Паркинсонил унти сахгьабизе цӏакъ захӏмалъула
Гӏадалнахул нейронал жагъаллъиялда бан черхалъе ккараб гӏайиблъиялда магӏарулаз абула тӏуртӏудиялъул унтийин. Гӏелмияб къагӏидаялъ абуни — «Паркинсонил унти». Сахгьабизе кӏолареб нервабазул системаялъул гьеб унтиялъ, дару гьабичӏони, унтарав тӏуванго бусаде ккезавула.
РФялъул Сахлъицӏуниялъул министерствоялъул баяназда рекъон, жакъа Россиялда тӏуртӏудиялъул унти бугел чагӏазул къадар 210-220 азарго чиясде бахуна. ВОЗалъул баяналда рекъон, дунялалда тӏад гьеб унтиялъ кӏвекӏулев вуго щуго миллионгӏанасев чи. ДРялда гьелъ унтаразул къадар 300-500 чи вугин абула, амма хӏакъикъаталдаги гьеб къадар гӏемерго цӏикӏкӏун буго.
Тӏуртӏудиялъул унти тӏибитӏиялъе бугеб гӏиллаялъул, гьелъ инсанасул сахлъиялъе гьабулеб заралалъул ва гьелдаса цӏунизе кколеб къагӏидаялъул бицун, дица гара-чӏвари гьабуна РКБялъул неврологияб отделениялъул заведующий, ДРялъул сахлъицӏуниялъул отличник Гӏиса Мухӏамадсултановасулгун:
— Паркинсонил абун цӏар гьеб унтиялда лъеялъе гӏилла щиб?
— 1817 соналда ингилисазул тохтур Джеймс Паркинсоница хъвана «Тӏуритӏудулеб параличалъул хӏакъалъулъ Эссе» («Эссе о дрожательном параличе») абулеб гӏелмияб хӏалтӏи. Абулеб букӏана живго Джеймсги гьеб унтиялъ унтун вукӏанилан. Гьеб рикӏкӏуна «Паркинсонил унти» абун гьелда цӏар лъеялъе гӏиллаги.
— Кин ва сундалъун гьеб унти кколеб?
— Гьелъие гӏиллалъун ккезе бегьула менингиталъ унти, захӏматаб ругъун, букӏин, цӏакъго заралиял синтетикиял наркотикал хӏалтӏизари, инсульт ва херал чагӏазул гӏадалнахулъе гӏураб къагӏидаялда би бачӏунарого букӏин…
— Унтул гӏаламатал кинал рукӏунел?
— Унтарасул вагъа-вачари хӏинцлъи ва гьеб эркенлъи гьечӏеблъун лъугьин, ччорбал дандекъан чӏезари, кверал, бохдул, нилъазулхӏама ялъуни тӏубанго черхго хадуб халкквезе кӏолареб хӏалалда тӏуртӏуди. Унти цӏакъго бичча-бихъан тедал: цо хӏалалда вахъун чӏезе кӏунгутӏи, унаго вахъун чӏун хутӏи, кӏалъазе, къулчӏизе ва кьижизе захӏмалъи, хӏинкъи тӏатин, ургъел гьечӏого лъугьин, бидул тӏадецуй гӏодобе ккей, гӏакълу-пикру мукъсанлъи. Бищунго пашманаб жо, унти сахгьабун бажаруларо.
— Цудунго лъазе кӏолищ унти тӏатунеб букӏин?
— Лугби яги черх сородизе байбихьилалде раккула хӏинкъиялъул цоги гӏаламатал: къаркъалаялъул гӏадлу хвей, махӏ чӏвангутӏи, къад гӏемер кьижизе бокьи, гъиз свари, мугъ къули, бохдул сороди. Маргъал бай, хьитазул чӏалал рухьи, кваналелъул гъуд-гӏучӏ хӏалтӏизаби гӏадал гӏиси-бикъинал жал гьаризе захӏмалъулеб букӏин рикӏкӏуна гьеб унтул тӏоцересел гӏаламаталлъун, ай цӏодорлъи гьабеян черхалъ балеб ахӏи. Нилъерго яги гӏага-божаразул гьединал гӏаламатал ругони, хасго кӏудияб ригьалъул чагӏазул, нахъбахъун течӏого, невропатологасухъе ине ккола.
Тӏуртӏудиялъул унти сахгьабуларо, амма гьеб хӏалуцинчӏого чӏезабизе кӏола.
— Тӏуртӏудиялъул унтиялъ инсанасул чорхое кинаб асар гьабулеб?
— Хола гӏадалнахул дофамин абулеб лъамалъи жаниб лъугьунел нервабазул клеткаби. Нервабазул клеткабаз, дофаминалъул кумекалдалъун, цоялъ цоялъухъе баян кьола. Ва гьелъул кумекалдалъун рекъезабула инсанасул вагъа-вачари, хехлъи ва тирилъи. Нервабазул клеткаби хвеялдалъун гӏадалнахулъ дагьлъула дофамин, гьеб дагьлъарабгӏан, унтиги цӏикӏкӏуна.
— Тӏуртӏудиялъул унти сахгьабиялъул рахъалъ кинабгӏаги цебетӏейго бугищ, гьеб мурадалда цӏиял дараби ургъун ругищ?
— Гьеб унти бугел чагӏи цо къагӏидаялъ ва цого дарабаздалъун сахгьаризе бегьуларо. Амма гьел сахгьариялъул лъалеб цебетӏей буго. Гӏураб къадаралда хӏадурулел руго дофамин хисулеб амантадин, витамин Е, селегилин гӏадал дараби. Нейроназул хвей хьадарлъизабулел мидантан, мирапекс, юмекс ва ПК-Мерц гӏадал дарабазулги гьечӏо бицине гӏураб къварилъи.
Амма унтаразда чара гьечӏого лъазе ккола, тохтурас хъварал гурел, жалго лъикӏал лъугьун, дараби хӏалтӏизаризе бегьулареблъи.
— Дараби гуреб, унти сахгьабиялъул цоги батӏияб-цӏияб къагӏида бугищ?
— Цӏакъго захӏматаб хӏалалда вугев унтарасе операциялдалъун кумек гьабула. Гӏадалнахулъ лъола микрочип, компьютералдаги хурхинабун, гьелъ рекъезабула нейроназул хӏалтӏи ва рагъа-рашариялъе эркенлъи гьечӏолъи инабула. Нилъер республикаялда гьединаб операция гьабуларо, ине ккола Москваялъул Бурденкол цӏаралда бугеб нейрохирургиялъул институталде.
— Унтарас кванил низам цӏунизе кколищ?
— Гӏумру гьабулеб къагӏида гуребги, унтарас хисизабизе ккола кванил диетаги. Сахгьабиялъул диета хӏисабалда, чара гьечӏого тӏуразаризе ккола тохтурасул хадусел малъа-хъваял:
1. Дагь гьабизе ккола кинаб букӏаниги кьаралъи.
2. Лъикӏаблъун рикӏкӏуна гьанал кванидаса тӏубанго инкар гьаби.
3. Кӏванагӏан дагь гьабизе ккола щибаб богол кванил роцен.
4. Пайдаяблъун рикӏкӏуна гьализабун хӏадурараб яги хӏухьлада гьабураб квен.
5. Гьекъезе ккола даруял чӏахӏазул чай.
6. Радал кваназе ккола гӏорцӏизегӏан, къаси кванала тӏадагьаб квен.
Диетаги хасаб гимнастикаги рикӏкӏуна гьеб унти сахгьабиялъул аслиял къагӏидабилъун.
— Тӏуртӏудиялъул унти сахгьабизе кӏоларин абунаха дуца…
— Гьелъ унтун рукӏана Папа Иоанн Кӏиабилевги, боксер Мухӏамад Гӏалиги, хъвадарухъан Ираклий Андрониковги, шагӏир Расул Хӏамзатовги…
Дандекколеб терапия гьабичӏони, гьелъ палижалъул унтуде ва инвалидлъиялде рачуна. Тохтурасул малъа-хъваял тӏадчӏун тӏуразаруни, унти сасуна ва гӏумру гьабизе бигьалъула. Масала, Голливудалъул киноактер Майкл Джей Фоксил чанго сон буго гьеб унти сахгьабулеб.
— Тӏуртӏудиялъул унтиялъ захӏматго ругел чагӏазе кумек гьабун бажарулел тохтурзаби ругищ Дагъистаналда?
— Шагьаразул ва районазул больницабазул неврологиял отделениязда хӏалтӏулел тохтурзабаз гьабула гьезие къваригӏараб кумек. Цӏакъго захӏматаб хӏал бугони, ине бегьула профессорзаби Тажудин Мухӏудиновасухъе ва Зоя Гӏумахановалъухъе.
— Тӏуртӏудиялъул унтиялъ кӏвекӏулел ругезда ва гьелъ унтизе бегьулел чагӏазда щиб дуца малъилеб, сунде кӏвар буссинабилеб?
— Цӏунизе ккола ботӏрол ругънадаса, энцефалит гӏадаб захӏматаб бахунеб унтудаса, халгьабе бидулъ чакрил ва холестериналъул роценалда хадуб, гьединго бидул тӏадецуй гӏорхъолъа ине тоге. Унтун вугинги абун, вегун чӏоге, яхӏ гьабун, заман батун, вахъа цӏияб гьаваялде ва, невропатологасда дандги бан, байбихье унти бигьагьабулеб физзарядка гьабизе.
Гӏемерисел унтарал нижехъе рачӏуна унтиялъ мугъ къеда цвизабидал, ай цӏакъго кватӏун, гьединлъидал гьел сахгьаризе захӏмалъула.
— Тӏуртӏудиялъ унтарал чагӏазе хӏукуматалъ чӏорого дараби кьолищ?
— 1994 соналъул 30 июлалда РФялъул хӏукуматалъ тасдикъ гьабураб № 890 хӏукмуялда рекъон, Паркинсонил унти бугел чагӏазе хӏажатал дараби чӏорого кьола. Гьел росула республикаялъул бюджеталдаса биччараб гӏарцухъ. Гьеб мурадалда, республикаялъул неврологасул хӏасилияб хӏукмуги босун, рецепт тӏалаб гьабизе ине ккола хъвай-хъвагӏай бугеб бакӏалъулаб поликлиникаялъул участкалъулаб терапевтасухъе.
Нури Нуриев