Ракӏбацӏцӏадаб дармие гӏоло
Тӏолгороссиялъул Халкъияб фронталъ (ОНФ) халгьабуна АЗСазухъ
ОНФалъул Дагъистаналъул отделениялде рачӏарал гӏарзазда бицунеб букӏана машинабазе бензин тӏолелъул, автозаправкаялъул (АЗС) хӏалтӏухъабаз жидер ихтиярал хвезарулел ругин абун. Гьелда бан, «Ракӏбацӏцӏадаб дармие гӏоло» абураб проекталда рекъон, ОНФалъ халгьабуна республикаялъул шагьараздагун районазда бугеб 50-ялдаса цӏикӏкӏун заправкаялъухъ.
Халгьабуна Махӏачхъалаялда, Дербенталда, Хасавюрталда, Гъизилюрталда, гьединго, Хасавюрт, Цӏияб Лак, Казбек, Гъизилюрт, Хъумторхъала ва Дербент районазда ругел АЗСазухъ.
Гӏезегӏанго ратана ракӏбацӏцӏадго даран гьабулел предприниматель. Амма цо-цо АЗСазда тӏатана потребителасул ихтиярал хвезариялъул хӏужабиги. Рехселин гьезул аслиял:
1. Гӏемерисел АЗСазда гьечӏо цӏатари бикьулел ва машинаялде тӏолеб бензиналъул къадар мухӏкан гьабулел пистолетазул халгьабиялъул хӏакъалъулъ сертификатал. Гьединго батичӏо халгьабизе рес кьолеб роценалъул алатги (мерник).
2. Цо-цо АЗСалда гьечӏо «Потребителасул бокӏон» яги гьелда ран руго басриял, ай болжал лъугӏарал документал, гьездаго гьоркьор – бензиналъул даражаялъе нугӏлъи гьабулел паспорталги.
3. Руго хӏалтӏизе ихтияр кьолел документалго гьечӏел заправкабиги.
4. Цӏунулел гьечӏо цӏа ккеялдаса цӏуниялъул тӏалабал. Гӏемерисел АЗСазул газалъулги бензиналъулги колонкаби чӏезарун руго гӏадамаз гӏумру гьабулел минабаздаги, кафеяздаги, тукабаздаги, хӏатта шагьраялда цӏакъго гӏагарда.
5. Цӏикӏкӏарасел заправкабазда цӏатари тӏоларо бичун босараб къадаралда.
6. Лабораторияб гуреб къагӏидаялда, «Октис-2» абураб алаталъул кумекалдалъун халгьабуна цӏатариялъул качество. Гьелдалъун чӏезабуна, цо-цо заправкабазда АИ-92 маркаялъул бензиналъул бакӏалда бичулеб буго АИ-80 маркаялъул бензин.
7. Гӏемерисел заправкабазда кьоларо чек, гьечӏо гьеб кьолеб алатгицин.
8. Цӏатариялъухъ багьа цӏикӏкӏинабулеб буго жидеего бокьун. Гьебги гьабула гӏисинал заправкаби базаралдаса тӏагӏинариялъул мурадалда. Гьелъие гӏоло АЗСазулги АГЗСазулги бетӏергьабаз ва цадахъго гӏемераб цӏатари бичулел компаниязги къотӏи гьабулеб буго, пуланаб багьаялде киназго бензин бичиялъул хӏакъалъулъ.
Тӏатарал хӏужабазул хӏакъалъулъ чанцӏулго лъазабуна ДРялъул прокуратураялдаги, налогазул федералияб хъулухъалдаги, Роспотребнадзоралдаги. Амма рехсарал идарабаз тӏадаб хӏалтӏи гьабуларого буго. Кин батаниги, гьабсагӏаталда бакӏарун буго административияб низам хвезабиялъул хӏакъалъулъ материалги, бахъун буго цо чанго заправкаялъул бетӏергьабазухъа гӏакӏаги.
Мухӏамад Мухӏамадов,
ОНФалъул модератор