Цо-цо дарсал кьечӏониги бегьилаан
Школалъул программа тӏубанго хисизабуна, федералиял пачалихъиял стандартилан цӏарги чӏван, къабул гьабураб документалъ
Цӏалдохъабаз гъираялда нахъе рехилаан цо-цо дарсал расписаниялдаса. Учительзабазги гьел хисилаан цогидал дарсаздалъун. Цӏалдохъабазул эбел-инсуеги бокьилаан рокъобе кьолеб тӏадкъаялъул къадар дагьлъизабизе. Нижеца, Инстаграмалъул кумекалдалъун, цӏех-рех тӏобитӏана «Кинал дарсал школалда малъичӏого тезе бегьулел?» абураб суалалда тӏасан.
Дун школалда цӏалулеб заманалда, нижеда, ай ясазда малъулаан хьухьаризеги, угьаризеги, квен гьабизеги, рукъаризегун лъутӏаризеги. Васазда малъулел рукӏана бихьиназе хӏажалъулел махщелал – цӏул бичӏизеги, хъухъадизеги, бакӏ гьабизеги, трактор яги машина бачинеги. Абизе бегьила, советияб школалда лъимал куцалел рукӏанин букӏинесеб гӏумруялде хӏадураллъун. Жакъа иш батӏайиса буго. Федералиял пачалихъиял стандартилан цӏарги чӏван, школалъул программа тӏубанго хисизабуна. Масала, ИЗОялъул дарсида малъула (гьебги тӏаса-масаго) батӏи-батӏиял суратал рахъиялъул техника, жанрал ва байбихьула бицине халкъиял махщелазулги некӏсиял памятниказулги хӏакъалъулъ
Технологиялъул дарсидаги буго гьединабго хӏал: кин гӏуцӏизе кколеб хӏалтӏул бакӏилан абураб накъиталдаса хадуб цӏалдохъаби куцала кагътил ясикӏаби гьаризе, рукъаризе ва квен гьабизе, амма гьел – хадурккун хӏажалъизе ругел махщелазул кьучӏал – малъизе бихьизабун буго цӏакъ дагьаб заман. Масала, лъутӏаризеги рукъаризеги малъула ункъо дарсида. Щиб ясазухъа гьеб заманалда жаниб лъазабун бажарулебали, жаваб кьечӏониги, бичӏчӏулеб батила.
Нижер заманалда кечӏ ахӏиялъул дарсида кучӏдул ахӏулаан – гьелъие гьунарги щивасул бугин толаан. Рохуца холаго ахӏулаан нижеца – цо-цо яги кӏи-кӏиккунги хоралдаги. Жакъа гьеб дарсил бакӏалда буго музыка. Кучӏдул ахӏиялъул бакӏалда малъула нотаби хъвазе. Киналго композитораллъун рахъинарищха гьанже.
Дир пикруялда, байбихьул классазул цӏалдохъабазе рукӏине ккола цереккун рехсарал киналго дарсал, амма лъималазе рес кьезе ккола жидее бокьахъе, ай бажарухъе, бугеб пагьмуялда рекъон кечӏ ахӏизеги, сурат бахъизеги, кьурдизеги, пуланаб пьесаялда роль хӏазеги. Щуабилеб классалдаса хадуб малъизе бегьилаан дунялалъул маданият – художествияб, музыкалияб, архитектурияб, технологияб ва гь.ц. Гьелъул цо дарсги гӏелаан. Теория лъазабизе рес букӏунелъулха тарихалъул дарсидаги.
Байбихьул школалдаго малъизе бегьулаан тӏабигӏат лъай. Кинаб хӏайваналъ киб гӏумру гьабулеб, щай цӏад балеб, кин лъугьунел гӏорал ва цогидал авалиял баянал кьела гьеб дарсида. Амма биологиялъулги, географиялъулги ва экологиялъулги мухӏканал, ай гӏелмияб кьучӏалда гӏуцӏарал баянал кьелаан 10-11 классазда, гьел дарсал хӏажалъулеб махщел тӏасабищарал цӏалдохъабазе.
Буго инсанасе щибаб къойил хӏажалъулеб лъай. Масала, аскӏов вугев классцоясе квеш лъугьани, кинаб кумек гьабилеб? Тохтур тӏаде щвелалде, инсан хваликьа кин хвасар гьавилев? Къотӏносан унаго, дуда хадур лъугьани яги пуланав чияс дуе хӏинкъи кьолеб бугони, щиб гьабилеб? Гьел ва цогидал баянал, цӏалдохъанасул ригьалдаги рекъезарун, малъизе бегьила 1-11 классазда. Гьеб дарсида рукӏине ккела психологиялъулги, медицинаялъулги, экономикаялъулги, правоялъулги ва цогидалги гӏелмабазул баянал. Гьарилаан теориялъулги практикиялги дарсал. Жеги гъваридго гьединаб лъай щвела факультативазда – 10-11 классазда.
Дагьалъ цебе байбихьана малъизе ингилис мацӏ кӏиабилеб классалдасанго. Къватӏисел улкабазул мацӏал малъулаан кидаго, амма школалда гьебги лъазабун, тӏасабищараб мацӏалда гаргадун, накъит гьабун бажарулев цӏалдохъан къанагӏат гурони дандчӏваларо. Рахьдал мацӏалъул бакӏалдацин гьеб малъеян, репетиторазухъе хьвадунги, лъазабизеян хӏаракат гьабулел эбел-инсул пикруялда хадуйгъезе цӏакъ захӏмалъула. Гьезда кинго бичӏчӏулеб гьечӏо гӏадатияб жо: щивав чияс пикру гьабула цин рахьдал мацӏалда (психологияб даражаялда). Хадуб гьеб пикру буссинабула жаваб кьезе хӏажатаб мацӏалде – гӏурусалде, ингилисалде, парангалде ва гь.ц. Гьединлъидал, битӏараб букӏинаан, школалда цӏалулебгӏан заманалъ цӏалдохъанасда гъваридго рахьдал мацӏ лъазабизе тӏалаб гьабуни.