Лъайги тарбияги щолеб къебелъи

13 октябралда Шамил районалъул Гьандихъ росулъ рагьана мадраса

«Жамагӏаталъул газа кьурдаги рекӏуна» абураб умумузул аби цоги нухалда ритӏухъ гьабуна гьанхъадерил жамагӏаталъ. Гьез къокъабго болжалалда росурагӏалда, ай «Гӏарукь» абураб бакӏалда бана, Дагъистаналда цоги кибго гьечӏеб гӏадаб, цӏакъ берцинаб кӏудияб мадраса. Цо-цо чагӏазул кумек щваниги, аслияб куцалда мадраса бана жамагӏаталъ. Гьеб баялъе кӏудияб хӏалтӏиги гьабуна росдал бегавул Мутагӏилов Гӏабдурахӏманхӏажияс. Гьевин абуни ккола, хӏукуматалъ кьолеб мухьги босичӏого хӏалтӏулев вугев бегавул. Жиндиего щолеб харж гьес кьола росдал хасаб фондалде ва, гьесдаса мисалги босун, жамагӏаталъги байбихьана гьединго фондалде, ресалда рекъон, гӏарац кьезе. Гьедин данделъараб гӏарцухъ гьаруна мадраса баялъе гӏемерисел хӏалтӏабиги.

Мадраса рагьулеб къоялъ тӏобитӏараб мажлисалда гӏахьаллъизе гӏемерав чи вачӏун вукӏана Гьандихъе. Гьезда гьоркьор рукӏана ДРялъул муфти, шайих Ахӏмад-апандиги, гӏалим Хасмухӏамад-хӏажиги, муфтията-лъул мугӏрузулаб округалда вугев вакил Магьди-хӏажи Гӏабидовги, Сагӏид-апандиясул цӏаралда бугеб исламияб университеталъул ректор Гӏабдула Ацаевги, муфтиясул заместитель Магьди-хӏажи Мутагӏиловги ва районазул, росабазул имамзабигун диниял хӏаракатчагӏиги. Гьенир кӏалъазе рахъараз бицана гӏолеб гӏелалъе лъайгун тарбия кьеялъул бугеб кӏваралъул, гьудуллъи-вацлъи цӏунизе ккеялъул, щивав чияс тӏабигӏат берцин гьабиялде кӏвар кьезе кколеблъиялъул хӏакъалъулъ. Накъшубандиябгун шазалияб тӏарикъаталъул шайих Хӏумайд-апандиясул цӏар кьураб мадраса рагьулелъул, устарасул гӏумруялъул, гьес ракьалда тараб гъваридаб лъалкӏалъул хӏакъалъулъ бицана Мутагӏилов Магьди-хӏажица.

Инкъилаб ккелалдеги гьелдаса хадуб дагьабго заманалъги гӏезегӏан машгьураб мадраса букӏана Гьандихъ. Хӏатта Дагъистаналдаго цӏар рагӏарав гӏалим Кьохъа Султӏанмухӏамад-хӏажица бицунаан гьанхъадерил мадрасаялда цӏаларав чи вугин живилан.

Мадраса рагьиялъул хӏурматалда тӏобитӏараб мажлисалда кӏудияб кӏалъай гьабуна ДРялъул муфти, шайих Ахӏмад-апандицаги. Гьес гӏолеб гӏел ахӏана исламиябги дунявиябги лъай тӏалаб гьабизе ккеялде, бицана жагьиллъи лъугӏизабиялъе сабаб лъай щвеялъулъ букӏиналъул хӏакъалъулъ. Умумузде хитӏаб гьабулагоги абуна лъималазе тарбиягун лъай кьезе сундаго барахщизе бегьуларин ва жакъа нилъее нигӏматлъун ругел телефоналги, компьютералги, интернетги гӏакълуялда рекъон пайдаялъе хӏалтӏизаризе кколин.

«Дун вуго гӏемерав чиясул бакӏалде щолев чи. Амма, киве щваниги, дида лъилниги столалда тӏад лъун бихьичӏо я месед, я бриллиантал, хӏатта гӏараццин. Гьеб кинабго жаниб лъолеб гъутухъцин бихьичӏо. Дида лъала гьеб бечелъи щивас, гӏадан-чиясул бер речӏчӏулареб бакӏалда бахчун букӏунеблъи. Гьеб киналдасагоги нилъее хирияб жо буго нилъерго рижи, лъимер, вукӏа гьев вас яги яс. Амма нилъеца гьел цӏунулел гьечӏо, гьелъул гӏаксалда, хасго ясал, кодоре хириялдаса хириял телефоналги кьун, битӏахъе витринаялда лъун рукӏуна. Гьедин бегьуларо. Гьезда малъизе ккола адаб, гьел ругьун гьаризе ккола захӏматалде, гьел рукӏине ккола тарбияги лъайги бугеллъун. Гьеле гьеб мехалда нилъер жамгӏиятги букӏине буго цебетӏурабги гъункарабги. Ясаз, руччабаз гьарула аварагзабиги, гӏалимзабиги, гӏакъилзабиги, бахӏарзалги. Гьединлъидал нилъеца нилъерго наслу, хасго ясал цӏунизе ккола щибаб къойил тӏаде гьулчун бачӏунеб бугеб гьаб чороклъиялдаса», — ян кӏалъана Дагъистаналъул муфти.

Гьединабго магӏнаялъул ва кӏваралъул кӏалъаял гьаруна цогидазги, ахӏана мавлидал, гьабуна дугӏа-алхӏам ва, тӏаде вачӏанщинав чиясе рекъараб гьоболлъиги гьабун, гьалбалги нухарегӏана гьанхъадерил жамагӏаталъ.

Мухӏамад Хӏабибов