Игьелдерил тарихалда кӏочонареб лъалкӏ тарал
Гьел рукӏана 1972 соналъул апрель моцӏалъул ахирисел къоял. Игьали росдал советалъул иргадулаб сессиялда, планалда рекъон, гӏенеккулел рукӏана Игьали, Кунзахъ, Цӏаналъ, Лъанлъари росабазул культучреждениязул лъагӏалил гьабураб хӏалтӏул хӏисаб кьеялъухъ. Гьенив кӏалъазе вахъарав Культураялъул рукъалъул директор Мухӏамадов Асхӏабгӏалица бицана тӏоритӏизе хӏисабалде росарал тадбиразул хӏакъалъулъ ва рехсана кватӏичӏого, ай май моцӏалъул ахиралда ихтилат-кеп бокьулел, кечӏ-бакъан хириял рагӏул устарзабиги кочӏохъабиги жанир рахъараб росу букӏинги хӏисабалде босун, киса-кирего кагътал хъванги тел кьабунги, къватӏир ругел росуцоялги ахӏун, «Росдал къо» тӏобитӏизе ракӏалда бугин. Нахъисеб къоялъго сессиялъул протокол, гьабураб хӏукмугун цадахъ, битӏана Гумбет райисполкомалъул культураялъул отделалъул нухмалъулевлъун вукӏарав Бегаев Гӏалиханихъе. Гьев цӏакъ разилъана хӏукмуялда ва тадбир районалъулго даражаялда тӏобитӏун лъикӏилан абуна.
Дол соназда росдал советалъул председательлъун вукӏарав Бибулатов Сайгидгӏалица бицана, гьеб тадбиралде хӏадурлъулаго, цояс абунила Расул Хӏамзатовги ахӏизе кколин. «Хӏукму ккана, Расулил гӏагарав чи, Дагъистаналъул радиовещаниялъул магӏарулазул студиялъул редакторлъун вукӏарав Сагӏидов Мухӏамадида гьаризе Расулихъе аян», — илан ракӏалдещвезабуна Сайгидгӏалица. Расулицаги игьелдерил гьари къабул гьабуна ва, гьесул бихьизабиялда рекъон, хӏукму ккун буго тадбир республикаялъул даражаялда тӏобитӏизе, гьебги СССРалъ 50 сон тӏубаялъе сайгъат гьабураблъун тезе, тӏобитӏулеб заманги 21-22 июль бихьизабизе. Кватӏичӏого «Багӏараб байрахъ» газеталда бахъун бачӏана байрам тӏобитӏиялъул программа ва тӏолалго магӏарулал гӏахьаллъи гьабизе ахӏараб лъазаби. Гьеб тадбиралъе сценарий хъвазе ва хӏадурлъиялъулал хӏалтӏаби тӏоритӏиялъе нухмалъи гьабизе Расулица Игьаливе витӏун вачӏана Камил Закаряев.
Байрам тӏобитӏана тӏабигӏат берцинаб, гьава лъикӏаб, лъим гьуинаб гьайбатал накӏкӏил рохьаз сверун ккураб игьелдерил «Гӏачӏила майдан» абулеб, росдадаса 3-4 километралъ рикӏкӏад бугеб бакӏалда. Кӏиго къоялъ халатбахъараб гьеб букӏана аваданлъиялъул ва ихтилат-кепалъул кинабго рахъ жанибе бачараблъун. Гьениб игьелдерил пандур хъвалезул къокъаялъ тӏоцебе кьучӏ лъуна пандур хъвалезул ансамблялъе игьелдерил администрациялда гъорлъе кколеб Кунзахъ росулъа Расуловазул хъизамалъулаб ансамблялъеги. Байрамалда гӏахьаллъи гьабуна тӏолалго магӏарул районазул ихтилат-кеп бокьулезги художествиял хӏаракатчагӏазул коллективазги. Бищунго хӏурматиял гьалбаллъун рукӏана Дагъистаналъул халкъияв шагӏир Расул Хӏамзатов, гьесул божарав гьудул, композитор Ян Френкель (гьесие игьелдерица пандурги сайгъат гьабуна). Чӏахӏияз бицуна, гьеб тадбиралда гӏага-шагарго 16 азарго чияс гӏахьаллъи гьабулеб букӏанилан. Гӏадамал рекӏун рачӏарал машинабазул, автобусазул къадар 850-ялде бахунеб букӏанилан, тадбирги нухда анила тӏокӏаб букӏинаребгӏан берцинго, гӏахьаллъаразул разилъигун, гъалмагъир, къваригӏел гьечӏеб кӏалъай ккечӏого.
Тӏоцебесеб дандчӏвай
1972 соналъул 21 июлалъул радал гӏужалда, чуяздаги рекӏун Расул Хӏамзатовасда дандчӏвай гьабизе, гьесухъе рекӏине цадахъ цоги чуги бачун, росдадаса 4-5 километралъ рикӏкӏада бугеб «Сагъри кьодухъ» абулеб бакӏалде ана хараби — Хӏамзал Хӏосен ва Исламдибир. Росу бакьулъ, Кӏудияб Ватӏанияб рагъда хваразе бараб памятникалда цебе дандчӏвай гьабуна игьелдерица кӏудияв шагӏирасда. Гӏисинал-чӏахӏиял — тӏолабго росу бахъун букӏана, жеги рагӏун гурони, вихьун вукӏинчӏев гьоболасда дандчӏвазе. Цересан квералги росун, хъваш-баш гьабуна Расулицаги. Хӏукму-хӏал цӏехедал, рагъул гӏахьалчи Нурудиница кигӏанго гьеб дандчӏваялда рекъараб гьечӏониги, гӏемер вихьулев чи Расул гуриланги абун, гьесухъа кумек щвеялде хьулгун, росулъ лъалъадиялъе ва хасало гьекъолеб лъадал рахъалъ бугеб къварилъи баян гьабуна. Расулицаги бажарараб кумек гьабизе рагӏи кьуна.
Расулидасан щвараб баракат
Бицен батана, пачаясул заманалда такъсир гьабун, гӏайиб ккарав чи, Россиялда Сибиралде витӏулеб гӏадин, Игьалире ритӏулел рукӏаралилан. Гьедин, цо нухалда Игьаливе вачӏарав чияс рокъобе битӏулеб кагътида хъварабила, «жив вугин хварал бакъалда, чӏагоял рагӏдукь ругеб (хасало Игьалибе бакъ щоларо, росдада дандбитӏун бакълъул рахъалда ругел хабзалалъе бакъ къотӏуларо), гьаби риччараб, ганчӏал рухьараб (хасало рахсидаса борчӏараб гьой хадуб лъугьиндал, гьелда речӏчӏизе гамачӏ щун гьечӏо гьесухъе, цӏороялъ ракьалдехун рекӏун батун), гӏощтӏоца цӏер къотӏулеб, гьагьица лъим баччулеб (хасало, киналгӏаги лъиналги цӏорон, лъим гьечӏолъиялъ, гӏурул рагӏалда чӏвараб цӏер гӏощтӏоцаги къотӏун, гьагьица баччулеб букӏун буго рокъобе, биине) росулъ» абун. Риидал гьава-бакъ рекъараб, «кьер-кьерал нигӏматазул гӏор жанисан чвахулеб» курорт гӏадинаб бакӏ бугониги, хасало гьеб гӏунгутӏи кидаго букӏана игьелдерие. Умумуз гохӏал-щобалги гӏанлъун, кӏкӏалал, кьураби, ччукӏелал ругел бакӏаздасан цӏулал рогӏралги лъун, 9-10 километралъ рикӏкӏадаса бачараб лъим хасало букӏунароан. 1973 соналда байбихьана гьеб лъадал мухъ, маххул рогӏралги лъун, хасалоги букӏунедухъ къачӏазе. Доб заманалда, мугъчӏвалеб бакӏ щулияб гьечӏони, цо росдае яги магӏишаталъе хӏукуматалъ гьабулеб кумек цӏакъго дагьаб, пайда гьечӏеб букӏана. Рехсараб хӏалтӏи гьабулеб букӏана Хунзахъ МУОСалъ (Межрайонное управление оросительной системы). Гьелъул нухмалъулевлъун вукӏарав Атал Хӏажица абун буго жидее мугъчӏваялъе букӏине, Расулихъеги ун, гьесухъа цо кагъат щай босуларебин. Советалъул председательлъун вукӏарав Бибулатов Сайгидгӏали ун вуго Расулихъе. Сала-каламалдаса хадуб цӏехон буго мурад ва ракӏалдещвезабун буго игьелдерил харабаз бицен гьабун букӏараб масъала. Гьеб мехалда Расулица цебебахъун бачӏун буго тӏамач ва хъван буго Хӏажихъе кагъат. Нахъа, цӏалидал, Хӏажихъе сала-каламалдаса хадур хъвалел рукӏана гӏага-шагарго гьадинаб магӏнаялъул мухъал:
Игьелдерил жамагӏат гӏузру бицун кӏалъайдал,
Дир рекӏеде тӏаде мун кӏанцӏун вачӏана, Хӏажи.
Дицаги хьиндалазе, гьеб дур щулалъиги лъан,
Щулияб рагӏи кьуна, кумек гьабилин абун.
Аллагьасул рахъалъан баракат-кириги дуй,
Жамагӏаталъул рахъалъ баркалаги даимаб.
Хадубги, къо-мех лъикӏ гьабулаго, щиб къваригӏаниги раккейила жиндихъеян абун буго Расулица.
Гьеб кагъат босун рачӏиндал, хӏалтӏи гьабизе жидеца тӏаде босилин, рогӏрал нужецаго ралагьизе ккелилан абун буго Хӏажица. Ана нахъеги Расулихъеян ракӏалдещвезабулеб буго Сайгидгӏалица ва гьес жиндирго лъале-хъвалезухъеги ахӏун, кумек гьабун буго хӏажатаб къадар рогӏразул балагьизе. Хасго кӏудияб кумек гьабуна «Дагънефть» цолъиялъул генералияв директорлъун хӏалтӏулев вукӏарав Чӏохъа Сагӏидов Гӏабдулатӏипица. Махӏачхъалаялдаго къотӏун, Хунзахъе рехун, гьенисан вертолеталъ рехана рогӏрал хӏажаталъуре. Хӏажиги нахъе ун, гьесул бакӏалда тарав Хочоев Камилил хӏаракаталдалъун къокъабго заманалда Игьали росулъе чвахизабуна тӏубараб лъар.
Кӏиабилеб дандчӏвай
Гьел рукӏана ункъоабилел сонал. Хабар бачӏана, Расул Хӏамзатов Гумбет районалде вачӏунев рагӏулилан. Щибаб росулъ, культучреждениязда унел рукӏана хӏурматияв гьоболасда дандчӏваялъул мурадалда хӏадурлъиялъулал хӏалтӏаби. Кватӏичӏого хабар бачӏана Расулихъан, жив Гумбет районалъул Мелъелтӏе гурев, Игьаливе вачӏунев вугилан. Гьеб къоялде районалъул щибаб росулъа вакилзаби ракӏарана Игьалире. Дандчӏвай букӏана добго, Ватӏанияб рагъда хваразе росу бакьулъ эхетараб памятникалда цебе. Гьениб депутат, шагӏир ва жамгӏияв хӏаракатчи хӏисабалда гьарурал хӏалтӏабазул хӏакъалъулъ къокъабго баян кьуна Расулица.
Хадур кӏалъазе рахъарал районалъул нухмалъулез ва росабазул вакилзабаз лъикӏаб къимат кьуна магӏарул яхӏги махӏги ясбер гӏадин цӏунарав Цӏадаса Хӏамзатил вас Расулие. Гьайгьай, кидадай гьев вихьилаян рукӏарал игьелдериеги рес щвана жидее гьабураб кумекалъухъ гьесие баркала кьезе.
Хадув районалъул ва росабазул нухмалъулелгун цадахъ Расул ана игьелдерил рохьоб бугеб Аллагьасул хӏикмат бихьизе (гьенир руго хасало жаниса хинаб, риидал цӏорораб гьури, гьогьен ракьулъан къватӏибе бачӏунел картӏал). Гьениб лъикӏаб хӏухьбахъиги гьабун, къасиялдехун гьалбадерица игьелдерилгун къо-мех лъикӏ гьабуна.
Магьди Гӏабдурахӏманов,
Игьали росу