Ватӏаналъул кӏалтӏа къараб хъаравул

Гьал къоязда нилъер улкаялда кӏодо гьабулеб буго комсомол гӏуцӏаралдаса 100 сон тӏубаялъул юбилей

Улкаялъул тарихалда ккарал лъугьа-бахъиназул, комсомолалъ гӏахьаллъи гьабичӏеб, цониги хутӏичӏолъиялъе гӏемерал мисалал рачине бегьила.

Дагъистаналъул гӏолилазул гӏуцӏиялъ нилъер умумуздасанго рачӏарал адаб-хӏурматалъул гӏадаталги хӏисабалде росун, кӏудияб гъира-шавкъалда хъулухъ гьабулаан захӏматалъул ветераназе, ригь арал, сакъатал гӏадамазе.

Комсомольцаз кӏудияб захӏматалъул бутӏа лъуна халкъазда гьоркьоб гьудуллъи щула гьабиялъулъ ва гӏолилазе рухӏияб тарбия кьеялъулъги.

Ватӏаналъул ахӏиялъе

гӏолилазул жаваб

Дун комсомолалъул кьеразулъе лъугьана 1965 соналъул маялда. Университет лъугӏаралдаса, школалда дагьабго мехалъги хӏалтӏун, ахӏана комсомолалъул Казбек райкомалде хӏалтӏизе. Гьеб букӏана 1974 сон. Гьеб заманалда гӏолилазул гӏуцӏиялъул букӏана гӏицӏго 56 сон.

Районалъул комсомолалъул гӏуцӏиялда хӏисабалда вукӏана 1500-ялдасаги цӏикӏкӏун гӏолилав. Гьел рукӏана гӏолилазда гьоркьор бищунго жигарал васал ва ясал. Районалда, росабалъгун райцентралда букӏана комсомолалъул 50 гӏуцӏи. Гьез жигараб гӏахьаллъи гьабулаан районалъул социалиябгун экономикияб цебетӏей букӏинабиялъулъ.

Дол соназда гӏадатлъун билълъун букӏана комсомольцазулгун гӏолилазул бригадаби гӏуцӏи. Районалда букӏана гьединаб 25 бригада. Аслияб куцалда гьел хӏалтӏулел рукӏана гӏи-боцӏухъанлъиялда, хурухъанлъиялда, хасго картошка гӏезабиялда. Районалда гӏуцӏун рукӏана республикаялъул цо-цо промышленниял заводазул филиалалги. Гьезул цӏикӏкӏарасел рукӏана Махӏачхъалаялъул радиозаводалъул «тӏанчӏи». Гьел рагьизе гӏемераб хӏалтӏи районалъул нухмалъулезда цадахъ гьабуна комсомолалъул райкомалъги. Филиалал гӏуцӏун рукӏана Дилималда, Гуниялда, Буртунаялда, Ленинаулалда. Гьенир хӏалтӏана нус-нус гӏолилал. Гьезул лъикӏал рахъазул цояб букӏана промышленнияб къайи гьабулел гӏуцӏаби ругониги, росдал магӏишаталъул хурзабахъ гьабулеб хӏалтӏи хӏалуцараб мехалъ, колхозалъе, совхозалъе кумек гьабизе цадахъго рахъин.

Цӏияв инсан куцай — аслияб масъала

Гӏолилазда гьоркьоб гьабулеб хӏалтӏулъ гьезул хъизан-рукъалъул суалазде гӏунтӏун кинабго хӏисабалде босулаан. Мисалалъе, районалда 1975 соналда цо росулъ кӏиго гӏолохъанчи, ригьин гьабун нахъисеб къоялъ, жалго жидецаго гъанкъун ратана. Гьеб иш букӏана жиндехун кӏварбуссинабизе кколеб лъугьа-бахъин. Гьебги хӏисабалде босун, комсомолалъул хӏалтӏухъабаз хъизан гӏуцӏиялъул, гӏолохъанал рос-лъадуда жанир рукӏине кколел гьоркьорлъабазул специалисталги ахӏун, районалъул росабазул гӏолилазда гьоркьоб гьабуна кӏудияб бичӏчӏикьеялъулаб хӏалтӏи. Гьелъул хӏасилалда бажарана тӏоцебе рукъалде руссарал гӏолилазе хъизамалъул рахъалъ тарбия кьеялъул иш лъикӏлъизабизе.

Районалъул комсомолалъул гӏуцӏиялъ лъикӏаб хӏалтӏи гьабулаан гӏолилазул халкъазда гьоркьосел ишал, бухьенал гӏатӏид гьаризе. Районалдаса нус-нус гӏолилал, туристал хӏисабалда, щвана батӏи-батӏиял пачалихъазде.

Билизе тараб тарбияб бечелъи

Абизе бегьула гӏолилазул комсомол гьединаб жамгӏияб гӏуцӏи кибго букӏинчӏилан. Амма квеш ккараб жо буго гӏолилал куцазе букӏараб гьелъул хӏалбихьи, махщел гьанжесел гӏолел гӏелазе тарбиякьеялъулъ хӏалтӏизабулеб гьечӏолъи. Гӏемераб жо, кӏвар кьечӏого, билизе тана. Гьединабго ахӏвал-хӏал буго гьабсагӏат районалдаги. Гьечӏо комсомолалъул музей ялъуни бокӏон. Кӏудияб Ватӏанияб рагъулъ бергьенлъи босаралдаса 30 сон тӏубялда бан гӏуцӏун букӏараб эстафетаялъул нахъе цӏунун щибго гьечӏо. Гьеб заманалда росулъа росулъе, ракӏарун гӏолилалгун, рохалилаб ахӏвал-хӏалалда кьолеб кӏудияб «Щивго кӏочон гьечӏо, щибго кӏочон гьечӏо!» абураб цӏаралда альбом букӏана. Гьелда жанире щибаб росдал комсомолалъул хӏаракатчагӏаз ракӏарун рукӏана росулъа рагъде аразул цӏарал, гьезул биографиял ва рагъулал нухазул хӏакъалъулъ баянал. Гьелги нахъе цӏунун гьечӏо.

Казбек районалдаса рагъде ун вуго 1640 чи, гьезул 894-яв рагъдаса тӏадвуссинчӏо. Тӏадруссаразулги жакъа къоялъ гӏицӏго 3 чи гурони хутӏун гьечӏо. Гьединлъидал лъикӏаб букӏинаан, районалъул гӏолилалги цолъизарун, музей гӏуцӏиялъул суалалда тӏад ургъани.

Комсомолалъул кьеразулъа рахъана партиялъул, советиял ва магӏишатиял гӏемерал нухмалъулел. Гьезул цо чангояз республикаялъул кӏвар бугел бутӏабазда хъулухъги гьабуна. Гьелги ккола Юсуп Салманов, Сапивула Темирбулатов, Юсуп Мухӏамадов, Асланхан Мусаев, Юсуп Дадаев, Гӏабдуразакъ Хӏосенов, Ахӏмадпаша Зиявдинов, Сагӏадат Гӏабдуразакъова, Зайнудин Охъмазов, Ибрагьим Идрисов, Мухӏамадсагӏид Мамайханов, Темирсултан Къадиев, Абубакар Ибрагьимов, Сайрудин Эмеев, Гъайирби Гъайирбиев, Анварпаша Гъайирбегов, Кульписат Гӏабдулманапова, Гӏадукав Базаев ва гӏемерал цогидалги.

Районалъул комсомолалъ тарбия кьун гӏезавуна лъабго Россиялъул Бахӏарчи — Ленинаулалдаса Юрий Салимханов, Гуниялдаса Арзулум Илясов ва Калининаулалдаса Мухӏамад-Казим Гъайирханов. Гьездаса чӏухӏарабги буго Россия.

Комсомолалъул белтал хиси

Гьеб букӏана комсомольцазул гӏумруялда жаниб цӏакъ кӏвар цӏикӏкӏараб политикияб лъугьа-бахъин. Комсомолалъул документал хисулеб заман букӏана дун комсомолалъул райкомалъул тӏоцевесев секретарьлъун хӏалтӏулеб мех. Кӏиазариде бахараб къадаралъул ВЛКСМалъул членазул белтал хиси букӏана дол шартӏазда цӏакъ захӏматаб суал. Щайгурелъул, мисалалъе, гьезул щивасул суратал рахъизе кколеб мехалда, районалда цо гурони суратал рахъулев чи вукӏинчӏолъиялъ, цӏараб болжалалда гьеб хӏалтӏи лъугӏизаби букӏана жавабчилъи цӏикӏкӏараб иш. Гьеб гуребги, щивав комсомолецгун дандчӏван, гьесул кинабго рахъалъан бугеб ахӏвал-хӏал лъазабизе кколаан.

Байбихьуда цогидал районаздаса нахъекколел рукӏаниги, хадуб, рукӏа-рахъиналъул хъулухъ гьабулеб комбинаталъул нухмалъулев Мухӏамад Гӏазаевгун цадахъ лъугьун (суратал гьенир рахъулаан), гьеб иш гӏуцӏизе нижехъа бажарана.

Районалдаса рахъарал гӏуцӏарухъаби цо-цоял жакъаги республикаялъул магӏишаталъул кӏвар бугел хъулухъазда хӏалтӏулел руго. Республикаялъул гидроэнергетикаялъе кьучӏ лъуна Кӏудияб Ватӏанияб рагъде комсомолецлъун арав, гьенив батальоналъул командирлъун вукӏарав Гӏабдулвагьид Муслимовас.

Республикаялда министрзабилъун хӏалтӏана районалдаса Хӏаписат Мухӏамадова, Сайгидпаша Гӏумаханов, Башир Байтемиров, Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимов. Дагъистаналъул прокурорлъун ва хадув Конституциялъулаб судалъул председательлъун хӏалтӏана Салман Хӏажимухӏамадов, Дагъистаналъул Хӏинкъигьечӏолъиялъул советалъул секретарьлъун вукӏана Ахӏмаднаби Магьдихӏажиев. Республикаялъул Верховный судалъул президиумалъул членлъун къогоялдасаги цӏикӏкӏун соназ хӏалтӏана юрист Гунащ Набиев. Гьел киналго руго комсомолалъул тарбия щварал гьалмагъзаби.

Нилъ рохизе ккараб хӏужа буго республикаялдаса 24 комсомолец Ленинилаб комсомолалъул премиялъе ва ВЛКСМалъул централияб комитеталъул хӏурматияб гӏаламаталъе (знакалъе) мустахӏикълъиги. Гьал къоязда басмаялда бахъана гьезул хӏакъалъулъ гьал мухъазул авторас хъвараб «Гӏумруялъул цебесеб кьерда» абураб мажмугӏги.

Жакъасел шартӏазда комсомол яги гьелъ гӏадин гӏолилал куцалеб цоги гӏуцӏи букӏарабани, узухъда, нилъер гӏолеб гӏелалъул гьумер дагьабги берцинаб букӏинаан. Квеш букӏинароан комсомолалъул букӏараб хӏалбихьиялдаса гьанжеги пайда босани.

Зикрула Илясов,

1975-1980 соназда ВЛКСМалъул Казбек райкомалъул

тӏоцевесев секретарь