Гӏелмудул кӏулалъ рагьула тарихалъул гъамас

Типлисалда батана Дагъистаналъул цебегосеб тарих

Коммунистаз диналде рагъ лъазабун букӏиндал, диниял чагӏи гӏалимзабилъун рикӏкӏунароан, гӏараб мацӏалда хъварал тӏахьал рухӏулаан. Хӏакъикъатин абуни, гьелъул гӏаксалда букӏун буго. Рукӏун руго нилъер гӏалимзабиги, гьез данде гьабураб бечедаб тарихияб материалги. Гьелъие нугӏлъи гьабулеб гара-чӏвари ккана дир РАНалъул ДНЦялъул тарихалъул, археологиялъул ва этнографиялъул востоковедениялъул отделалъул гӏелмияв хӏалтӏухъан Мухӏамад Шехмухӏамадовасулгун.

— Мухӏамад, нужер отделалъул гӏалимзаби, аслияб къагӏидаялда, кир хӏалтӏулел, гьарулел цӏех-рехазул мурадал кинал ругел?

— Ниж хӏалтӏула архивазда, музеязда, хӏукуматалъул ва жалго бетӏергьанал чагӏазул библиотекабазда, ралагьула некӏсиял хъвай-хъвагӏаял тӏад ругел ганчӏал (эпиграфика), гьединго хабалазул заназда хъварал баяназдасанги лъала къиматал хӏужаби.

— Абула Типлис шагьаралъул архивазда Дагъистаналъул тарихалъул хӏакъалъулъ гӏемерал тӏахьалги, документалги, хъвай-хъвагӏаялги ругилан…

— Чанго нухалъ щвана дун Москваялъулги Типлисалъулги пачалихъиял архивазде. Типлисалда гьединаб архив букӏиналъе гӏиллаги буго гьениб Кавказалъул сардарасул канцелярия букӏин. Гӏумаханил заманалдаса байбихьун, имам Шамилил ва къокъаб шаригӏаталъул заманги гьоркьобе бачун, цӏакъ гӏемераб ва цӏакъго къиматал документал руго гьенир. Дагъистаналда туснахъ гьаруразул, Сибиралде ритӏаразул цӏарал, гъанкъарал-чӏваразул къисматалъул хӏакъалъулъ бицунел документал. Шамилица ва гьесул наибзабаз цоцахъе хъварал кагътал, тӏарикъаталъул церехъабазда хадуб полициялъул букӏараб халкквей ва гьел туснахъ гьариялъул хӏакъалъулъ рицунел кагътал, Сибиралде ритӏаразул къадар, гьезул росабазул ва гьел ритӏарал бакӏазул цӏарал. Масала, накъшубандияб тӏарикъаталъул шайих Алмалоса Махӏмуд-апандида хадуб букӏун буго балъгояб халкквей, 1914 соналда гьев ккун вуго ва Россиялъул жанисеб губерниялде витӏун вуго.

1914 соналда Дагъистаналда букӏун буго кӏудияб тунка-гӏуси (антиписарское восстание). Пачаясул тӏалъиялъ киса-кирего тӏамун руго гӏурус мацӏалда документал гьаризе. Цӏализе-хъвазе лъаларел гӏемерисел гӏадамал гьеб зулмуялде данде рахъун руго. Ратана Дагъистаналъул тӏалъиялдаса гӏарзалъ унел рукӏарал вакилзаби, гьездаго гьоркьов Сайпулагь-къадиги полициялъ нухда кквеялъул, хадуб гьезул ккараб къисматалъул хӏакъалъулъ бицунел документалги. Гьеб лъугьа-бахъиналъул хӏакъалъулъ цебе щибго лъалеб жо букӏинчӏо.

2011 соналда лъабго моцӏалъ хӏалтӏана дун Типлисалъул архивалда ва Кекилидзел цӏаралда бугеб квералъ хъварал тӏахьазул институталда. Гьениб буго 700-ялдасаги цӏикӏкӏун Дагъистаналъул хӏакъалъулъ бицараб гӏараб тӏехь. Масала, Шамил-имамасул гъазаваталъул хӏакъалъулъ Къарахъа Мухӏамадтӏагьирил квералъ хъвараб тӏехь. Гьединалго хириял тӏахьал ккола Къудукьа Мусалас ва Гӏободаса Шагӏбанкъадица квералъ хъваралги. Гьел тӏахьал архивалда цӏакъ лъикӏ цӏунун руго, амма гьездаса копия бахъи хираго чӏолеб буго, масала, цо сураталъул копия бахъун уна 600 гъуруш.

— Цоги щиб тӏатинабун бажарараб?

— Нилъер тарихалъул, цере лъалел рукӏинчӏел, гӏемерал баянал ва хӏужаби тӏатана гьенир. Масала, 1863 соналда Занки-апандил ва Муртазагӏали-хӏажил цебехъанлъиялда пачаясул тӏалъиялде данде Закаталаялъул халкъ бахъиналъе гӏилла букӏун буго гьениб пачаясул тӏалъи хӏалица Гӏисал дин тӏибитӏизабизе лъугьин. Гьелъул хӏакъалъулъги лъалеб жо цӏакъ мукъсанаб букӏана.

Чӏезабизе кӏвана, микьго сонги къотӏун, Ярославль губерниялде витӏарав Муртазагӏали Гӏурадиги Шурав къадилъун хӏалтӏарав Муртазагӏали Гӏурадиги цого чагӏи кколареллъи.

Мухӏканго лъалеб букӏинчӏо Гьидалъ наибзабилъун рукӏаразул цӏарал. Архивалда батана гьезул сияхӏ, хъулухъ гьабураб заман, гьезул хадусеб къисмат. Гьале гьезул цӏарал: Тӏелекьа Къебедмухӏамад, гьесул вац Гъазимухӏамад, Тӏидиса Чӏуриласул Нурмухӏамад, Гӏурадаса Гьитӏинасул Мухӏамад, Хӏотодаса Мугурил Гьитӏино, Мачӏадаса Месело, Гъумекиса Гӏабдурахӏман.

— Москваялда бугеб Россиялъул пачалихъалъулаб рагъулабгун тарихалъул архивалда щиб батараб?

— Цо анкьалъ гьенивги хӏалтӏун, тӏатинарун бажарана, цере лъалел рукӏинчӏел гӏемерал тарихиял баянал ва хӏужаби. Шамил-имамасул рагъда хурхарал, хасго асирлъуде ун хадуб ккарал лъугьа-бахъиназул хӏакъалъулъ бицунел документал. Масала, Франциялде данде вагъулев вукӏарав Алжиралъул цевехъан Гӏабдулкъадирицаги имам Шамилицаги цоцазухъе хъварал кагътал.

— Амри Шихсагӏидовгун цадахъ рукӏарал экспедициязда щиб хӏасил ккараб, кӏванищ цӏиял хӏужаби тӏатинаризе?

— Профессор Амри Шихсагӏидовгун цадахъ хӏалтӏизе щвей дица рикӏкӏуна гӏумруялъул кӏудияб сайгъатлъун. Гьесул даражаялъул лъаялъул гӏалимчи-востоковед Северияб Кавказалдаго гьечӏо. Гьевгун цадахъ нижеца гелана Гъуниб, Гӏахъуша, Шамил ва Хунзахъ районал. Хӏисаб гьабураб мехалъ, нилъер умумуз бекьулеб ва бакӏарулеб букӏун буго гӏелму. Гӏемераб гӏелмуги нахъе тун ун руго мунагьал чураял дунялалдаса. Гӏараб тӏехь ва квералъ хъвараб Къуръан камураб росу цониги гьечӏо магӏарулазул. Гьеб кӏудияб рухӏияб хазина ккола. Росдал бокьарав гӏалимчиясул библиотека рикӏкӏине бегьула тӏубараб архивлъун. Гьенир ратула тарихиял ва маданияталъул хӏужаби, чӏухӏбуз цоцазухъе хъварал кагътал, гьарурал-хваразул хӏакъалъулъ баянал. Масала, Мачӏадаса Багъужа-дибирасул буго камилаб хӏалалъ цӏунараб 300 сонилаб архив. Гьеб архивалда ратана, цере лъалел рукӏинчӏел, гӏандалалгун цадахъ Надир-шагьасде данде рагъизе арал гьидерил рагъухъабазул хӏакъалъулъ бицунел хъвай-хъвагӏаял. «Рокъор чӏечӏого, ракьги динги цӏунизе шигӏиязул боязде данде къватӏире рахъе», — ян хъвараб хитӏаб буго гьел кагътазда гьоркьоб.

Гӏурадаса Ибрагьим-хӏажил буго цӏакъго бечедаб, лъикӏ цӏунараб ва гӏемерал къиматал тӏахьазул библиотека. Мисалалъе, гьениб цӏунун буго 800 соналъ цебе Гьоркьохъеб Азиялда парс мацӏалда квералъ хъвараб астрономиялъул тӏехь.

Мачӏадаса гӏалимчи Хӏадисил архивалдаса лъана гьесул мадрасаялда цого заманалъ 25 мутагӏалим цӏалулев вукӏараблъи. Доб заманалда гьеб рикӏкӏунаан кӏудияб мадрасалъун. Щайгурелъул доб заманалда гьелщинал цӏалдохъаби кваназариги гьезие рукъзал чӏезариги букӏана цӏакъ захӏматаб масъала.

Гьел архивалъул хӏужабаздаса бичӏчӏулеб буго, Гьидалъ гӏемерал гӏалимзаби рахъиналъеги, щибаб росулъ мадраса букӏиналъеги, гьенир гӏелму малъулел ва тӏахьал хъвалел чагӏи рукӏиналъеги аслияб гӏилла кколеб букӏин гьениб, цоги жамагӏатазде дандеккун, экономикияб рахъ бечедаб букӏин.

— Заназда ратарал хъвай-хъвагӏаяз щиб бицунеб бугеб?

— Заназда хъвараб цӏали нижее хираго чӏола, щайгурелъул гьезул гъоркьияб рахъалда рукӏуна нижеца ралагьулел къиматал баянал. Гьел ратизе ккани, зонол ракьулъе араб гъоркьияб рахъ 0,5-1 метралъ бухъизе ккола.

Гьел хъвай-хъвагӏаяздасан нижеда лъала пуланаб росулъе ислам бачӏараб, гьеб тӏибитӏараб ва щулалъараб заман. Заназда тарих хъвазе байбихьана XV гӏасруялъул ахиралда. Масала, Цӏулда росулъ ругел назаразул цо къоноялда ратана XVII гӏасруялъ гьенив вукӏарав бодул цевехъанасул букӏараб хӏаракатчилъиялъул хӏакъалъулъ баянал. Гуржиязул ракьазде гьес гьарурал чабхъеназул, ханзабазулгун гьарурал ракълилал къотӏи-къаязул хӏакъалъулъ бицунеб къокъабго тарих.

Хайдакъазул ханзабазул (къара-къурайшиял) хабалазда ругел заназда ратарал хъвай-хъвагӏаял дандегьарун, бахъизе буго суратаз бечед гьабураб тӏехь.

— Гьебщинаб гӏелмияб хӏалтӏул хӏасил кин гьабулеб?

— Къалмица хъвараб гӏоштӏоца къотӏуларин гурищ абулеб. Хӏисабкьей хӏисабалда, пуланаб гӏелмияб цӏех-рех лъугӏидал, хъвала макъалаби, тӏахьал. Ахирал соназда гьарурал хӏалтӏабазул хӏасилалда лъазе кӏвана XVI-XVII гӏасрабазда Бакъбаккул Дагъистаналда, Ираналдаса бачӏун, халватияб тӏарикъат тӏибитӏун букӏараблъи. Гьелъул церехъабаз кӏудияб хӏалтӏи гьабун буго халкъалда гьоркьоб исламияб бичӏчӏи-лъай кьеялъе, гьелдалъун гӏемерлъун руго мажгитал, мадрасаби, вакъпу-садакъа.

— Мухӏамад, «Хӏакъикъат» гьоркьобккун газеталда ахиралдаги щиб абилеб?

— Нижер гӏелмияб хӏалтӏуе квербакъулеб буго гьаб институталъул нухмалъиялде ккарал гӏолохъанал, бажари бугел, гьабулеб хӏалтӏул кӏвар бичӏчӏулел гӏалимзабаз. Гьезие ракӏ-ракӏалъулаб баркала буго.