100 школа
Халгьабуна проект гӏумруялде бахъинабиялъул
Махӏачхъалаялдаги Каспийскалдаги къачӏалел руго «100 школа» абураб проекталда гьоркьоре арал школал. Гьеб иш кинаб хӏалалда бугебали халгьабуна ДРялъул экономикаялъулгун территориалияб цебетӏеялъул министр Гӏусман Хасбулатовасги, гьесул заместитель Гӏабдурахӏман Гӏабдурахӏмановасги, ДРялъул лъайкьеялъул министрасул заместитель Арслан Бачиевасги, Махӏачхъалаялъул лъайкьеялъул управлениялъул начальник Тӏагьир Мухтаровасги.
Гьел цин щвана Махӏачхъалаялъул №51 школалде. Гьениб къачӏалеб буго тӏох ва базе буго цӏияб котельная. Гьел хӏалтӏаби хехлъизареян лъазабуна комиссиялъ.
№34 школалда кьучӏдасанго къачӏалел руго спортзалги душеваяги. Гьенир хӏалтӏулел устарзабаздехун гӏезегӏан суалал рукӏана комиссиялъул. Гьез лъазабуна чӏабар цӏидасан къачӏайилан. «Нужеца чӏабар къачӏалеб куцалъухъ балагьун, бичӏчӏулеб буго, цо чанго соналдасан гьеб цӏидасан туризе бугеблъи. Гьедин ккунгутӏизе, батӏияб къагӏида балагье»,- ян лъазабуна подрядчикасда. Гьесги рагӏи кьуна чӏарбида гъоркь цементалъул гъат лъезе.
Рехсараб проекталда рекъон, №8 лицеялда, цӏулал гордазул бакӏалда, лъолел руго пластикаялъул гордал ва цӏигьабулеб буго тӏох. Гьениб гьабун батана гӏураб хӏалтӏи.
Ахиралда комиссия щвана №4 школалде. Меценатазул гӏарцухъ гьениб тӏубанго хисана школалъул мина хинлъизабулеб къагӏида. Гьарулел руго цӏаккеялдаса цӏуниялъул тадбиралги.
Гьединаб халгьаби щибаб гьатӏанкъоялъ букӏине бугин лъазабуна Гӏусман Хасбулатовас.
Каспийскалъул школазде Гӏусман Хасбулатовасда цадахъ щвана ДРялъул хӏукуматалъул председателасул заместитель – ДРялъул лъайкьеялъул министр Уммупазил Гӏумароваги. Гьез халгьабуна №8 лицеялъул – гьенир цӏигьарулел руго хӏажатханаби ва хисулеб буго данделъабазул залалъул чӏабар. Лицеялъул директор Рашид Гӏабдулаевас абуна, ракӏалда бугин лъел мухъалгун гордалги хисизеян.
№3 школалда хисун буго 48 горду ва къачӏан буго щуго хӏажатхана. Жеги гьедигӏанго хӏажатхана къачӏазе ккола ва хисизе ккола канализациягун школа хинлъизабиялъул къагӏида. Гьенир гьарулел хӏалтӏабазда хадуб халкколеб бугин проекталда гӏахьаллъулев меценатасин бицана школалъул директорас.
Каспийскалъул №4 школалдеги щвана комиссия. Гьенир хисун руго 1973 соналдаго лъун рукӏарал гордал. Жеги къачӏазе руго хӏажатханаби ва хисизе руго кабинетазул нуцӏби.
ДРялъул Лъайкьеялъул министерствоялъул пресс-хъулухъ