«Кир ругониги кӏочон тезе биччаге рахьдал мацӏ»

50 соналъ Москваялда гӏумру гьабун вугев Мухӏамад Дибирасулаев ккола Хунзахъ районалъул Харахьиса

Жиндирго гӏумруялъул бицунаго, Мухӏамадица ракӏалдещвезаруна, масала, гӏараб графикаялъул кьучӏалда гӏажам алфавит гӏуцӏарав Тӏайгиб Гӏумаров (гьесул квералъ хъварал грамматикаялъулги, астрономиялъулги, математикаялъулги хӏалтӏаби жеги цӏунун руго). Бицана Шамил имамасул бахӏарчиял муридзабазулги Кӏудияб Ватӏанияб рагъда гӏахьаллъарал ракьцоязулги хӏакъалъулъ. 1942 соналъул декабралда рагъда хвана гьесул эмен Гӏабдулмаликги.

Мухӏамадил гьудул ва классцояв, ДРялъул мустахӏикъав тохтур Ибрагьим Хӏакимовас бицана гьев вугин ракӏ цӏодорав, цебелъураб масъала тӏубазабичӏого чӏоларев инсанилан. Ватӏаналдаса рикӏкӏад вугониги, вижараб ракь хирияв Дибирасулаевасул ракӏ кидаго букӏунила гӏагараб халкъгун. Дун магӏарулай йигин абураб мехалдаги, Мухӏамадица гара-чӏвари байбихьана рахьдал мацӏалда. Москваялда ругел гӏемерисел магӏарулазул гӏадат бугелъулха гӏурус мацӏалда кӏалъалеб. Дун бахиллъун хутӏана Мухӏамадица бицунеб рахьдал мацӏалъул бечелъиялдаги берцинлъиялдаги, хасго 1969 соналдаса нахъе гьев Москваялда гӏумру гьабулев вугеблъи лъараб мехалда. Гьесул лъадиги ккола Харахьиса, руго ясги васги ва гьезул лъималги. Лъималазги тӏасабищана инсул нух – кӏиялго ккола техникиял гӏелмабазул кандидатал. Рокъоб кидаго бицуна магӏарул мацӏ.

Мухӏамадица бицана Дагъистаналде щведал ккараб гьадинаб лъугьа-бахъиналъул хӏакъалъулъ. «Санайил уна дун росулъе. Магӏарухъе унаго, автобусалда цадахъ ккана классцояй. Гьелъулгун гара-чӏварулаго, нижеца ракӏалдещвезаруна лъимерлъиялъул сонал. Дирго лъималазда дун магӏарул мацӏалда кӏалъалев рагӏидал, гьелъул бадиб магӏу хулана. «Нужеца 50 соналъ гӏумру гьабулеб буго Москваялда. Нужеда сверухъ руго батӏи-батӏияб миллаталъул гӏадамал. Амма нужехъа бажарун буго рахьдал мацӏ цӏунун. Дун нечон йиго жакъа, Махӏачхъалаялда гӏумру гьабулел дир лъималазда лъаларо магӏарул мацӏ», — ан абуна гьелъ.

Махщел тӏасабищи

«Школалда цӏалулеб заманалдаго бокьулаан физика. Никита Хрущевасул заманалда, цӏалиялда цадахъго, студентал хӏалтӏизе кколаан заводалда яги цогидаб, тӏасабищараб махщалида рекъонкколеб, бакӏалда. Букӏинесеб хӏалтӏулгун цебеккунго лъай-хъвай гьаби букӏана гьеб къагӏидаялъул аслияб мурад.

Ичӏабилеб классалдаса нахъе дир анищ букӏана МГУялъул физикияб факультеталда цӏализе ине. Меседил медалалда лъугӏизабуна школа ва, цӏализе ине хӏадурлъулаго, дир гӏагарав чияс, районалъул газеталъул бетӏерав редакторлъун вукӏарав Мухӏамад Жамалудиновас абулеб букӏана Дагъистаналдаго цӏалеян. Чияр бакӏалда захӏмалъизе бугин, цӏалиялда цадахъго хӏалтӏизеги ккезе вугин абулеб букӏана гьес. Гьесул пикруялда тӏадрекъана дунги. 1960 соналда цӏализе лъугьана Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул химиялъулгун технологиялъул факультеталде. 1966 соналда, гьеб лъугӏидал, витӏана Ярослав областалъул Поречскалъул консервабазул заводалде хӏалтӏизе. Амма лъай камил гьабизе бугеб гъираялъ рахӏат толеб букӏинчӏо ракӏалъе. Бокьун букӏана аспирантураялда цӏализе ине. Гьеб бигьаяб ишги букӏинчӏо. Гьелъие хӏажалъулаан Лъайкьеялъул министерствоялъул рахъалдаса кагътал. Дие икъбал ккана. Дун цӏализе лъугьана Холодильнияб промышленносталъул гӏелмиял цӏех-рехазул тӏолгосоюзалъул институталъул (ВНИХИ) аспирантураялде. Гьебги гьадин ккана. Институталде щвараб мехалда, гьенив ватана директорасул заместитель Дмитрий Рютов. Мурад бициндал, гьес столалда тӏад бугеб календаралда хъвана дир цӏар ва абуна, экзаменазде хӏадурлъеян. Экзаменал кьезе вачӏаян ахӏилин абун ракӏалде ккунго букӏинчӏо. Дица я гӏарза кьечӏелъул, я анкета цӏезабичӏелъул. Дун цӏакъ вохана, 1968 соналъул ноябралъул байбихьуда, экзаменазде вачӏаян абураб кагъат дихъе бачӏиндал. Гьединал рукӏана доб заманалда гӏелмиял хӏалтӏухъабиги преподавателалги. Палхӏасил, 1973 соналда лъугӏизабуна аспирантураги, цӏунана техникиял гӏелмабазул кандидатлъиялъе диссертацияги. Гьелъие квербакъараллъун дица рикӏкӏуна нижерго росдал школалъул директор Гӏусман Гъазимухӏамадовги, цӏалдохъабазе лъайкьеялде кӏварбуссинабулел рукӏарал дир учительзабиги, дир гӏелмияв нухмалъулев, техникиял гӏелмабазул кандидат Алексей Иванович Пискаревги.

Аспирантура лъугӏидал, хӏалтӏизе тана институталдаго. Гьенибго хӏадурана гӏелмабазул докторлъиялъе диссертацияги. Дир гӏелмияб мухъалъул хӏалтӏабиги цӏех-рехалги Дагъистаналъе кӏвар бугел гьечӏо, гьединлъидал хутӏана дунги Россиялда. 1991 соналда цӏунана докторлъиялъе диссертацияги», — ян бицана Мухӏамадица.

Гӏалимчияс дида бихьизабуна институт. Гьенир къадазда рарал стендазда ругоан холодильниказул гьанжезаманалъул алатазул суратал. Институталда щибаб къойил хӏадурула ва тӏоритӏула батӏи-батӏиял хӏалбихьиялги цӏех-рехалги, кагътиде росула гьезул ккарал хӏасилалги. Гьезул кумекалдалъун лъазарула холодильниказда кванил нигӏматал халатаб заманалда цӏунизе рес кьолел къагӏидаби. Гьедин чӏезабуна, масала, гьан цӏуниялъул битӏараб къагӏида. Гьеб къагӏидаялъ рес кьола 2,8 млрд гъуршил багьаяб 13,5 азарго тонна гьанал улкаялъе тӏокӏлъизабизе. Институталъул лабораториялъул хӏалтӏухъабазул хӏаракаталдалъун ургъана, ток ва цогидал сурсатал дагьаб къадаралдаги хӏалтӏизарун, кванил нигӏматазул консерваби гьариялъул цӏиял технологиял. Лаборатория хӏалтӏула Россиялда бищунго гучаблъун рикӏкӏунеб «Мясокомбинат «Клинский»» АОялъулгун ва гьанал нигӏматал гьарулеб Черкизовский заводалъулгун къотӏабиги гьарун.

Дибирасулаевасул буго кӏинусгоялдаса цӏикӏкӏун гӏелмияб хӏалтӏи. Гьесие кьуна СССРалъул гӏелмуялъул ва технологиязул пачалихъияб комитеталъулги Промышленносталъулгун гӏелмуялъул министерствоялъулги, Россиялъул росдал магӏишаталъулги, Россиялъул росдал магӏишаталъул гӏелмияб академиялъулги грамотабиги, «Москваялъул 850 сон тӏубаялъул хӏурматалда» медальги.

Гара-чӏвариялъул ахиралда Мухӏамадица дагъистаниязе гьарана гӏагараб ракьалъе ритӏухъаллъун хутӏагиян, жидеца гӏумру гьабулеб шагьаралъулги гьенир ругел гӏадамазулги адаб гьабеян, кӏудиязул хӏурмат цӏунеян ва умумузул гӏадаталги, эбел-инсул мацӏги кӏочон тогеян. «Херлъиялъул адабги гьабулареб, рахьдал мацӏги лъалареб, гӏадаталги цӏунулареб халкъалъул букӏинесеб гьечӏо. Кинаб хъулухъалда нуж ратаниги, цӏуне ритӏухълъи. Ракӏбацӏцӏадаб хӏалтӏудалъун нужедехун ишцоязул божилъи бижизабе», — ян малъана гьес.

Патӏимат Расулова,

Москва шагьар