Гӏинкълъи — рогьо гуро
Ветеранал рази руго Шамилидаса
Кӏудияб Ватӏанияб рагъул гӏахьалчагӏи Гӏалигӏумар Муртазагӏалиевасул, Любовь Левченкол, Нияз Велиевасул ва Зайнудин Гӏисакъовасул цӏаралда редакциялде битӏун бачӏараб кагътида хъвалеб буго: «Ниж киналго ккола гӏинда бакӏал херал-ветеранал. Чамалиго сон буго гӏинда балеб аппарат букӏине кколедухъ хӏалтӏуларого. Хӏалалъ рилълъун, ине кколаан гьеб къачӏалев ва рекъезабулев специалист валагьизе, амма гьеб махщалил устар валагьи буго цӏакъ захӏматаб масъала. Аллагьасе рецц, 2016 соналдаса нахъе гьеб къварилъи нижеда тӏаса босана «Память поколений» абулеб фондалъул специалист Шамил Чӏинкӏовас. Гьес балагьула нижее дандекколеб аппарат ва рекъезабула гӏинда. Зама-заманалдасан, «Бацӏцӏадаб гьаракь» абулеб централдаса къваригӏунел алаталги росун, вачӏуна нижехъе рокъове гӏинда ралел аппаратазул хӏалтӏиялъул халгьабизеги. Ниж цӏакъ рази руго Шамилица гьабулеб кумекалдаса. Гьесул нижее бищунго бокьулеб хасиятги ккола херал чагӏаздехун букӏунеб недегьлъи, бицунеб рагӏиялъул хӏеренлъи, гӏинкъал чагӏазе кумек гьабизе гьес бахъулеб жигар. Шамил вуго жиндирго хӏалтӏи лъалев ва гьеб бокьулев чи. Бокьун буго меседил кверазул устар Шамилие ва гьесие битӏараб тарбия кьурал гьесул эбел-инсуе ракӏ-ракӏалъулаб баркала кьезе», — ян.
Шамил ккола Гъуниб районалъул Къородаса. Дагъистаналъул политехникияб университеталъул радиотехникияб факультетги лъугӏизабун, хӏалтӏулев вуго Махӏачхъалаялъул Гоголил къотӏноб бугеб «Арника» абулеб поликлиникаялда слухопротезистлъун. Гьес хасаб аппараталдалъун халгьабула чиясда кин рагӏулебали ва, гьелъул хӏисабги гьабун, щивасда дандеккезарун, рекъезарула гӏинда ралел аппаратал. Къачӏала хварал ва басралъарал.
— Шамил, босизе щолищ гьаб заманалъул гӏинда балеб бокьараб аппарат, гьезул багьа кигӏан букӏунеб?
— Багьа бараб букӏуна аппараталъул къуваталда. Масала, бищунго гӏадатияблъун рикӏкӏунеб «Иток У-01» аппараталъул багьа 4500 гъуршиде бахуна, тримерниял цифровиял аппаратазул багьа букӏуна 8-12 азарго гъуруш. Бокьараб программа жаниб лъезе рес бугел аппаратазул багьа 120 азарго гъуршидеги бахуна.
— Гӏинда ралел аппаратал инвалидазе хӏукуматалъ чӏорого кьоларищ?
— Кьола, амма гьел чӏорого щвезе ккани, инвалидаз гӏемераб гӏетӏ тӏезе ккола. Цо идараялда аппаратал чӏорого щолел инвалидазул сияхӏ гьабула, цоги идараялда иргаялда чӏезе ккола, лъабабилеб идараялде гьел росизеги ине ккола. Гьелъ инвалидазул ццим бахъинабула, заман чӏвала, гьединлъидал дагьабниги рес бугес, жинцаго гӏарацги кьун, босула аппарат.
— Аппаратал чӏорого кьолеб бакӏалдаги хӏилла-рекӏкӏ камуларилан бицуна…
— Дагъистаналда киб бугеб гӏарцуда сверун хӏилла-рекӏкӏ камураб бакӏ? Хӏукуматалъ чӏорого кьурал аппаратал рекъезаризе ва къачӏазе дихъе рачӏарал инвалидаз гӏажаиблъи гьабула дир гьанир гьелго аппаратал кӏиго-лъабго нухалъ учузаб багьаялда ратидал.
— Шамил, гӏинда бакӏал чагӏазда щиб малъилеб, кинаб гӏакълу дуца гьезие кьелеб?
— Гӏинда бакӏал цо-цо чагӏи, нечон, аппарат бачӏого чӏей мекъи буго. Жакъасел аппаратал лъола гӏинда жанир ва лъикӏ балагьани гурони, гьел рихьуларо. Гьездаса инкар гьабуни, къобахъанагӏан гӏинкълъиги цӏикӏкӏуна.
Цогидаз кьураб аппараталдаса пайда босизе бегьуларо, специалистас балагьула щивасда дандекколеб аппарат ва рекъезабула.
Нури Нуриев