Жамагӏаталда мугъчӏвани, мекъи кколаро

Росабалъ гӏадамал чӏезе ккани, рекъарал шартӏалгӏаги рукӏине ккеларищ?

Шамил районалъул росабазул лъикӏал бегавулзабазда гьоркьоб цӏар рехсола Ругъелда росдал бегавул Гьитӏинамухӏамад Гьитӏинамухӏамадовасулги. Росдал жамагӏатги разиго буго гьесдаса. Гьединлъидал ахираб заманалда гьабураб хӏалтӏулги, гьабизе бугелъулги, дандчӏвалел захӏмалъабазулги бицун, нижеца гьабуна гьесулгун гара-чӏвариги.

— Гьитӏинамухӏамад, учительлъиги тун, бетӏер унтизабулеб гьаб хӏалтӏи тӏаде босиялъе гӏилла щиб ккараб?

— Ракӏалде ккана учителасул хӏалтӏудаса росдаеги жамагӏаталъеги дидаса цӏикӏкӏун хайир букӏинин, гӏолохъангоги вугин, нагагь бажаричӏони нахъеги инин.

— Щибха ккараб, бажаранищ? Сундаса хӏалтӏи байбихьараб? Кинал хӏалтӏаби гьарун бажарараб?

— Дир хӏалтӏуе къимат жамагӏаталъ кьела. Амма хӏалтӏи байбихьана росабалъ ругел гӏолохъабазул сияхӏ гьабиялдаса. Щиб кканиги, гьезул кумек хӏажалъулелъулха. Цинги ваккана бюджеталде. Администрациялде гьоркьобе унеб анлъго росу (Ругъелда, Сомода, Хьонохъ, Гӏурчухъ, Хьиндахъ, Мусрухъ) бугониги, гьенир гьаризе кколел хӏалтӏаби гӏемер рукӏана. Амма, гӏадамазул къадаралде балагьун гурони гӏарац биччаларелъул, гьелги дагьго руго. Бугониги кӏварабщинаб гьабизе байбихьана. Масала, ругъелдерил Къараде авалалде ва мусрухъезул лъарада тӏасан лъуна машина хьвадизе рес кьолел кьоял. Сомода, Мусрухъ, Хьиндахъ рана кверкьовул рукъзал. Хьонохъ цӏигьабуна росдал къулгӏа, тӏадеги бана хӏамамги хӏажатханаги. Хьиндахъ бана 25 тонна лъел жанибе унеб хӏавуз. Гьединабго хӏавуз бана участкаялъул больницаялъеги. Цоги рукъ тӏадеги бан, гӏатӏид гьабуна администрациялъул мина. Ругъелда росдал клубалъе гьабуна капиталияб ремонт. Ремонт гьабуна Сомода росдал клубалъеги. Гӏемерисеб хӏалтӏи буссараб букӏана нухал-кьоял гьариялде. Ахираб заманалда цӏикӏкӏун руго машинаби. Чара гьечӏого хӏажат букӏана Ругъелда ва Хьиндахъ росабалъ машинаби чӏезаризе майдан. Гӏемераб гамачӏги баччун, къедги гьабун, гӏолохъабазул кумекалдалъун тӏубана гьеб суал. Росулъ буго хӏалтӏулеб Т-170 бульдозер. Гьелъул кумекалдалъун нухал гьаруна магъилъеги кулабахъеги. Гьанже ругъелдисезул рес буго Гьадахъ колоде щвезегӏан магъилъ минаби разе, сомолазеги гьаруна гьединалго нухал. Токалъул хӏал гӏоларого, Мусрухъ, Хьонохъ ва Сомода росабазул авалазда хисана трансформаторал. Дунго разияб хӏалтӏи буго байбихьун, амма исана гьеб рагӏалде бахъинаро. Гьебги ккола Гъоркьамочӏо абураб бакӏалда бараб лъел хӏавуз. Гьениб сверухълъи бацӏцӏад гьабун буго гъветӏ-хъарахъалдаса, къедги бан, лъел рахъги гьабун буго. Гьелда сверухъ рукӏине руго волейболги футболги хӏалел майданал. Сверухъ гъутӏбиги чӏезе руго.

— Мискинабго бюджет букӏаго, кинха рес батараб гьелгощинал хӏалтӏаби гьаризе?

— Бугеб цӏуна-къан хӏалтӏизабуна. Гӏемерисел хӏалтӏабиги гьаруна жамагӏатазул кумекалдалъун. Кумек гьабула депутатазги. Масала, цӏакъ рази вуго райсобраниялъул депутат Гӏабдулаев Мусадасаги Гӏурчухъ росдал депутат Хайрулаев Магъиласдасаги. Гьел кӏиялго руго жавабиял хӏалтӏуда ругел, амма рес батун росулъеги рачӏуна, кумекги гьабула. Рази вуго дун Ругъелда росдал имам Аюбидасаги, Сомодаса Хирамухӏамадидасаги, Хьиндахъа Хӏамзатидасаги.

— Дуца нухмалъи гьабулеб администрациялде гьоркьобе уна 2 СПК, цо гьоркьохъеб ва 5 байбихьул школа, участкаялъул больница, 6 медпункт, 2 ясли-ах, бухьеналъул отделение, 4 культураялъул рукъ, чамалиго тукен. Гьезул хӏалтӏуда хадуб халкквезеги лъикӏаб-квешаб дандбазеги регӏулищ?

— Кӏиябго СПКялъул хӏалтӏи квеш гьечӏо. Къваригӏараб-тарабги дандбала. Ккани кумекги гьабула. Хутӏарал идарабазул рахъалдасанги кумек щола, дицаги бажарараб гьабула.

— Сунцаха жакъа, аслияб куцалда, бетӏер унтизабун бугеб?

— Бетӏер унтизабулеблъун хутӏулеб буго токалъулги телефоналъул бухьеназулги суал. Гьеб кӏиябго букӏинчӏебани, дица цогидалъул бицинего бицинароан. Къелебе токалъул мухъ цӏана 1968 соналда. Гӏемерисел хӏубал руго басралъун, турун. Дагьабниги гьури бахъани, уна ток, ток гьечӏони букӏунаро телефоналъул бухьенги. Къелебеги, Ракьубеги, Дагъбашалдеги ток биччалеб подстанция буго Лъахъ росулъ. Гьел росабалъе унел мухъазда авария кканиги, ток свинабула Къелебе. Ток биччазе подстанциялда хӏалтӏухъанги вукӏунаро радал сагӏат 8 тӏубазегӏан. Районалъул бетӏер Мухӏамад Хӏасановас 5 моцӏрол харж кьуна подстанциялъул хӏалтӏухъабазе, къаси-къасиги гьел хӏалтӏуда чӏаралъухъ. Токалъул бугеб къварилъиялъул бицун дун гӏемеразухъе щвана. Чӏванкъотӏараб кумек гьабулев чи гьечӏого вуго. Мугӏрузул зонаялда вугев республикаялъул бетӏерасул вакил Мухӏамад Камиловас кумек гьабуна хӏубазул рахъалъан (19 хӏуби). Къелебе ва Ракьубгун Дагъбашалде ток биччалеб подстанция базе рагӏи кьун букӏана ДРялъул бухьеналъул ва энергетикаялъул министр Сайгидпаша Гӏумахановасги. Лъаларо щиб гьелъул ккелебалиги. Гьелдаго цадахъ унтараб суал буго бухьеналъулги. Къелебе, Хьонохъ росдаде тӏаде балагьараб бакӏалда лъураб телевышкаялде сигнал бачӏуна Хучада магӏарда бугеб телевышкаялдаса. Гьенибе унеб токалъул мухъалда авария кканиги (гьеб цӏакъ гӏемер ккола) къотӏула нижехъе бухьен. Дие рагӏи кьун букӏана цо хӏакимас «Мегафоналъул» бухьен гьабизе. Гьелъие гӏоло Хьонохъ бугеб телевышка жеги тӏадегӏан базелъун гьабуна машинаялъе нух. Гьебги жеги рагӏалде бахъинчӏо, дида бан гуребха.

— Районалъул нухмалъулезухъа кумек щолищ?

— Рес бугеб жоялъе гьезги, хасго бетӏер Хӏасановасги кумекги гьабула, хӏалаеги ратула.

Сайпула Гьитӏинамухӏамадов