«Хасалихълъиялъул» выставка

Дагъистаналъул Художниказул союзалъул лъикӏаб гӏадатлъун лъугьун буго щибаб хасалихъе выставкаби тӏоритӏи

Гьедин, масала, дагьаб цебегӏан, 30 ноябралда Дагъистаналъул Художниказул союзалъул выставкабазул залалда рагьана «Хасалихълъиялъул вернисаж» абураб цӏаралда гъоркь выставка.

Выставка рагьулаго кӏалъазе рахъараз бицана меседилаб вернисажалъул гӏахьалчагӏазул, лъикӏал хӏалтӏабазул ва гьезул хаслъабазул хӏакъалъулъ.