Ахӏи базе ккараб хӏал

Буйнакск – Лаваша шагьранухал къачӏазе заман щун буго

Буйнакск ва Лаваша районазул гӏадамазул рахъалдасан, рагьараб кагъатилан тӏадги хъван, ДРялъул бетӏер Владимир Васильевасухъе хъвараб кагътида хъвалеб буго: «Буйнакск районалъул Карамахьи, Гъадар, Чанкурбе, Дурангъи, Арахкент, Хӏабщи, Гъоркьияб Жунгут, Тӏасияб Жунгут ва Лаваша районалъул Хъахӏабросу (Ахкент), Ухӏли, Къулецӏма, Урма росабазул гӏадамаз гьарулеб буго Буйнакскалдаса Лавашибе бачӏунеб шагьранух къачӏаялъе кумек гьабейилан. Гьабсагӏаталда гьеб буго машинаби хьвадун бажарулареб хӏалалда. Бакӏ-бакӏазда лъугьун ругел гвендазулги буго кӏудияб квалквал. Гьелъул хӏасилалда кколел руго авариял, холел руго гӏадамал. Кӏиябго районалъул гӏадамазе цӏакъго хӏажатаблъун ккола гьеб — нижеца гӏезабула хъапустӏан, картошка ва цогидалги нигӏматал. Гьединлъидал даран-базаралъе хьвадизе ккола Россиялъул батӏи-батӏиял шагьаразде, ракӏбацӏцӏадго кьола нухлул налогги. Цебеги нижеца, кумек гьарун, кагъат хъван букӏана Дагъавтодоралъул нухмалъиялъухъе. Рагӏи кьуна нухлул 4 километралде исана хъил тӏезе. Амма гьелдалъун нух къачӏай лъугӏуларо. Гьединлъидал нижеда ракӏалде ккана духъеги кагъат хъвазе, ва хьулги буго дуца нижер мурад тӏубаялъе квербакъилин».

Кагътида цадахъ лъураб щуго тӏанчида руго гьел районазул росабалъа гӏадамазул гъолбасалги. Ва ахиралдаги гьарулеб буго гьаб кагътие жаваб Закаря Мутуевасул цӏаралда, Буйнакск районалъул Къулецӏма росулъе битӏейин. Гьединго гьарулеб буго жавабалъул копия гьаб электронияб адресалдеги битӏеян: [email protected].