Тарихазул технологиязул заман

Данделъиялда гӏахьаллъана азаргоялдаса цӏикӏкӏун чи

тазул VI халкъазда гьоркьосеб форум тӏобитӏана 5-6 декабралда Грозныялда. Гьелда гӏахьаллъана РФялъул президентасул СКФОялда вугев вакиласул заместитель Сергей Стариковги, Северияб Кавказалъул регионазул нухмалъиялъул вакилзабиги, журналисталгун блогералги.

Форумалда гӏуцӏун рукӏана щибаб республикаялъул СМИязул майданал. Букӏана гьениб Дагъистаналъул бокӏонги.

Форумалъул гӏахьалчагӏазде хитӏаб гьабулаго, Сергей Стариковас гьадин абуна: «Нилъер форум кӏодолъулеб буго соналдаса соналде. Гьеб лъугьана журналистикаялъул цӏикӏкӏараб кӏваралъул суалазул хӏакъалъулъ бицунеб бакӏлъун. Цо-цо гӏадамазда ракӏалде кколеб буго, журналистал гьечӏониги тӏубалин абун, щайгурелъул жакъа информация щола батӏи-батӏиял интернет-сурсатаздаса. Амма гӏицӏго журналистасухъа гурони бажаруларо, пуланаб пикру яги баян мухӏкан гьабун, гьелъул ритӏухълъи цӏехон. Баркала буго Чачан Республикаялъе форум гӏуцӏаралъухъ ва лъикӏаб гьоболлъи гьабуралъухъ», — ан.

Чачан Республикаялъул хӏукуматалъул председатель Муслим Хучиевас цӏалана Рамзан Къадировас гьалбадериде битӏараб саламалъул хитӏаб. «Чачан Республикаялъухъа бажарана халкъазда гьоркьосеб терроризмалъукьа бергьун. Соналдаса соналде лъикӏлъулеб буго гӏадамазул гӏумру. Цебетӏолеб буго промышленность, росдал магӏишат, медицина, туризм. Гьеб пайдаяб ишалъе кӏудияб квербакъи гьабула СМИязги. Журналистазул кумекалдалъун нилъехъа бажарула Кавказалъулги гьелъул халкъазулги хӏакъалъулъ бугеб пикру хисизабизе», — ян абуна гьес.

Кӏиго къоялда жаниб форумалъул гӏахьалчагӏаз бицана журналистикаялъе кӏвар бугел масъалабазул хӏакъалъулъ. Форумалъул аслияб мурад кинаб бугебан абураб суалалъе жаваб кьолаго, «Северияб Кавказ» абураб МЦОИялъул (регионазда гьоркьосеб жамгӏиял пикрабазул центр) генералияв директор Кантемир Давидовас абуна: «Нижеда бичӏчӏизе ккола, щибжо кколебали тарих ва тарихазул технологиязул заманалда, кинал нухал ратизе кколелали печатиял СМИял чӏаго хутӏиялъе. Нижеда лъала жакъа газетал холел ругеблъи, гьединлъидал бицине буго гьел цӏуниялъулги гьанжезаманалде рекъонкколеллъун гьел лъугьинариялъулги хӏакъалъулъ», — ан.

Северияб Кавказалъулги Россиялъул цогидал регионаздаса рачӏаралги журналистазе форумалда рес щвана ишцоязул хӏалбихьиялъулгун лъай-хъвай гьабизе. Гьенир гӏуцӏун рукӏана мастер-классалги, бахӏсалги, лекциялги.

Масала, Росгвардиялъул киностудиялъул начальник Виктор Болтковас бицана документалияб кино бахъиялъул хаслъиялъул хӏакъалъулъ. «Жакъа документалияб кино бахъизе хӏажалъула хӏалтӏул мухӏканаб планги, цӏакъго хирияб багьаялъул гуреб аппаратураги, тӏасабищараб темаги, хӏалтӏизе гъираги», — ян абуна гьес.

Дагӏба-рагӏиялде ккани

Дандеккунгутӏиял, кьал ва дагӏба ккараб бакӏалда хӏалтӏулаго, ритӏухълъи цӏунизе ккеялъул хӏакъалъулъ бицана «Постскриптум» абураб информациялъулгун аналитикаялъул программа бачунев Роман Перевезенцевас тӏобитӏараб мастер-классалда. «Гьединаб бакӏалде гьабураб сапаралдаса рокъове тӏадвуссине бокьани, дур букӏине ккола сабурлъи, бугеб хӏалалъе къимат кьолаго, цӏунизе ккола ритӏухълъи, сундулго кьочӏоде ваккизе ккола – гьеб бигьаяб масъала гуро, амма ритӏухъаб пикру загьир гьабулев журналистасухъа гьеб бажаризе ккола. Масала, сапаралда дандчӏвазе бегьулал ццидалав чигун. Бажаризе ккола гьединасулгунги гӏаммаб мацӏ батизе, цоцаздехун адабалда кӏалъазе», — ян бицана гьес.

Тинал мастер-класс

Продюсер, журналист ва телеведущая Тина Канделакица тӏобитӏана Чачаналъул пачалихъияб университеталъул студентазе мастер-класс. «Инсанасул пикруялдаса хирияб жо щибниги гьечӏо. Нужеда гьеб бичӏчӏизе ккола. Кинаб макъала нужеца хӏадурулеб бугониги, нужеца чанцӏулго халгьабизе ккола баяназул. Биччанте кинабго кьучӏ бугеблъун, мухӏкан гьабураблъун ва ритӏухъаблъун букӏине. Гьелъул мурадалда лъабго батӏияб бакӏалдаса баян тӏалаб гьабизе ккола. Гьебмехалда нужеда божизе руго цӏалдолел. Божилъи гьабизе бегьулел журналистал рокьула халкъалъе», — ян бицана Тинаца.

Рахьдал мацӏалда пресса

Россиялда буго кӏиазаргоялдаса цӏикӏкӏун рахьдал мацӏалда хӏалтӏулеб СМИ. Гьезул ругел масъалабазул хӏакъалъулъ бицана «Миллияб СМИ. Масъалаби ва цебетӏей» абураб данделъиялда. Гьеб нухда бачана Миллатазда гьоркьосеб журналистикаялъул гильдиялъул президент Маргарита Лянгеца. Гьениб бицана пачалихъияб кумек хӏажалъун букӏиналъулги, кадраби гӏунгутӏиялъулги, подписка дагьлъулеб букӏиналъулги хӏакъалъулъ.

Маргарита Лянгел пикруялда рекъон, цогидал регионазде дандеккун, Кавказалда СМИязул хӏал чӏара-хьараб буго. «Кавказалда мацӏал цӏунун хутӏун руго, хӏалтӏулел руго миллиял редакциялги. Цогидал регионазда гьел къалел руго, ва гьелъул кӏвар гьабулев чиги гьечӏо. Нижее бокьун буго къадар дагьал миллатазул редакциязе кадраби хӏадуризе. Гьезие лъайги кьун, ритӏила хӏалтӏизе. Бокьун буго гьел газетал хвасар гьаризе ва хадурккун церетӏезаризе», — ян бицана Лянгеца. Миллиял газетал чарагьечӏого хӏажат ругинги абуна гьелъ.

Гьеб данделъиялда гӏахьаллъана ДРялъул информатизациялъулги, бухьеналъулги, массовиял коммуникациязулги министр Сергей Снегирев. Гьес бицана, жакъа къоялъул аслияб масъала бугин лъикӏаб даражаялъул ва цогидазул гьечӏеб гӏадаб контент гӏуцӏи ва лъимерлъудасаго гьелде ругьун гьари (масала, газеталъул интернет-сайталда батӏи-батӏиял хӏаял, къецал ва гь.ц. тӏоритӏиялдалъун). Гьедин куцан гӏурав цӏалдолев кидаго вукӏине вуго «гӏагараб редакциялъулгун бухьеналда, ай хутӏизе вуго гьелъул цӏалдолевлъун» абулеб букӏана министрас.

«Миллиял СМИязул хӏалтӏи камиллъизабулеб хасаб рецепт гьечӏо, амма руго киназего гӏаммал къагӏидаби, мустахӏикъаб финансирование, пагьмуяб хӏалтӏи, хӏажатал кадраби хӏадури ва вукӏинесев цӏалдолев ватизе жигар бахъи. Лъикӏаблъун ккола социалиял гьиназда миллиял газетазул гьурмал рагьи, мобильниял алатазе приложениял ургъи ва лъимерлъудасаго рахьдал мацӏалде рокьи куцай», — абураб пикруялда разилъана данделъиялъул гӏахьалчагӏи.

Пленарияб заседание

VI-абилеб Форумалъул кӏиабилеб къоялда тӏобитӏана «Тарихазул медиа: цӏияб хӏакъикъат ва цебетӏеялъул нухал» абураб данделъи. Гьелда гӏахьаллъана РФялъул президентасул СКФОялда вугев вакил Александр Матовников, РФялъул Северияб Кавказалъул ишазул рахъалъ министр Сергей Чеботарев, Чачан Республикаялъул бетӏер Рамзан Къадиров, ДРялъул бетӏер Владимир Васильев, Северная Осетия-Аланиялъул бетӏер Вячеслав Битаров, Ингушетиялъул бетӏер Юнус-Бег Евкуров, Кабардино-Балкариялъул бетӏерасул ишал тӏуралев Казбек Коков, Гъарачай-Чергесиялъул бетӏер Рашид Темрезов, Ставрополь краялъул губернатор Владимир Владимиров ва федералиял идарабазулги медиажамгӏияталъулги вакилзаби.

Регионалиял выставкаби

Форумалда рагьун букӏана Арт-резиденция. Гьенир гӏуцӏун рукӏана СКФОялъул СМИязул хаслъи загьир гьабулел регионалиял выставкабиги, digital-зонаги, фотозонаги, рагьараб эфиразул зонаги.

ДРялъул бетӏер Владимир Васильев, РФялъул президентасул СКФОялда вугев вакил Александр Матовниковгун ва республикабазул бутӏрулгун цадахъ щвана выставкабазухъ балагьизе.

Дагъистаналъул павильон бикьун букӏана анлъго тематикияб стендалде. Гьенир церелъун рукӏана республикаялда ругел батӏи-батӏиял тайпабазул СМИял: электрониял, печатиял, телевидение ва тӏахьал. Арт-майданалъ баян кьолеб букӏана 40-ялдаса цӏикӏкӏун газеталъулгун журналалъулги регионалияб телевидениялъулги тарихалъул хӏакъалъулъ. Стендалда рекъезабураб лъабго экраналдасан рихьизарулел рукӏана «Дагъистан» ГТРКялъги, «Дагъистан» РГВКялъги, «Нилъер миллияб телевидениялъги (ННТ)» рахъарал видеороликал. «Дагъистаналъул тӏахьал» абураб стендалда церелъун рукӏана гӏурус ва миллиял мацӏазда рахъарал тӏахьал. «Тарихазулаб Дагъистан» абураб стендалда букӏана лъабго экран ва гьенисан гӏуцӏун рукӏана рагьарал эфирал.

СКФОялъул журналистазул форумалъул пресс-хъулухъ