Зулму гуро, хӏал гуро, «Хӏакъикъат» хъвазе буго

Ахираб заманалда гӏемерисезул кӏалдиб ругьунаб рагӏи буго заман квешлъун, гӏалагъважа цӏикӏкӏун, чороклъи гьарзалъун бугин абураб. Амма къанагӏатавги чияс хӏисаб гьабуларо ва жинцаго жиндиего суалги кьоларо, гьаб чороклъиялдаса рацӏцӏалъиялъе дицаго щибха гьабулеб бугебилан. Бищун бигьаяб жо буго заманалде гӏайиб рехи ва чияр бадибе унеб сумал гӏучӏ бихьизаби. Заман гурин квешлъун бугеб, дунги мунги жагьиллъиялъ кверде росун ругин, нилъерго бадиб къан бугеб чӏалу бихьизе бокьулеб гьечӏин абуни, мекъи-мекъи ралагьула, гьедин бугин тӏолабго улкаялдагойиланги абун, тӏалъиялде гӏайиб рехизеги лъугьуна. Гӏайиб гьечӏев гьудулги, багьана гьечӏей лъадиги йикӏунарин абула магӏарулаз. Гьелъухъего, цогидасул гӏайибал ралагьи лъугьин буго нилъерго жагьиллъи. Жагьиллъиялдаса кӏудияб мискинлъиги кинабха букӏинеб? Щибха гьабизе кколеб? Гьеб суал буго гӏасрабаз инсанияталда цебечӏараб, ва амма жаваб щвезе бокьарасда жаваб балагьизеги кӏолеб. Умумуз абула жагьиласул тӏагӏаталдаса гӏалимасул макьу хириябилан. Гӏалимлъун щивав чи вахъинчӏониги, жагьиллъи лъухьизегӏаги нилъеда кӏола. Гьелде ахӏулел руго «Хӏакъикъат» газеталъги. Жагьиллъиялде данде рагъ балеб алатлъун газеталгун журналал рукӏиналъулги гӏемер бицуна гӏакълуги бугел, гӏелмуялъул ахикьа пихъил тӏагӏамги цӏцӏулел, дунялги бихьарал, лъикӏабги квешабги батӏабахъизе лъалел гӏадамаз. Нилъер кӏудияв шагӏир Расул Хӏамзатовас абулаан газеталгун журналал ругин лъай кьеялъул къебелъийилан. Гьеб къебелъухъе вачӏарав чӏового тӏадги вуссунарилан.

Хӏурматияв магӏарулав, тӏасияб соналъе газеталъе подписка гьабулеб заманги тӏаде щолеб бугелъул, гьелъухъ кьолел гъуршазда барахщичӏого, хъвай ва цӏале миллияб басма. Гьеб хъвазе кколеблъи ракӏалдещвезабе мадугьаласда, гьудул-гьалмагъасда. Нилъеца нилъерго мацӏалъулги, тарихалъулги, адабиятгун маданияталъулги, гӏадат-гӏамалазулги къимат гьабичӏони, гьеб гьабизе къватӏиса чи вачӏунаро ва вачӏарасда цебеги нилъго намусаб ишги ккола.

Редакция