Чӏахӏ-хералъул парччахӏ

Биччанте нужер квен букӏине дарулъун, дару — квенлъун (Гиппократ)

Щибаб росулъ камуларо халкъиял тохтурзаби-местӏерал. Нижер Гьентӏа росдал чӏахӏиял чагӏаз жакъаги адабалда рехсола квербитӏарав местӏер Бижалалъул Нурмухӏамадил цӏар. Гьес сахгьарулел рукӏун руго лъукъарал, унтарал ва сахлъиялъе жагъаллъи бугел гьидерил росабазул гӏадамал. Дол соназ, аслияб къагӏидаялда, унтаразул букӏунаан кӏиго батӏияб гӏарз: «бетӏер унтулеб буго», «чехь унтулеб буго» абун. Сахгьабиги букӏана «унти чӏезабиялда» рекъараб. Унтараб бетӏер, кӏвараб хӏалалъ дандекъан, кварица яги кьурараб чӏортоялъ бухьунаан, цо-цояз гьелда, къвакӏараб гӏучӏалъ кьурун, сверунжо балаан.

Унтаби сахгьарулел дарабилъунги рикӏкӏунаан: мумия, гьоцӏо ва ражипер. Мумия хӏалтӏизабулаан рокьол унтаби, хасго бекараб ракьа сахгьабиялъе, гьоцӏо букӏана киналго унтаби сахгьарулеб дару, ражи рикӏкӏунаан къватӏул унтабазул тушманлъун. Гӏадамаз ражи хӏалтӏизабулаан дунял цӏорораб заманалда.

Цебе магӏарухъ ражи къанагӏатаб нигӏмат букӏана, амма хасалоде гьелъул нахърател гьабичӏого цониги хъизан тӏубалароан. Хьиндалаз абуни, ражигун хинкӏал бищунго цӏакъаб квенлъун рикӏкӏунаан.

Дару-дарман къанагӏатаб некӏо заманалда ресалда ругел чагӏаз унти сахгьабиялъе ва рахунел унтабаздаса цӏуниялъе гӏоло ражи хӏалтӏизабулаан. Египеталъул пирамидабазда жаниб пиргӏавназул саркофагазда, гӏарац-меседалъул къайигун цадахъ археологазда батулеб букӏана ражи. Некӏсиял румазул аби букӏана: «Ражиялъ бахӏарчиясул рекӏеда гвангъун цӏа рекӏинабула, квачалъ гьелъул цӏер лъугьинабидал», — ан. Румазул легионеразул кванилъ ражи чара гьечӏеб букӏана, гьелъ рагъухъанасе къуватги хӏинкъи-къай гьечӏолъиги кьолилан рикӏкӏунаан.

Антибиотиказдаса къуватаб

Некӏо гӏурусазул кашишаз рагъде унел гӏолохъаби тӏоритӏулаан гьадинаб каламалдалъун: «Хӏинкъи лъачӏого букӏиналъе гӏоло чӏвай чӏегӏераб борохь ва лъе гьеб квегӏаб чакмаялда жаниб, вагъизе рагъул майданалде унеб мехалъ, гьебго чакмаялъуб лъе ражидул лъабго бетӏер», — ан.

Некӏсиял греказ гьелда «борхьил чӏахӏилан» абулаан ва борхьица хӏанчӏараб бакӏ, ражи чӏван, сахгьабулаан. Гьоркьохъел гӏасрабазда Европаялда ражи хӏалтӏизабулаан заралиял жалаз унтараб ургьимес сахгьабиялъе.

Гӏурусазул сахгьариялъе дару-дарман хӏалтӏизабизе кколеб къагӏида малъулеб тӏехьалда хъвалеб буго: «Ражи кунев чиясул ургьир бокьонацӏал (чирья) ва цоги заралиял жал рижуларо, рижаралги гьелъ хвезарула», — ян.

Ражиялъ унтаби сахгьариялъе бугеб гӏилла тӏатинабуна гӏалимчи Б. Токинил хӏалбихьияз. Ражиялдаса къватӏире рачӏун, хехго роржун унел жалаз (фитонцидал) чӏвалин унти ккезабулел киналго микробалин чӏезабуна гьес. Дагьал цере гӏалимзабаз тӏоритӏарал цӏех-рехаз бихьизабуна, гьабзаманаялъул къуватал антибиотиказухъа бажаруларел заралиял бактериялги ражиялъ хвезарулел рукӏин.

1858 соналда парангазул химик Луи Пастерица ражидул гажал лъуна бактериял ругеб гъадароялда жанир, цо чанго къоялдасан гьесда бихьана гьелъул цонигиялда аскӏор бактериял хутӏун гьечӏеблъи.

Тӏоцебесеб ва кӏиабилеб дунялалъул рагъазулъ ингилисазул ва гӏурусазул рагъухъабаз пенициллиналъул бакӏалда ражи хӏалтӏизабулаан. Гьединго ражидул лъамалъи хӏалтӏизабулаан ругъназде ккарал микробал хвезаризе.

Гиппократица малъулеб букӏана рахунел унтабазда данде, ругъун чуризе, рак унти сахгьабизе, риххел инабиялъе ражи хӏалтӏизабизе кколин. Авиценнаца сапарчагӏазда малъулаан, чорокаб лъим гьекъезе кколеб бугони, бахунеб унти ккечӏого ва риххел щвечӏого букӏиналъе гӏоло, ражи квине кколин. Гьес абулаан жибго квине ражи къуватаб нигӏмат кколин, гьединлъидал гьеб лъикӏаб бугила кванилъ хӏалтӏизабизе.

Некӏсиял греказул атлетаз Олимпиял хӏаязда, лъикӏал хӏасилал рихьизариялъул мурадалда, ражи кунеб букӏана.

Нилъер заманалда тӏоритӏарал медицинаялъул цӏех-рехаз ражидул бетӏералда гъорлъ букӏин тӏатинабуна: 0,4 процент эфиралъул нах, 0,3 процент гликозид аллиин, пировиноградияб къанцӏа ва аммиак, фитостеринал, фруктоза, крахмал, витаминал — А, Е, С, В1, В6, К ва D, фитонцидал, калий, натрий, кальций, магний, йод, кремниялъул, фосфоралъул ва чӏабтӏил къанцӏаби.

Ражидулъ буго 17 аминокислота, антиоксидантал, черхалъул чара гьечӏого къваригӏунел къанцӏаби — Омега 3 ва Омега 6. Амма гьелъулъ бугеб бищунго къиматаб жо ккола аллицин, гьелъ чӏвала бактериял, дандечӏола цӏа-кан бахиналда ва гьороялда.

12 хӏужа

1. Цинтӏаго рекӏел хӏалценалдаса ва инсульталдаса цӏуни.

2. Бактериял ва вирусал хвезари.

3. Иммунитет щула гьаби.

4. Свакалда дандечӏей.

5. Чакрил унтиялдаса цӏуниялъе квербакъи гьаби.

6. Кеп-хӏалалда хадуб халкквей.

7. Чӏукӏнабаздаса ва грибоказдаса черх бацӏцӏад гьаби.

8. Нерваби гӏодоре риччазариялъе кумек гьаби.

9. Мукъуралъул сахлъи цӏуни.

10. Бихьинчиясул къуват цӏикӏкӏинаби.

11. Рак унти ккеялдаса цӏуни.

12. Гӏумру халат гьаби.

Кин хӏалтӏизабилеб?

Пайдаял жал цӏуниялъул мурадалда ражи гӏемер мехалъ белъине ва бежизе бегьуларо. Ражи гӏисин гьабун буссуна ва 5-10 минуталъ суркӏиниб тола. Гьеб заманалда жаниб уна химикияб реакция ва ражиялъ къватӏибе кьола аллицин. Бачӏинахъего буссараб ражи хьагинибе яги къоноялде рехани, гьеб реакция унаро. Аллицин къватӏибе бачӏарабго, 10-15 минуталда жаниб хӏалакъабго цӏадуда ражи белъани яги бежани, ражидул пайдаял хасиятал цӏунула. Амма лъикӏаб буго гӏатӏго квине.

Къокъго абуни, цӏа хъвачӏеб ражиялъ сахлъи щула гьабула. Кӏочене биччаге, тӏирщараб ражи гӏодобе рехуге, гьеб черхалъе жеги пайдаяб букӏуна.

Нури Нуриев