Гӏатӏидаб нух, халатаб хьул

Васильевасул каламалъулъ буго ракӏчӏейги жавабчилъиги

Журналисталги данде ахӏун, телевидениялдасан суалазе жавабал кьезе тӏоцебе байбихьана ДРялъул бетӏерлъун вукӏарав Мухӏамадсалам Мухӏамадовас (2010-2013 сонал). Букӏанищ гьелъул пайда, кканищ хӏасилго? Гьеб суалалъе жаваб кьезе дун лъугьинаро, амма гьеб иш лъугьана лъикӏаб къиматалъе мустахӏикъаб, информациялъулаб гӏумруялъулъ цӏияб хӏужалъун. Гьесдаса хадув бетӏерлъун вачӏарав Рамазан Гӏабдулатӏиповасул (2013-2017 сонал) рукӏана хасал къагӏидаби, цогидал нахъгӏунтӏуларел хиялал, пикраби, бичӏчӏизе бигьаябин кколеб магӏнаялде босизе захӏмалъулеб калам, гьединалго ишал. Мухӏамадсаламица байбихьараб иш гьес гӏемерго цебетуркӏизабуна, гьелда цӏияб рухӏ речӏчӏизабуна. Кӏигониги нухалда дунгоги ккана телевидениялде («РГВК») данде гьарурал журналистазда гьоркьове. Абиларо гьениб «къараб» ахӏвал-хӏал букӏанин абун, журналистазе кьун букӏана гӏезегӏан эркенлъи, гьукъун букӏинчӏо бокьараб суал кьезе, хӏакъаб жо, рукӏана суалал цереккунго кьезе хӏадур гьарун, бетӏерасул пресс-хъулухъалъулгун дандраралги. Амма хӏалбихьи бугев политикияв хӏаракатчияс, рагӏул устарас цониги суалалъе жаваб кьечӏого толароан. Кинаб суалалъе жаваб кьолеб бугониги, Гӏабдулатӏиповасухъа бажарулаан кинабго бербалагьи жиндехун буссинабизе ва цӏакъ гӏемер хӏалтӏизарулаан «дун», «дица» абурал рагӏаби. Жинда лъаларебги букӏине, живги мекъи ккезе бегьулин, жинхъаги рорчӏун ратизе бегьулин гъалатӏал абурал пикрабицин рукӏинчӏин ккола дида гьесул. Гьелъ батизеги бегьула Дагъистаналъул бетӏерлъуде вачӏаралдаса нахъе гьесие цӏакъго хирияллъун ккарал «Дагъистан, гьанжелъизегӏан кваназабун гурони, сахгьабулеб букӏинчӏо», «церехун рукӏарал нухмалъулел журана басрияб «системаялда» рекъон хӏалтӏизе, гьединлъидал гьезул хӏалтӏиги цебе инчӏо, дица хисизабизе буго тӏолабго система» абурал цӏакъ берцинал, гӏадатиял гӏадамазул гъирабазабулел, гьезул хьул ва божилъи бижизабулел рагӏаби чӏорогояллъун хутӏарал.

Вачӏана, бихьана, ургъана…

Гъоркьиса хаслихъе Гӏабдулатӏипов хӏалтӏудаса нахъе витӏи парахатго къабул гьабуниги, гьесул бакӏалде я нилъ, я нилъеда гӏемер лъаларев Владимир Васильев витӏун вачӏин ккун батила ракӏалдаго букӏинчӏеб лъугьа-бахъин. Халкъалда гьикъун бетӏер я тӏамулеб, я вахъулеб низамги нилъер гьаниб хӏалтӏуларелъул, гӏадамазе хутӏараб жо букӏана цо — лъикӏал хьулалгун иргадулав бетӏерасул рагӏухъ, ишалъухъ, гьесул «цӏилъиязухъ» ралагьун рукӏин. Тӏоцересел моцӏал гьедин анин абуни, гӏемер мекъиги ккеларо. Хадуб дагь-дагьккун байбихьана чӏахӏиял хъулухъаздаса чиновникал рахъизе, гьезул цо-цоял жанир лъезе ва гьезул бакӏазде цӏиял, хасго Татарстаналдаса гӏадамал тӏамизе. Гьелдаго цадахъ бичӏчӏана Васильевас Дагъистаналда хӏурият гьабизе гьечӏеблъи. Гьесул гьединаб мурадги батиларо. Амма лъугьун бугеб ахӏвал-хӏал кьучӏдасанго хисизаби буго чӏванкъотӏун гьесда «тӏад лъураб гьир», гьелъие рагьун руго киналго нухал, руго президентасул божилъигун квербакъи. Гьеб кӏудияб ва захӏматаб хӏалтӏулъ рихьулел ва лъалел рукӏарал масъалабазде тӏаде цӏияв бетӏерасда дандчӏванин ккола ракӏалдаго гьечӏеб чанго масъалаги:

1. Захӏматаб гьир тӏаде бегун букӏин бичӏчӏаниги, гьесда щвалде щун лъалеб батичӏо церечӏарал масъалабазул гӏатӏилъи. Гьеб хӏужа бичӏчӏун хадуб гьес битӏахъе бетӏер ккунинги ккола.

2. Гьесда ва гьесул командаялда гьанжего гьанже бичӏчӏизе байбихьараб хӏисаб буго Дагъистаналъул ва дагъистаниязул хаслъиги гӏадат-гӏамалги.

3. Буго цоги суал — киналго рахъизе (жанир лъезе) мустахӏикъал жавабиял хӏалтӏухъаби рахъани, щал тезе ругел гьезул бакӏазда? Рахъичӏого тани, кин гьелгун хӏалтӏизе ругел? Хӏалтӏизе кигӏан захӏмат букӏаниги, жеги дагьаб заманалъ, цӏиял, профессионалиял кадраби ракӏаризегӏан гьелгун (республикаялда ругел федералиял органал, республикаялъул идараби, муниципалиял гӏуцӏаби) хӏалтӏичӏого рес гьечӏеблъиялъулги, гьеб суалалъулъ кьури гьечӏеб гӏадлу- низам чӏезабизе букӏиналъулги хӏакъалъулъ Владимир Васильевас бицана 30 октябралда телевидениялда («РГВК») журналистазулгун букӏараб данделъиялда. Аслияб суал тӏасияб соналъул бюджеталъул хӏисаб-суал гьаби, ругел баянал дандрай бугониги, хъулухъалде тӏамураб лъагӏалида жаниб журналистазулгун букӏараб тӏоцебесеб данделъиялда Васильевас рорхана цоги кӏвар бугел масъалабиги. Гьесда цадахъ данделъиялда рукӏана хӏукуматалъул председателасул заместитель, экономикаялъулгун финансазул министрал, пачалихъалъул ва хӏукуматалъул жавабиял хӏалтӏухъаби. Амма аслияб кӏалъай гьабуна ва суалазе жавабал кьуна Васильевас. Лъагӏелалъ заман батичӏеб гьаб мисалалъул данделъи щиб гӏиллаялдалъун гьанже тӏобитӏараб? Гьелъие жаваб кьуна живго Васильевасги:

1. Гьанжелъизегӏан нухмалъиялъул букӏинчӏо чӏванкъотӏун дагъистаниязда цебелъезе гӏураб, хӏасил ккараб хӏалтӏи. Гьабсагӏаталда буго гьабураб хӏалтӏиги, руго рекъараб къадаралъул хӏасилалги, гьабизе бугеб хӏалтӏул бичӏчӏиги, гьелъие ресалги.

2. Лъагӏалил бюджет цӏакъго кӏвар бугеб, республикаялъул гӏумруялъул кьучӏлъун букӏинги хӏисабалде босун, гьелъул баянал-тӏалабал дагъистаниязда дандразе бокьи.

Бице, малъе…

Байбихьуда букӏараб кӏалъаялъулъги, суалазе кьолел жавабазулъги Васильев вукӏана ракӏчӏун, бокьараб суалалъе жаваб кьезе хӏадурго. Бихьулеб букӏана лъагӏалида жаниб нилъер хӏакъикъаталъ гьев лъикӏаб хӏалалда лъадарун вукӏин. Цоги хӏужа: цо-цо тарихазулъ чӏванкъотӏи гьечӏониги (гьелъие рукӏана вице-премьер, министрал) цо-цо цӏаразулъ (росаби, районал) мекъи кколев вукӏаниги, бихьулеб букӏана Дагъистаналъул масъалаби гьесда гӏезегӏан гъваридго ва мухӏканго ричӏчӏулел рукӏин. Хӏалбихьи бугев генерал вукӏаниги, гьев гӏажаиблъун вугоан нилъер гьаниб дандчӏвараб ришватчилъиялда, сундухъго балагьичӏого тӏибитӏун бугеб цӏогьалда. Мисал хӏисабалда гьес рехсана ТФОМС, бицана гьениса рикъарал миллиардазул хӏакъалъулъ. Рехсана цоги хӏужа: нухазул идараялъ пуланаб кьо базе бихьизабун буго 1.5 млрд гъуруш, гьелдаса 1 млрд ун буго хӏалтӏуде, 500 млн бикъун буго. Гьелдаго цадахъ загьир гьабуна гьеб унти сахгьабизе кӏвеялда кинабгӏаги щаклъи гьечӏолъиги. Абичӏого гӏоларо гьадинаб жоги: Васильевасул каламалда къанагӏат гурони гьечӏо «дун», «дица» абурал рагӏаби, гьесие хасияталлъун руго «нилъ», «нилъеца», «нижеца» абурал рагӏаби. Гьев лъутулев гьечӏо жавабчилъиялдаса, кӏолеб буго лъаларелда лъаларин абизе, гъалатӏазе мукӏурлъизе, кумек гьабейин, бицейин, малъейин абун ракӏбацӏцӏадго абизе. Гьебги бугин ккола цо лъикӏаб хасият. Бихьулеб буго бицунеб хабарги гьарулел малъа-хъваялги гӏемер гьечӏеблъи, бицунебги гьабулебги гӏага-шагарго дандекколеб букӏин. Амма цӏакъ бокьилароанха мекъи ккезе, цӏибижараб божилъи ва гьединабго хьул, тӏурачӏел анищаздалъун, харбаздалъун лъугӏизе, байбихьараб хӏалтӏи нухбакьулъ хутӏизе.

Гӏабаш Гӏабашилов