Щибаб хъизамалда — рахьдал мацӏ
Диктант хъвараб къоялъ Дагъистаналъул филологиялъул факультеталда дандчӏвана батӏи-батӏиял гӏадамалгун.
Гьез загьир гьаруна гьеб тадбиралда тӏасан батӏи-батӏиял пикраби
Дица хъвазе гьечӏо
Хъумторхъала районалъул газеталъул бетӏерав редактор Жавад Закавовас абуна, жинца диктантги гьениб гӏуцӏараб диктанталъул хӏакъалъулъ макъалаги хъвазеги гьечӏин, жинда бичӏчӏуларин гьениве жив ахӏиялъул мурадги магӏнагиян. «Дун вуго гьаниб лъугьа-бахъунеб жоялъул нугӏ. Диктант хъваялъе гӏиллаги мурадги дида бичӏчӏуларо. Нилъеца диктантал хъванилан бугеб хӏал хисуларо. Кинабго байбихьула тӏасан. Рахьдал мацӏал чӏваялъул иш байбихьана Петр Тӏоцевесесул заманалдаго. Советияб власталъ ххвелал гьаруна, мацӏал цӏунулел ругинги абун.
Жив дагъистаниявлъунги пуланаб мацӏалъул вакиллъунги рикӏкӏунев цониги чи разилъизе гьечӏо, Дагъистаналъул депутаталги тӏадрекъон, къабул гьабураб факультатив хӏисабалда рахьдал мацӏал малъизе кколин абураб пачалихъияб хӏукмуялда. Гӏурус мацӏалъул диктант хъвазе байбихьана гьеб мацӏ цӏуниялъул мурадалда. Амма гьелъулги хӏасил ккезе гьечӏо. Щай? Щайгурелъул, министразги, президентасги, депутатазги данделъабазда бицунеб гӏурус мацӏалда гъорлъ хӏалтӏизарула 10-15 процент ингилис мацӏалъул рагӏаби. Заманалдасан мацӏал тӏагӏина – щибаб къойил тӏагӏунеб буго цо мацӏ. Тӏагӏинчӏого рукӏине ккани, щибаб хъизамалда бицине ккола гьеб. Гӏурус мацӏалда кӏалъалел нилъер дагъистаниязги пикру гьабула рахьдал мацӏалда. Гьайгьай, рахьдал мацӏ лъалеб гьечӏониги, вукӏине бегьула унго-унгояв магӏарулавлъун, мисалалъе, халкъалъул гӏадат-гӏамал гъорлъ бессаравлъун. Гьединавлъун гьев гьавула эбел-инсуца лъикӏаб, умумузул къагӏидаги цӏунараб тарбия кьун батани. Масала, лъарагӏазул вуго дунялалдаго машгьурав гӏалимчи Мурад Аджиев. 100 соналъ цеве гьесул кӏудияв эмен гочана Москваялде ва гьев гӏуна гьенивго. Гьесухъа бажарана миллияб хасият цӏунун.
Рахьдал мацӏал цӏуниялъулъ кӏудияб бутӏа буго районазул бутӏрузул бербалагьиялъул. Кин гьез къабул гьабулеб миллаталъул хазина – гьелда бараб букӏуна гьелъул къисматги. Гьабсагӏаталда мацӏ цӏунизе хӏаракат гьабулеб буго гӏицӏго рахьдал мацӏалъул учителасги миллияб прессаялъул журналистасги. Яхӏ-намус речӏчӏизабизе лъугьиналъул жо кколаро. Масала, нижер районалъул газеталъул бащдаб лъагӏалил подпискаялъухъ уна 100 гъуруш. Эбел-инсуца щибаб къойил кьола гьедигӏанасеб гӏарац школалде унеб лъимадухъе. Газеталъухъ гьеб кьезе бокьуларо. Гьедигӏанги бичӏчӏулеб гьечӏо нилъер гӏадамазда миллияб газеталъул кӏвар. Пачалихъалъул дотациял гьечӏого, миллияб газета хутӏизе рес гьечӏо жакъа. Щуго соналдасан пачалихъалъ гьелъие гӏарац кьезе гьечӏо. Газетал тӏагӏани, тӏагӏина хъвадарухъаби, шагӏирзаби, маданияталъе букӏина кӏудияб ками. Рокъоб бицунеб мацӏ – гьеб хутӏула рукӏа-рахъиналъул мацӏлъун. Бечедаб, художествияб рахъалъ буцӏараб мацӏ букӏине гьечӏо.
Газеталде макъалаби хъвала кӏудияб гӏелалъ. Хӏалтӏухъабазулги ригь ун буго – гӏолилазе хӏалтӏизе бокьулеб гьечӏо, моцӏрое дагьаб гурони харж кьолареб бакӏалда. 10 процент гурони, гӏолилал гьечӏо миллиял газетазда хутӏун», -ан.
Тӏубанго батӏияб пикру загьир гьабуна ДГПУялъул ФДФалъул декан, филологиял гӏелмабазул кандидат, доцент Зайнаб Гӏумаровалъ. «Ахирал соназда нилъер рахьдал мацӏалъул хӏакъалъулъ бицуна батӏи-батӏияб жо. Гьединлъидал, диктант хъвай дица рикӏкӏуна, гьабичӏого гӏолареб тадбирлъун. Биччанте жакъагӏаги нилъер гӏадамазда ракӏалдещвезе, кинаб мацӏалъул вакил жив кколевали. Нилъерго маданияталъулги, адабияталъулги, мацӏалъулги хӏакъалъулъ бицинги буго аслияб мурад.
Гъоркьисаги гьабуна нижеца гьадинабго иш. Чиго вачӏинарин ракӏалде кколаан. Амма рачӏана. Рачӏаралги рукӏана батӏи-батӏиял министерствабаздаса хӏалтӏухъабиги, гьоркьохъеб лъаялъул махщелчагӏиги, бизнесменалги. Соналдаса нахъе дихъе кӏалъалел руго, жалги рачӏине бегьуларищан цӏехон. Нижер ректоралъги абуна, жинцаги жакъа диктант хъвазе бугин абун.
Диктант хъвай буго нилъ ругин рахьдал мацӏалъул вакилзабиги, гьеб нилъеца кӏодо гьабизе бугинги абураб магӏнаялъул иш. Рахьдал мацӏазул центр рагьаралдаса нахъе балеб буго лъагӏел. Нижехъе махщел камил гьабизе вачӏана 150-ниги учитель. Гьезулгун нижер бухьен тӏун гьечӏо», — ян бицана гьелъ.
Диктант хъвана Расул Хӏамзатовасул «Дир Дагъистан» абураб асаралъул бутӏаялдаса. Текст цӏалана ДГПУялъул магӏарул мацӏалъул преподаватель, доцент, филологиял гӏелмабазул кандидат Мухӏамад Нурмухӏамадовас. «Текст бачӏана министерствоялдаса. Гьеб хӏадурун батизе бегьула ДНИППалъул хӏалтӏухъабаз. Кинал критериязда рекъон текст тӏасабищарабали, дида лъаларо», — ян жаваб кьуна гьес, кинал шартӏалги хӏисабалде росун тӏасабищараб текстилан абун нижеца гьикъидал.
Диктант хъвалел студентазда гьоркьор рукӏана васалги. Нижеца гьезда гьикъана, рахьдал мацӏалъул учительлъун хӏалтӏизе ракӏалда бугищан. «Бокьун буго дирго лъаялъул халгьабизе. Гьадинал тадбиразда бичӏчӏула, гьал соназда жаниб дуда щиб лъан бугебали.
Ракӏалда буго магистратураялдаги цӏализе. Хадуб – факультеталдаго хӏалтӏизеги бокьилаан, бажаричӏони, ина гӏагараб росулъе магӏарул мацӏалъул учительлъун хӏалтӏизе», — ян бицана ункъабилеб курсалъул студент Ражаб Гӏабдусаламовас. Гьев ккола Цӏумада районалъул Метрадаса. Гьес хъвала кучӏдулги. Гьел рахъун ругоан факультеталъ къватӏибе биччараб студентазул асаразул мажмугӏалда.
«Дица тӏоцебесеб нухалда хъвалеб буго гьадинаб диктант. Цӏали лъугӏун хадуб, дун ине вуго росулъе, рахьдал мацӏалъул учительлъун хӏалтӏизе. Бокьилаан шагьаралдаго чӏезеги. Амма нижер школалъул директорасе бокьун буго гӏолохъанал махщелчагӏи рачӏине. Исанаго хӏалтӏизе вачӏаян абулеб букӏана гьез дида. Цӏалиги лъугӏизабун, инаха», — ян бицана Мухӏамад Хӏажиевас. Гьев вуго Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа.
Гӏолилазе — насихӏат
Тадбиралда гӏахьаллъизе рачӏун рукӏана ДРялъул миллияб политикаялъул министр Татьяна Гамалейги, ДГПУялъул ректор Марина Мухӏамадоваги, ДРялъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул председатель Мухӏамад Ахӏмадовги, магӏарул мацӏалда къватӏибе биччалеб литературияб альманахалъул бетӏерав редактор Мухӏамад Патахӏовги, Дагъистаналъул Журналистазул союзалъул председатель, «Хӏакъикъаталъул» бетӏерав редактор Гӏали Камаловги, ДНЦялъул РАНалъул Расул Хӏамзатовасул ирс лъазабиялъул централъул нухмалъулев, филологиял гӏелмабазул доктор Ахӏмад Муртазагӏалиевги, ДРялъул халкъияв шагӏир Мухӏамад Хӏамзаевги. Гьез гӏолилазе гьадинаб насихӏат гьабуна:
М. Ахӏмадов: «Дие кӏудияб рохеллъун буго, магӏарул мацӏалда кӏалъазеги, хъвазеги, накъит гьабун бажарулелги гӏадамазда гьоркьове ккей. Ахираб заманалда лъикӏаб хӏал гьечӏо магӏарул мацӏалъул. Телефоназде къулараб гӏелалъ гьеб бицунеб гьечӏо, гьелда гьеб лъалеб гьечӏо. Диктант хъвай лъикӏаб иш буго, амма къваригӏун буго магӏарул шагӏирзабазул, классиказул асарал цӏализеги, лъазаризеги, школазда малъизеги. Дунялалдаго машгьурлъарал Расул Хӏамзатовасулги, Фазу Гӏалиевалъулги, Муса Мухӏамадовасулги ва цогидазулги асарал лъалел гьечӏо нилъер лъималазда. Рахьдал мацӏ цӏунизе цо гьитӏинабгӏаги иш щивас гьабуни, мацӏалъул адаб гьабулеблъи бихьилаан. Газетал-журналал хъван, рокъоб бицун, мажлисал магӏарул мацӏалда тӏоритӏун, ай кибго мацӏ хӏалтӏизабун, нилъеца хӏаракат бахъизе ккола нилъго магӏарулал ругеблъи бичӏчӏизабизе».
Мухӏамад Патахӏов: «Мацӏ чӏаго хутӏиялъул суал бараб буго цӏалдохъабазул эбел-инсуда, гьездасаги гӏемер – учительзабазда. Учительзабаз цӏалуде рокьи бижизабулеб бугони, цӏалдохъабаз гъираялда лъазабула гьес кьураб дарс. Рахьдал мацӏ кӏочон толеб бугони, как кин бухьинеб, дугӏа кин гьабилеб? Эмен хварав васасда «примите соболезнование» абун зигараги балеб бугони, эбел хварай ясалда «сочувствуюянги» абулеб бугони, кинал магӏарулалха кколел нилъ? Гьединаб хӏалалде ккун буго жакъа рахьдал мацӏалъул къисмат. Умумуз нилъехъего гӏадин, нилъеца наслабазухъеги гьеб жавгьар кьезе къуват кьеги нилъее!».
Татьяна Гамалей: «Дагъистаналъул маданияталъулги мацӏазулги къоялъул хӏурматалда, ДРялъул Миллияб политикаялъул министерствоялъ лъабабилеб нухалда исана тӏобитӏулеб буго диктант. Гьеб хъвазе гъира бугел гӏадамазул къадар цӏикӏкӏунеб буго соналдаса соналде. Гьезие бокьун буго жидерго лъаялъул халгьабизе, хутӏун бугищ рахьдал мацӏалъулгун бухьенали лъазе. Гьаб акциялъул аслияб мурадги буго Дагъистаналъул бечедаб маданият букӏиналдеги гӏемер мацӏал рукӏиналъулъ гьелъул къанагӏатлъи бугеблъиялдеги кӏварбуссинаби. Тӏасияб сон ЮНЕСКОялъ лъазабун буго Дунялалъул кьолбол халкъазул лъагӏеллъун. Россияги гӏахьаллъизе буго гьелда». Министралъ университеталъе сайгъат гьабуна министерствоялъ дагъистаниязул мацӏазда къватӏибе биччараб антологияги.
Гӏали Камаловас байбихьана диктанталъул тексталда шагӏирас хӏалтӏизарурал рагӏаби хисизе рес бугищан абураб суалалдасан. «Носильщик – бегьулаанищ гьелъул бакӏалда хӏамбалал абун хъвазе? Кьабгӏарабищ, кьабурабищ? Лъица кин хъван батаниги, кьабураб букӏине ккелаан. Тайландищ, Таиландищ? Хӏикмат гьавунаянищ, хӏикмалъанайищ? Хъурарабищ, гъурарабищ? Къачӏан бугойищ, къачӏан бугоанищ? Соназищ, саназищ? Сувениралищ, сайгъатищ? Анцӏилъайищ, анцӏилъейищ? Авторас хъвараб къагӏидаялдайищ гьел рагӏаби телел, яги мацӏалъул грамматикаялда рекъонищ хъвазе кколел?» — абурал гьесул суалаз чӏаголъизаруна диктант хъварал магӏарулал. Гьикъана гьес «Хӏакъикъат» газета цӏалулеб бугищанги. Цӏалулин жаваб кьуна аудиториялда гӏодор чӏаразул 30 проценталъ. «Ункъо нухалъ дагьлъана газета цӏалулел магӏарулал. Нужеца жакъа мацӏги, маданиятги, газетаги цӏунулеб гьечӏони, нижер гӏелалдаса хадуб гьеб цӏигьабизе цӏакъ захӏматаб иш буго», — янги абун, гьес студентал ахӏана редакциялде гьоболлъухъ.
«Текст хъвазе кколеб буго, гьаниб хъвараб къагӏидаялда. Гьабсагӏаталда кӏудияб масъала буго: цониги текст батуларо, битӏараб, щвалде щвараб къагӏидаялда хъвараб. Советияб заманалда рукӏана гьединал текстал. Гьезулъ советияб заманалъе хасиятаб лексика цӏикӏкӏун бугиланги абун, гьел тана. Гьезул бакӏалда диктант хъвазе хӏалтӏизаризе санагӏатал текстал цӏакъ къанагӏат гурони щоларо. Къабул гьабун гьечӏо грамматикиял правилабазул свод, гьелъги квалквал гьабулеб буго. Масала, ракӏбухӏана абураб рагӏи рекӏунищ хъвалеб батӏатӏунищ? Гьединал гъалатӏал ритӏизаричӏогойищ телел?», — ан бицана Мухӏамад Нурмухӏамадовас.
Ахӏмад Муртазагӏалиев: «Рахьдал мацӏалъул къисмат бараб буго хъизамалда кьолеб тарбиялда. Шагьаралда гӏураб, шагьаралъул школалда цӏалараб лъимадул лъимералъ лъималазул ахикьа бачӏунаго, рахьдал мацӏалда «Кӏудада!» — янги ахӏун, дида хурхунеб мехалда дир рекӏелъ букӏунеб рохалил асар! Дир лъималазул лъимал хьвадула Москваялъул школазде. Амма рукъалъул нуцӏа къаралдаса нахъе гьезда гӏурус мацӏ кӏочона. Гьезда ракӏалдецин кколаро, къотӏнор ругониги, школалда ругониги, гӏурус мацӏалда эбелгун кӏалъазе бегьилин абун. Гьедин куцазе ккола лъимал.
Пачалихъалъ тӏобитӏулеб буго халкъал журазариялъулаб политика. Гьелъие хӏажат буго цо мацӏалда кӏалъалеб халкъ букӏине. Нилъеца кӏвар кьечӏони, гьеб гьедин ккезеги буго».
Мухӏамад Мухӏамадов («Дагъистан» РИАялъул директор): «Дун школалда цӏалулеб заманалда диктанталда абулаан ахӏунхъвайилан. Жакъа гьаб диктант дие захӏмалъичӏин абуни, гьереси букӏина. Щайгурелъул жакъасеб тӏолабго гӏумру бухьараб буго гӏурус мацӏалда: гьелда кӏалъала, пикру гьабула, хӏалтӏулеб мехалдаги гьеб хӏалтӏизабула. Амма рахьдал мацӏ кӏочон тезего бегьиларо. Байбихьудаса ахиралде щвезегӏан гьеб диктант хъвазе ккей дирго кӏудияб гьунарлъун рикӏкӏуна дица. Гьелдасаги цӏикӏкӏараб пайда щвана дие хъвадарухъабигун, рахьдал мацӏалъул гӏалимзабигун, преподавателалгун кӏалъазе щвеялдаса».
Диктант захӏматаб букӏинчӏин бицана студентазги. Гьелъул хӏасилалги квешал ккезе ратиларо.
Мухӏамад Хӏамзаев: «Жакъа дир ракӏ буго, тӏоцебесеб курсалда цӏализе вачӏарав студентасулго гӏадин. Дун цӏакъ вохарав вуго, гьаб дарсида магӏарул мацӏги бокьун рачӏарал гӏадамал рихьараб мехалда. Гьадинал разиял цӏалдохъаби кьеги нужее Аллагьас».
Кавсарат
Сулейманова