Рацӏцӏалъи гьабизе бокьани…

Рищни-къулалдаса, зарал гуреб, пайдаги букӏине рес буго

Гьал къоязда республикаялда цӏадал раялъул хӏасилалда тахшагьаралъул КОРалъулъе чорокаб лъим ун батизе рес бугин, гьединлъидал гьализабун гурони лъим гьекъогеян лъазабулеб буго Дагъистаналъул Сахлъицӏуниялъул министерствоялъ.

«Краналдаса бачӏунеб лъеца чехь-бакьал унтизаризе рес букӏиналда бан, лъим гьализабун яги тукадаса шушбузухъ бугеб босун гурони кванилъ хӏалтӏизабизе ва гьекъезе лъикӏаб гьечӏо. Бокьилароан, чанго соналъ цебеккунго гӏадин, гӏемерал цӏадал ран хадуб чорокаб лъим жанибе ккараб КОРалъул лъеца гӏадамазе зарал гьабизе. Доб мехалда тахшагьаралда 300 чи унтун вукӏана», — ян лъазабулеб буго ДРялъул Сахлъицӏуниялъул министерствоялъ.

Роспотребнадзоралъ КОРалъул халгьабуна ва, лъел кьер хисун гурони, сахлъиялъе зарал гьабулеб кӏудияб хиса-баси ккун батичӏо, лъеца чехь-бакь унтиялъул цогӏаги чияс гӏарзги бачӏинчӏо.

2016 соналда ккараб лъугьа-бахъин гьанжеги такрарлъилин хӏинкъун, тукадаса лъим баччулел руго гӏадамалги. Амма КОРалъубе чороклъи ва гӏадамазе зарал ккеларедухъ тӏадал идарабазе гьабулеб хӏалтӏи бихьулеб гьечӏо.

Дагьал церегӏан къоязда республикаялъул хӏинкъи гьечӏолъи чӏезабиялъул советалъул данделъиялда Роспотребнадзоралъул нухмалъулей Элеонора Гӏумариевалъ жидерго хӏалтӏул хӏакъалъулъ бицунаго, ДРялъул бетӏер Владимир Васильевас лъазабуна нухмалъулелъул хӏалтӏудаса рази гьечӏин. Республикаялда лъим чороклъи сабаблъун гӏадамазе зарал ккеялъул гуреб, гьединал лъугьа-бахъинал цӏидасан кколаредухъ кинаб хӏалтӏи гьабулеб бугебали бицине кколин лъазабуна Владимир Васильевас.

Тахшагьаралъул къватӏаздаса жиндир заманалда рищни-къул бакӏарулеб букӏарабани, цӏадал рараб мехалда КОРги чороклъилароан. Кигӏан бицаниги, рищни-къулалъул суал тӏубанго бахъунеб гьечӏо республикаялда. Кигӏан гӏемерал цӏалул идараби рагьаниги, чӏухӏарал минаби раниги, ахирисел соназда Махӏачхъалаялда рекӏун руго «рищни-къулалъул шагьар», «роржунел къучӏбузул шагьар» абурал тӏокӏцӏарал. Рацӏцӏалъиялъул хӏакъалъулъ бицунаго, кӏочон тезе бегьиларо рощнол къалазухъ кванан хьихьун ругел гӏачиги…

Кинаб хӏалтӏиха гьабулеб бугеб республикаялъул нухмалъиялъ Махӏачхъала рощнолъа бахъиялъул мурадалда? Цогидал регионазда ва къватӏисел пачалихъазда кинаб къагӏида хӏалтӏизабулеб бугеб рищни-къул дагьлъизабиялъе гӏоло? Нилъер нухмалъиялъги къватӏисел пачалихъазул хӏалбихьияздаса пайда босизе бугин рищни-къулалдаса республика бацӏцӏад гьабиялъейин бицунеб буго.

Анкьго завод

Ахираб 20-25 соналъ, кигӏан гӏемер бицаниги, жеги гӏумруялде бахъинабизе кӏвечӏеб анищлъун хутӏун буго республикаялда рищни-къул батӏа гьабулел заводал рай. Исана сентябралъул ахиралда тӏобитӏараб 26-абилеб сессиялда премьер Артем Здуновас лъазабуна тӏадеялъул Дагъистаналда ункъо полигон ва рищни-къул батӏа гьабулеб анкьго завод рагьизе бугин. Гьединго лъазабун букӏана рищни-къул балеб 9 бакӏ къазе бугин абунги.

Рищни-къулалъул цӏурал къалалги гӏадамаз гӏумру гьабун ругел бакӏазда аскӏоса гӏебеде ругел свалкабиги тӏагӏинаризе кинал ресал ратун лъикӏин абураб суалалда тӏасан батӏи-батӏиял пикраби загьир гьарулел руго экологияб, ЖКХялъул ва цогидал рахъазул экспертаз.

Рацӏцӏалъи цӏуниялъе гӏоло гӏемерисез тӏасабищулеб буго рищни-къул бухӏи, цогидазин абуни, къватӏисел пачалихъаздаго гӏадин, батӏаги гьабун, гьелъул цогидаб къайи гьабулел заводал разе кколин рикӏкӏунеб буго. Гьеб къагӏида хӏалтӏизабизе ккани, турулареб рищни-къулалда гьоркьоса (ТБО) бищизе ккола хадубккун пайдаялъе хӏалтӏизабулеб къайи, нахъе хутӏараб рищни-къулин абуни, жиндаса энергия щвезабизелъун, хасал печазухъ бухӏизе бегьула.

Россиялда буго 20500 свалка

Рищни-къул батӏа гьабиялъул рахъалъ миллияб бюроялъул баяназда рекъон, Россиялда буго рищни-къулалъул законияб гуреб 20500 свалка, гьелъ ккун буго миллион га ракьул. Хӏисаб гьабуни, Кипралъул яги Ливаналъул ракьул манзил бащалъула Россиялъул рищни-къул барал ихтияр гьечӏого гьарурал свалкабаз кколеб ракьул манзилалда.

Россиялда щибаб лъагӏалида жаниб турулареб рищни-къулалъул 60 миллион тонна къватӏибе рехула гӏадамаз, гьелъул цогидаб къайи гьабизе гӏицӏго кӏиго процент гурони хӏалтӏизабуларо.

Жиндаса цогидаб къайи гьабизелъун турулареб рищни-къул батӏа гьабулеб бугони, рищнидул полигоназда, гӏадамазе зарал гьабичӏого, ракьулъ букъизе бегьулеб рищни-къулалъул къадар 65 проценталъ дагь гьабизе бажарулин абулеб буго специалистаз.

Миллияб бюроялъул баяназда рекъон, турулареб рищни-къулалъулъ букӏуна жиндаса энергия щвезабизе бегьулел жалазул 25 процент. Гьелин абуни ккола жиндаса цӏатари гьабизе бегьулел жал — RDF (рищни-къулалдаса гьабураб цӏатари). Гьеб цӏатариялъ бигьаго хисизе бегьулаан цемент, хинлъи ва электроэнергия гьабулеб бакӏалда хӏалтӏизабулеб гӏадатияб цӏатари.

Гьеб жо гӏицӏго кагътида бицун тараб цӏиял къагӏидабазул бицен гуро. Гӏисин гьабураб рищни-къул 1950 соназдаса нахъе тӏолабго дунялалдаго RDF къагӏидаялде буссинабулеб буго. Россиялдайин абуни гьединаб цӏатари гьабизе бегьулеб букӏиналдецин чанго соналъ цебеккун гурони кӏвар кьезе байбихьичӏо.

Рищни-къулалъул цӏатари

учузго чӏела

Россиялъул ЖКХялъул эксперт Андрей Савранскияс рикӏкӏунеб буго гӏемерисезда лъалеб гьечӏин рищни-къул цӏатариялъе хӏалтӏизабиялдаса босизе бегьулеб пайдаялъул хӏакъалъулъ. Гӏадамазе энергия яги цогидаб цӏатари бичулел гӏуцӏабазул «экспертаз», рищни-къулалдаса цӏатари гьабизе лъикӏаб гьечӏин, гӏадамазул пикраби мекъи ккезарулел руго. Гьелъие гӏиллаги ккола гьел гӏуцӏабазе жидергояб гуреб цогидаб цӏияб цӏатари гӏадамаз бичун босизе хӏажат гьечӏеблъи. Гьединлъидал тӏадкӏалъаялги цӏикӏкӏуна: гьеб батӏа гьабун бухӏулеб рищни-къулалъулги квешаб кӏкӏуй бахъунин ва гьелъ нилъер сахлъиялъе зарал гьабулин абун.

Исана бараб рищни-къул бухӏулеб щуго завод (Подмосковьеялда ункъо, цо Татарстаналда), жамгӏиял хӏаракатчагӏаз рикӏкӏунеб буго экологиялъе зарал гьабулеблъун.

Савранскиясги рикӏкӏунеб буго гьезул пикру битӏараб бугин. «Европаялъул улкабазда, экологияб рахъалъ кьварарал низамал ругел бакӏазда рищни-къул бухӏулел заводал сордо-къоялъ гьоркьоса къотӏичӏого хӏалтӏула. Европаялъулаз рищни бухӏула, цебеккунго батӏаги гьабун. Батӏаги гьабичӏого, цебекканщинаб рищни-къул бухӏи гьез рикӏкӏуна экономия гьабунгутӏилъунги, экологияб рахъалъ хӏинкъи букӏинлъунги».

Нилъер улкаялдаги, Европаялдаго гӏадин, RDF гьабулеб къагӏида лъазабуна ва «Топал-I» къвакӏараб цӏатари гьабизе байбихьана. Менделеевасул цӏаралда бугеб метрологиялъул институталъ ва Роспотребнадзоралъ гьабураб цӏех-рехалъул хӏасилалдаги гьеб цӏатари бухӏулелъул къватӏибе рехулеб кӏкӏуйдулъ рукӏунел химикиял жал гӏадамазе зарал кколареб къадаралдаса цӏикӏкӏунел гьечӏо.

Ленинград областалда байбихьун буго басриял тӏорччол котельниял хисизе ва гьенир «Топал-I» хӏалтӏизабизе. Гьеб бухӏун, къватӏире рачӏунел газал рацӏцӏад гьарулеб къагӏидаги гӏуцӏун буго. Экологияб рахъ цӏуниялъул киналго тӏалабал тӏуран руго. Гьединлъидал гӏадамал гӏумру гьабун ругеб бакӏалда аскӏоб букӏинеги бегьулеб буго рищни-къулалдаса гьабураб цӏатариялда хӏалтӏулеб бакӏ.

Тӏабигӏияб цӏатари лъугӏулеб ва рищни-къулалъул свалкаби гӏемерлъулеб заманалда, RDF хӏалтӏизабизе байбихьи бищунго лъикӏаб ишлъун рикӏкӏунеб буго ЖКХялъул фондалъул экспертас.

Щиб лъалеб, тӏадеялъулгӏаги Дагъистаналъул шагьаразда рацӏцӏалъи букӏине бегьула. Амма, цо-цояз абулеб буго, заводал ран хадубги рацӏцӏалъи лъугьиналда щаклъи бугин. Щайгурелъул, къватӏазда гуребги, жеги ралъдалъги гьекъолеб лъелъги хӏажат бугелъул гьеб рацӏцӏалъи гьабизе. Ахираб чанго соналда жаниб тахшагьаралда ралел ругел гӏемертӏалаял минабазул канализация кибе ине бугебали пикру гьабулел гӏемер гьечӏелъул. Гьайгьай, тахшагьаралда ранщинал гӏемертӏалаял минабазухъ гӏадамаз гӏумру гьабун хадуб байбихьила гьеб суалалдеги кӏвар кьезе.

Патӏимат Султӏанмухӏамадова