Хӏамзатил Расул гьавуралдаса 95 сон тӏубаялъул хӏурматалда газеталъул редакциялъ тӏобитӏараб конкурсалъул хӏасилал гьаруна

Гьеб къецалда гӏахьаллъаразул къадар нусго чиясдасаги тӏаде ун букӏана. Конкурсалда бергьаралин абуни ахӏун рукӏана Махӏачхъалаялде ва гьезие шапакъаталги кьуна. Гьенибго тӏобитӏулеб букӏана киноялъул ва телевидениялъул «Кунаки» абураб фестивальги. Гьезда бергьенлъиги баркун, гьадин абуна «Хӏакъикъаталъул» бетӏерав редактор Гӏали Камаловас:

— Хӏурматиял магӏарул миллаталъул васалги ясалги, гӏисиналги чӏахӏиялги. Ракӏ-ракӏалъ баркула нужеда бергьенлъи. Нужеца бихьизабуна нужерго пасихӏлъиги гӏагараб каламалде бугеб рокьиги. Биччанте жакъасеб бергьенлъи нужее букӏине кӏудиял бергьенлъабазде тӏамурал тӏоцересел галабилъун», — ан.

Конкурсалъул гӏахьалчагӏаз цоги нухалда рикӏкӏана кӏудияв шагӏирасул кучӏдулги.

Шамай Хъазанбиева