Къецазул хӏасилал гьаруна
РФялъул Жамгӏияб палатаялда шапакъатал кьуна Дагъистаналъул цӏалдохъабазе
Цӏалдохъабазда гьоркьоб тӏобитӏараб Тӏолгороссиялъул къецалда гӏахьаллъана 353 цӏалдохъан. Гьезда гьоркьоса 100 авторасул хӏалтӏи рикӏкӏана бищун лъикӏаблъун. Гьезда гьоркьор руго Буйнакск районалъул Тӏаса Гъазданущи росдал школалъул анкьабилеб классалдаса Аида Акаеваги Гъизилюрт районалъул Цӏобокь-Миякьоб росдал школалъул ункъабилеб классалъул цӏалдохъан Хадижат Юсуповаги.
Сочинениялъул авторазе шапакъатал кьуна РФялъул лъайкьеялъул министралъул заместитель Татьяна Синюгиналъ. «Нуж руго улкаялъул «меседил нусилаб». Нуж руго бищунго цӏакъал, баркала нужее! Ниж чӏухӏула нужедаса. Нужер гъира буго рахьдал мацӏ лъазабизеги, гьеб мацӏалда нужерго пикраби загьир гьаризеги, гьеб мацӏалда хъвадаризеги. Баркула нужедаги нужер учительзабаздаги бергьенлъи», — ян бицана гьелъ, шапакъатал кьолаго.
Синюгиналъ абуна къецалда бергьарал цӏалдохъабазул сочинениязул мажмугӏ басмаялде бахъизе бугиланги.
«Дир хвелгьечӏев багьадур» абураб Хадижат Юсуповалъул сочинениялда цӏалдохъаналъ хъвалеб буго инсухъе кагъат. Гьев вукӏана низам цӏунулел идарабазул хӏалтӏухъанлъун ва хвана, хъулухъ тӏубалаго.
Аида Акаевалъул сочинениялда хъван буго Дагъистаналъул тункӏазул устар Базалайил хӏакъалъулъ.