ккола лъабго росуцоясулги цо росу батӏиясулги. Гьелъухъ гуребха, гьелъул буголъиялде хьул лъурал бихьиназул. Гьел киназго, цояс хутӏизегӏан, гьабулеб букӏана гьей йокьулеб ххвел. Гьеб кинабго бичӏчӏарай Деляфрузица хӏукму гьабула гьел махсараде кквезе ва киналго цадахъ цого заманалъ ахӏула гъотӏокье. Цого заманалда гьенир дандчӏварав ункъасдаго бичӏчӏула жидерго «рокьул» къваридаб ахир. Деляфрузицайин абуни тӏасавищула жийги йокьулев жиндиеги вокьулев гӏолилав.
Шамай Хъазанбиева