Шамилил мурид – чергесазул наиб
Р. Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб миллияб библиотекаялда тӏобитӏана Гӏамирхан Мухӏамаддадаевас хӏадур гьабураб тӏехьалъул презентация
ХӀX гӏасруялда имам Шамилил нухмалъиялда гъоркь эркенлъиялъе ва чияда бачӏолъиялъе гӏоло унеб букӏараб къеркьеялъул заманалда загьирлъана гӏемерал бахӏарзазулги наибзабазулги цӏарал. Гьединазда гьоркьоса машгьурав вуго Севериябгун Бакътӏерхьул Кавказалъул халкъазда гьоркьоб дин тӏибитӏизабизе, пачаясул Россиялда данде рагъизе, гьел цолъизаризе ва нухмалъи гьабизе имам Шамилица витӏун вукӏарав наиб Мухӏамад-Амин (Гӏасиялав). Исана гьев гьавуралдаса 200 сон тӏубала. Гьелда бан, Мухӏамад-Аминил ватӏан Гьонода росулъ ва республикаялъул тахшагьаралда тӏоритӏулел руго батӏи-батӏиял тадбирал. Гьал къоязда республикаялъул Р. Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб миллияб библиотекаялда тӏобитӏана тарихиял гӏелмабазул кандидат Гӏамирхан Мухӏамаддадаевас хӏадур гьабун къватӏибе биччараб «Магомед-Амин и народно-освободительное движение народов Северо-Западного Кавказа в 40-60 г.г. ХIХ века» абураб архиваздаса документазул, кагътазул, гӏелмиял макъалабазул, ракӏалдещвеязул мажмугӏ. Тӏехьалда лъурал материалазда якъинго рагьулел руго Шамилил наибас-гӏалимчияс, рагъул цевехъанас, гӏансаги Къуръанги гурого кодоб гьечӏого, Севериябгун Бакътӏерхьул Кавказалъул халкъалги цолъизарун, гьениб ислам-динги тӏибитӏизабун, анцӏила цо соналъ пачаясул Россиялде данде вагъиялъул ва цогидалги хӏужаби.
Тӏехьалъул презентациялда кӏалъазе рахъарал Россиялъул гӏелмабазул академиялъул Дагъистаналъул гӏелмияб централъул Тарихалъул, археологиялъул ва этнографиялъул институталъул гӏалимзабаз, хъвадарухъабаз, жамгӏиял хӏаракатчагӏаз, Мухӏамад-Аминил росуцояз, гӏагарлъиялъ тӏадчӏей гьабуна Мухӏамад-Аминил гӏелмуялде, гӏагараб ракьалде букӏараб рокьиялда, ватӏаналъе ритӏухълъиялде, гьелъул лъикӏаб букӏинеселъе гӏоло насиб гьабураб гӏумруялда. Гьев мисаллъун вукӏине ккола гӏолеб гӏелалъе. Миллаталъул цебесеб тарихги, тарихалда цӏар тарал бахӏарзалги, адабиятги, маданиятги, мацӏги кӏочон тараб гӏелалъулги, миллаталъулги букӏинесебги пашманаб кколилан абураб магӏнаялъул кӏалъаялги рукӏана гьенир.
Пайзула Пайзулаев