Миллат букӏуна, мацӏ бугони

Республикаялда унеб бугеб Северияб Кавказалъул киноялъул ва телевидениялъул фестиваль

Гьелда хурхун Дагъистаналъул Журналистазул рокъоб тӏобитӏана «Миллиял мацӏал цӏуниялъулъ республикаялъул милатазул газетазул кӏвар» абураб цӏаралда гъоркь «гургинаб стол».

Данделъи бачунев Россиялъул халкъазул ассамблеялъул Дагъистаналда бугеб гӏуцӏиялъул председатель, «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редакторасул заместитель З. Илясовас, гьеб рагьулаго, кӏварбуссинабуна миллиял мацӏал лъазариялда сверухъ нилъер республикаялда, Россиялдаго гӏадин, ругел захӏмалъабазде. «Гьелда бан рахьдал мацӏал цӏунизе ккани, тӏоцебесеб иргаялда, гьеб мацӏалда хъизамалда кӏалъазе ккола лъималазда, хадуб ясли-ахаздаги гьединал миллиял къокъаби гьаруни, нилъеда кӏвезе буго мацӏал цӏунизе», — ян. Гьес баркала загьир гьабуна Северияб Кавказалъул киноялъул ва телевидениялъул фестиваль Дагъистаналда тӏобитӏизе квербакъи гьабурал гьеб фестивалалъул президент С. Кусовалъе ва гьелъул директор И. Багъатировасе.

Дагъистаналъул мацӏал лъазаризе, гьезие гӏелмияб къимат кьезе гӏемераб хӏалтӏи жиндир заманалда гьабуна 2012 соналда нилъедаса ватӏалъарав, Дагъистаналъул гӏелмабазул мустахӏикъав хӏаракатчи Александр Кибрикица. Гьесул бетӏерлъиялда Дагъистаналде мацӏазул цӏех-рех гьабизе рачӏарал экспедициязул хӏасилалда къватӏибе бачӏана чанго тӏехь.

А. Кибрикица Арчиб росдал мацӏалъул хӏакъалъулъ хъвана гӏелмияб хӏалтӏи ва гьеб темаялда гӏелмабазул докторасул диссертацияги цӏунана. «Гургинаб столалда» гӏахьаллъи гьабурай гьесул яс Нинаца бицана Дагъистаналъул гӏадамаздехун, гьезул адабияталдехун, мацӏаздехун инсул букӏараб рокьиялъул хӏакъалъулъ. Гьелъ сайгъат гьаруна гьесул тӏахьалги.

Данделъиялда гӏахьаллъи гьабурай фестивалалъул президент С. Кусовалъ тӏадчӏей гьабуна миллиял мацӏал цӏуниялъул мурадалда власталда ругез гьабулеб гьечӏеб тӏалабалда. Гьелъ абуна авторазул гӏахьаллъиялдалъун кинофестивалалда рихьизарулел ругел киноязда миллатазул хаслъи, гьезул адабият ва маданият цебетӏезабизе мацӏазул бугеб кӏваралъул бицунеб бугилан.

«Гургинаб столалъул» данделъиялда гӏахьаллъи гьабуна Цӏумада районалъул Тӏиндиса кьурдухъабазул ва кочӏохъабазул ансамблялъул хӏаракатчагӏаз. Мугӏрузул районазда жидерго хъвай-хъвагӏай гьечӏел мацӏал ругонигиян абулеб букӏана гьез, жидеца лъазабулила магӏарул мацӏ. Гьелъ жидее рес кьолила росу, район бахун къватӏирехун ккедал, цоцада ричӏчӏизе.

Жинда жаниб 1000 рагӏи бугеб «Хварши-гӏурус» мацӏалъул словарь хӏадурун бугилан бицана Цӏумада районалъул Инхокъвари росдал школалъул учитель Мухӏамадова Загьраца.

Жамгӏияб палатаялъул член Д. Халидовас рази гьечӏолъи загьир гьабуна жакъа школазда ругел цӏалул программабазда, щайгурелъул гьениб миллиял мацӏазе бакӏ хутӏулеб гьечӏелъул.

Мацӏазул рахъалъ Абхазиялда бугеб хӏал баян гьабун кӏалъана гьеб республикаялъул парламенталъул председателасул вукӏарав заместитель, Абхазиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул вукӏарав председатель, поэт Геннадий Аламиаца. Гьес бицана Абхазия республикаялъул власталъул гӏуцӏабаз рахьдал мацӏ цӏунизе гьабулеб бугеб хӏалтӏиялъул хӏакъалъулъ.

Данделъиялъул гӏахьалчагӏаз баркала загьир гьабуна гьалбадерие ва тӏиндисезул художествияб хӏаракатчилъиялъул коллективалъеги. Хӏукму гьабуна гьезулгун «Хӏакъикъат» газеталъул редакциялда дандчӏвай гьабизеги.

Зикрула Илясов